Where a word actually gets used.
Every document below is a real text — folklore, news, radio, records. Open one to read it, or search across all of them for a word.
Нилалъул делта
-
1
Нилалъул делта буго Гьоркьияб Египеталда бугеб, Нил гӀор гӀаркьалабазде биххун Ракьдагьоркьосеб ралъадалъе чвахулеб бакӀалда лъугьараб делта.
-
2
Гьеб буго дунялалда ругел бищун кӀудиял гӀоразул делтабазул цояб.
-
3
Гьелъ Ракьдагьоркьосеб ралъдал рагӀалалъул ккола бакътӀерхьуда Алискандериялдаса бахъараб бакъбаккуда Бур-СагӀидалде щвезегӀан 240 км (150 мил), во гьеб буго бечедаб росдал магӀишаталъул икълим.
-
4
Хьундаса бакъдехун делтаялъул халалъи буго гӀага-шагарго 160 кm.
-
5
Делта байбихьула Къагьиралдаса цодагьаб гъоркьегӀан.
-
6
Делта бикьун буго кӀиго аслияб гӀаркьелалъ - Думияталъул ва Рашидалъул гӀаркьалабаз, жалги Ракьдагьоркьосеб ралъдалъе гьел портазулал шагьаразда аскӀосан чвахулел.
-
7
Цере гьел гӀаркьалабазул къадар букӀана 8, амма гьел тӀагӀана Нилалъул чвахуда кколеб хӀалалъ халкквей гьабидал, реьеф хисидал.
-
8
Цебе делта гӀуцӀун букӀана 8 гӀаркьелалъ, гьанже гьезул хутӀун буго 2 кӀудияб гӀаркьел.
-
9
Гьединаб тӀагӀараб гӀаркьелалъул цояб кола Вади Тумилат.