Where a word actually gets used.
Every document below is a real text — folklore, news, radio, records. Open one to read it, or search across all of them for a word.
Сасикьа МухӀамадил ГӀабдурахӀим
-
1
Рокъосан санагӀалъи букӀинчӀого цӀали лъугьичӀого 1959 абилеб соналъул ахиралда академияб отпуск босун рокъов вачӀана.
-
2
Сасикь рукӀарал: ГӀисал МахӀмуд, ГӀалил СагӀаду, Аюбил ХӀайбула, ХӀажиясул Сайфудин гӀадал цӀаларал чагӀазда цебе.
-
3
Хадуб Хуштадасан кӀудияв МухӀамадсайид, Кьохъа СултӀанмухӀамад, МелъелтӀаса Сулайман ва цойгидалги гӀалимзабаздаса лъай босана.
-
4
Дагьаб мехалъ Сириялде ун гьенир ругел гӀалимзабаздасанги мунфагӀат босана.
-
5
ГӀараб гӀелму цӀализе байбихьараб къоялдасан нахъе, жинда лъараб жо цойгидазда малъизеги бай бихьана.
-
6
Гьелъул хӀасилалда лъеберилъаги арал гьесул рукӀарал мутагӀилзаби, цӀаларал чагӀилъунги рахъун, росабалъ мажгитазул имамзабилъунги, мадрасазда мугӀалимзабилъунги хӀалтӀулел руго.
-
7
ГӀелму цӀалиялда цадахъ ГӀабдурахӀимица яхӀ бахъана бусурбабазе чара гьечӀел мажсжидал мадрасаби разеги.
-
8
Жеги дин гьукъараб коммунистазул заманаялъ, 1980 соналъ бай бихьана Сасикь росдал масжид цӀи гьабизе.
-
9
Колхозалъул складги жаниб лъун, бихун унеб букӀана гьеб.
-
10
ГӀемер гӀакъуба бихьун, хӀукуматалъул тӀалъиялъулго дагӀбаги гьабун, гьеб масжид цӀи гьабуна, гьенибе тӀокӀаб складги биччачӀо.
-
11
Гьеб букӀана Дагъистаналдаго цӀияб балеб тӀоцебесеб масжид.
-
12
Хадур лъугьун хӀукуматалъул хӀалтӀухъабиги рукӀана квал-квал гьабулел.
-
13
Ункъо моцӀ гӀанасеб мехалда жаниб масжид бан лъугӀана ва жакъаги гьеб росдал аслияб масжидлъун буго.
-
14
Гьел тӀахьал цо нухалъ Дагъистаналда зарбуялда рахъана, гьел хӀажалъи бугелщиназе гӀечӀелъул, цойги нухалъ Сириялдаги рахъана.
-
15
Гьел тӀахьал магӀарулазул киналгоязде гӀагарун росабалъ гӀадамазухъ руго.
-
16
ЖубачӀого рес гьечӀо: жакъа ГӀабдурахӀимица таржама гьабураб къуръан СагӀудиязул ГӀарабиялъ кьабун ва гьел тӀахьал гьенире арал магӀарул хӀажизабазе чӀобого рикьула руго.
-
17
Чанго гьитӀинаб тӀехь, ва чанго шаргӀияб масъала зарбоялда рахъана.
-
18
ГьабсагӀат зарбоялда кьун буго гӀурус мацӀалда Къуръаналъул лъабго ахираб жузалъул тафсир.
-
19
Гьеб буго цойги мацӀ бицунел лъимал цӀалулеб мадрасалъе хӀадурараб тӀехь.
-
20
Гьединго гӀурус мацӀалда хӀадурун буго ва кватӀичӀого къватӀибе бачӀине буго Фикъгьиялъул масъалаби жанир ругеб тӀехь.
-
21
Гьеб цӀакъго хӀажатаб хӀалтӀи буго мадрасазе ва киналго бусурбабазе.
-
22
Гьесул квербакъиялдалъун рагьана ЦӀияб Сасикь росдал Администрация.
-
23
Бицун хӀал кӀолареб гӀадаб квер бакъана ГӀабдурахӀимица Дагъистаналда Ислам цебетӀеялъе.
-
24
Инкъилаб ккезегӀан цебе ЧӀохъа МухӀамадмирза Мавраевасул басмаханаялда рахъарал гурел, тӀокӀаб хаду тӀахьал риччазе рес кибе букӀараб.
-
25
БукӀарабги гӀелмуги, Къуръаналги тӀагӀун лъугӀун гурищ рукӀарал Дагъистаналда.
-
26
Коммунистазул замналдаги, Тафлисалда, Бакуялда унги балъго рахъизарун, Къуръаналги гӀажамги, гӀарабги тӀахьалги рачӀунаан гьес бусурзабазе.
-
27
Гьеб сабаблъун хӀукуматалъул идарабазул данде ккунгутӀиги букӀунаан гьесул.
-
28
ГӀабдурахӀимица тарбия кьун гӀезабуна анцӀго лъимер.
-
29
Чанго нухаллъ хӀежги борхана гьес.
-
30
ЦӀияб Сасикь росулъги изну кьураб гьечӀониги, какал ралеб гьитӀинаб масжид букӀана.
-
31
1988 соналъул ахиралда росдал жамагӀатги цадахъ лъугьинабун, гьезие нухмалъиги гьабун, байбихьана цӀияб масжид базе.
-
32
Гьелдасан хадубги росулъ кӀиго мадраса баялъе нухмалъи гьабуна, жеги цойги авал-мажгитги бана.
-
33
2007 соналъ живги, жиндирго хъизанги хӀалтӀун ясал цӀалулеб мадраса ва авал-мажгит бана.
-
34
Къуръаналъул ва цогидал таржамаби 1984 соналъ бай бихьун, ГӀабдурахӀимица ункъо соналъ тӀад хӀалтӀун Къуръаналъул тафсир Жалалазул таржама гьабуна, гӀараб мацӀалда тӀад гӀуцӀараб гӀажам хӀарпаз, квералъги хъван.
-
35
Гьелъул мурад букӀана, мутагӀилзабазе тафсир лъаялъе кумек гьаби.
-
36
Гьелда гӀадамазул бугеб хӀажалъи бихьун 1989 соналдасан байбихьун балъго зарбуялдаги кьабун, щуазарго тӀехь къватӀиб биччана ва гӀадамазухъе щвана.
-
37
2002 соналъ жинцаго компютер хӀалтӀизеги лъазабун, гьебго таржама гӀурус хӀарпаздалъунги хъван, гӀемерал цойги тафсиралъул гӀалимзабазул тафсираздасанги мунпагӀат босун, цойги таржама гьабуна.
-
38
Гьесул тӀахьал цойгидазул гӀадин гӀисинал барашюраби гурел ругел, гьел руго чӀахӀиял, тӀад гӀемераб хӀалтӀабиги гьарурал, гӀелму цӀалулезеги, гьелда рокьи бугезеги кӀудияб пайда-хайир кьолел.
-
39
ЖамгӀияб хӀалтӀи Росдалги Дагъистаналъулги жамгӀияб хӀалтӀулъги ГӀабдурахӀимица жигараб гӀахьаллъи гьабуна.