Real Texts
Where a word actually gets used.
Every document below is a real text — folklore, news, radio, records. Open one to read it, or search across all of them for a word.
Парс мацӀ
Wikipedia ·
24 lines
· added 21 Jul
-
1
Парс мацӀ ккола плюрицентрикияб мацӀлъун, жиб аслияб къагӀидаялъ кӀалъалеб мацӀ хӀисабалдаги бугеб, расмияб къагӀидаялда жибги Ираналдаги Афгъанистаналдаги Таджикистаналдаги хӀалтӀизабулеб, гьебги буго гьоркьоб бичӀчӀиги бугеб лъабго стандартияб варианталда: Ираналъул парс, Дари парс (1958 соналдаса нахъе расмияб цӀар буго Дари) ва Таджик парс .
-
2
Гьелда кӀалъала Узбекистаналда ругел таджикалги, гьединго гьеб мацӀ хӀалтӀизабула КӀудияб Ираналъул тарихияб ва маданияб сфераялде кколел территорияздаги.
-
3
Парс мацӀалъе хӀалтӀизабулеб расмияб хъвай-хъвагӀи буго гӀараб аслуялда бугеб парс алипба Ираналдаги Афгъанистаналдаги ва кириллица Таджикистаналда.
-
4
Гьеб мацӀалъул байбихьи буго Ираналъул жанубиябгин бакътӀрхьуда бугеб Парс икълималдаса.
-
5
Грамматика гьелъул буго гӀемерисел европаялъулал мацӀазулазда релълъараб.
-
6
Тарихалда жаниб, Парс мацӀ букӀана къадру бугеб маданияб мацӀлъун, жибги БакътӀерхьул Азиялдаги, Жанубияб Азиялдаги Гьоркьохъеб Азиялдаги рукӀарал империяз хӀалтӀизабулеб букӀараб.
-
7
НекӀсияб парс мацӀалъул хъвай-хъвагӀаби рихьизарун руго нилъеде щвелалде VӀ ва ӀV гӀасрабазда гьоркьоб заманалда некӀсияб парс лъутӀхъваялда гьарурал хӀалтӀабаз, гьоркьохъеб парс мацӀалъул адабият бихьизабун буго арамеял хъвай-хъвагӀабазги, Парфиялъул империялъул заманалда жал гьарурал, ва гьединго руго ӀӀӀ ва X гӀасрабазда гьоркьоб заманалда хъварал мажусазул тӀахьаздаги.
-
8
ЦӀияб парс адабият тӀегьазе байбихьана гӀарабаз Иран кверде босун хадуб, гьелдаса байбихьун хъвай-хъвагӀи бачуна гӀарабалде, гьелъул бищун цересел хъвай-хъвагӀаби ратун руго ӀX гӀасруялда гьарурал.
-
9
Парс мацӀ лъугьуна Исламалъул дуняллалда гӀараб мацӀалъул гӀадаб цӀикӀкӀараб кӀвар бугеб мацӀлъун.
-
10
Парс мацӀалда поэзия хъвай тӀибитӀараб жо букӀана гӀемерал бакъбаккул пачалъиязда.[10] Гьоркьохъел гӀасрабазул парс адабияталъул бищун машгьурал хӀалтӀаби ккола Фирдавсил Шагьнамегь, Румил хӀалтӀаби, ГӀумар ХӀаямил Рубаят, Низамил Панж Ганж, ХӀафизил Диван, Аттар Нишапурил ХӀанчӀазул мантӀикъ ва СагӀади Ширазиясул Гулистан ва Бустан мажмугӀ.
-
11
Парс мацӀалъ цӀакъ кӀудияб асар гьабуна мадугьалихъ рукӀарал мацӀазе: ираналъулал, тюрк, армен, гьиндгин ариян, кавказалъул, гьенибго гъорлъ авар мацӀги.
-
12
ГӀемерал рагӀаби руго авар мацӀалда парс мацӀалдаса рачӀарал.
-
13
Гьединго цо асар букӀана гӀараб мацӀалдеги, гьелъул гӀемерал рагӀаби рачӀана парс мацӀалде гьоркьохъел гӀасрабазда гӀараб кверщел бугем мехалъ.
-
14
Парс мацӀ бюрократиялъе расмияблъун бищун букӀана гьеб рахьдалаблъун жидее кколеб букӀинчӀезги, мисалалъе, ГӀусманияб империялда турказ, яги Афгъанистаналда пуштуназ.
-
15
Амма гьеб асасалъул руго гьоркьосарахъиялги, ва цо-цо рагӀабазулъ ē ва ō гьаракь сверула ва гьаракьалде гурел, яги дифтонгазде жал цебесеб цӀия парс мацалда рукӀарал ва дифтонгаздаса лъугьарал.
-
16
щ. хӀалтӀизабулеб букӀараб некӀсияб парс мацӀалъул давамлъун.
-
17
Дунялалда парс мацӀалда кӀалъалезул къадар бахуна 110 миллионалде, гьенир гъорлъе уна парисал, афгъанал, таджикал, гьазарал, Кавказалъул татал ва аймакъал.
-
18
"Персофон" абураб термин хӀалтӀизабизе бегьула парс мацӀалда кӀалъалезе.
-
19
Классификация Парс мацӀ ккола гьиндгин европаялъулал мацӀазул гьиндгин ираналъулаб гӀаркьелалъул ираналъулаб къоялъул бакътӀерхьул ираналъулал мацӀазул цояблъун.
-
20
ТӀолго парс алипбаялда буго 32 гӀаламат.
-
21
Цебесеб цӀияб парс мацӀалда букӀана щуго халатаб рагьараб ва лъабго къокъаб рагьараб, ва.
-
22
XVӀ гӀасруялдехун гьанжесеб Ираналъул гӀаммаб икълимлъиялда, ва лъугьана гьаракьлъун, ва лъугьана гьаракьлъун.
-
23
Гьединлъидал,басриял shēr "гъалбацӀ" vs.
-
24
shīr "рахь", zūd "хехаб" vs zōr "къуватаб" гӀадал контрастал тӀагӀун руго.