Where a word actually gets used.
Every document below is a real text — folklore, news, radio, records. Open one to read it, or search across all of them for a word.
СахӀара
-
1
СахӀара буго Ракьалда бугеб бищун кӀудияб багӀарараб салуллъи ва гӀатӀилъиялъул рахъалъ кӀиабилеб Антарктикияб цӀорол авлахъалдаса хадуб.
-
2
СахӀара буго Африкаялъул континенталъул шималияб рахъалда.
-
3
БакътӀерхьудаса СахӀара чурула Атлантикияб океаналъ, шималияб рахъалда ккола Атласалъул мугӀруз ва ракьдагьоркьосеб ралъадалъ, бакъбаккуда - БагӀараб ралъадалъ.
-
4
8,6 млн км² (Африкаялъул гӀатӀилъиялдаса 30 %, Бразилия пачалихъалдаса цодагьаб кӀудияб гӀатӀилъи).
-
5
Жанубияб гӀурхъилъун ккола гӀемер багъари гьечӀел некӀсиял дюнаби 16° ш.
-
6
гӀ., гьездаса жанубияб рахъалда буго Сахель - Суданалъул саваналде щвелалде бугеб регион.