Where a word actually gets used.
Every document below is a real text — folklore, news, radio, records. Open one to read it, or search across all of them for a word.
Сириялда Россиялъул Су-24 бортизаби
-
1
Гьеб самолёт букӀарабаниги, нижеца гьелъиеги гьебго жо гьабулаан.
-
2
Нижер сиясат киназдаго лъала.
-
3
Гьениб гьесда лъазабун букӀана, Сириялда тӀобитӀулеб россиялъул рагъулаб операция цӀакъго турциялъул гӀорхъабазда аскӀоб тӀобитӀулеб бугин, ва гьеб жоялъ турциялъул хӀинкъибукӀунгутӀиялъе рахӀат толеб гьечӀин.
-
4
Сириялъулгун-турциялъул гӀорхъабазул мухъалда рагъулаб тӀадкъай тӀобалеб букӀараб Россиялъул гӀарадаби ралеб Су-24, бортизабуна Турциялъул РГЬКЪ-азул гӀарадаби ралеб F-16 самолёталъ «гьава-гьава» ракетаги речӀчӀун.
-
5
Самолёт бортана мугӀрул гӀемераб Жабал ат-Туркман абураб мухъалде.
-
6
Цо чанго нухалъ лъазаби гьабуралдаса хадуб гьезул цояб нахъе анин.
-
7
Кьвагьизабилалда цебе, самолёталъе чанго нухалъ цебеккун лъазаби гьабун букӀанин абураб жо тасдикъ гьабуна Америкаялъул рагъул нухмалъиялъ.
-
8
Лъазабиялъухъ гӀенеккичӀого, 19000 футалъул борхалъиялда кӀиябго самолёталъ хвезабун буго Турциялъул гьаваялъул бакӀ 1,15 милалъул рорженгун 17 секундалда жаниб.
-
9
Цояб самолёталъ Турциялъул гьаваялъул бакӀ тун буго, кӀиабилеб турциялъул F-16s самолётаз бортизабуна.
-
10
Су-24 самолёталъул экипаж хвасар гьариялъул хӀалтӀабазда гӀахьаллъизе бачӀана кӀиго Ми-8 вертолёт.
-
11
Ракьдадасан речӀчӀараб жоялъул хӀасилалда гьелъул цоялъ тӀадаб рещтӀин гьабуна, ва рещтӀарабго мужагьидзабаз гьеб кьвагьизабуна.
-
12
Гьелда вукӀарав россиялъул цо контрактгун вагъизе вачӀарав чӀвана.
-
13
ХутӀарал вертолёталъул экипаж ва хвасар гьариялъул къокъа гьениса нахъе рачун ана.
-
14
Путинил рагӀабазда рекъон, россиялъул Су-24 бортизабизе Турциялъул кинабгӀаги хӀужа букӀинчӀо.
-
15
Киналниги, Россиялъул рагъул авиациялъе хӀинкъи бугел ишанал гьелъ кьвагьизаризе ругоян.
-
16
Турциялъулгун киналниги рагъул бухьенал къотӀизаруна.
-
17
Хадубккун гӀарадаби ралел самолётаз гьаризе ругел рагъул рорженал, россиялъул истребителалги цадахъ чӀезарун гьаризе руго.
-
18
Турциялъул премьер-министр АхӀмад Давудогълуца лъазабуна,Турциялъул ихтияр бугин жиндирго гӀорхъаби цӀунизе киналниги чара гьечӀел тадбирал гьаризеян.
-
19
Гьелдаго цадахъ гьес абуна, гьеб самолёт бортизаби рикӀкӀине кколарин тущманлъиялъул акт хӀисабалдаян.
-
20
НАТОялъул Советалъул хъата-масан гьабураб данделъиялъул хӀасилалда гьеб рагъулабгун-сиясияб блокалъул гӀахьал-пачалихъазул вакилзабаз лъазабуна Турциялъул ракьазул жибго жиндаго чӀей цӀунизе киналго хӀадурал рукӀин, ва кинго гьез Россиялдеги Турциялдеги ахӀи бана гьеб гьоркьоб ккараб жо лъугӀизабеян.
-
21
Нагагь нижер гӀорхъалаби рахун жанибе [изну гьечӀого самолёт] бачӀани нижеца гьелъие жаваб гьабизе буго.
-
22
19 ноябралъ, катастрофа ккелалде щуго къоялъ цебе, россиялъул вакил ахӀун вукӀана Турциялъул къватӀисел ишазул министерлъиялде.
-
23
Гьебги ккола сириялъул хӀукуматалъул армиялъ ва россиялъул рагъулаз гурхӀел гьечӀеб куцалда туркменазул гьениб гӀумру гьабун ругел гӀадамазда данде рагъ балеб мухъ.
-
24
5 минуталда жаниб самолётазе 10 нухалъ лъазаби кьун буго хехаб каналалдасан, нахъе ралагьичӀого къиблаяб рахъалдехун аян.
-
25
РФ-ялъул тущманасдаса цӀуниялъул министерлъиялъ гьединго лъазабуна, турциялъул рахъалъан Су-24-ялъул экипажалъулгун бухьен гьабизе хӀалбихьи гьабиялъул жодор алатаз хъвай-хъвагӀай гьабун гьечӀоян.
-
26
Хъирщигун-хвасар гьариялъул хӀалтӀаби КӀиявго лётчик гъоркье кӀанцӀана, цӀояв парашюталда вукӀаго гӀодове щвезецин течӀого мужагьидзабаз гьаваялдаго речӀчӀун чӀван, кӀиабилесул къисмат лъалеб гьечӀо.