Where a word actually gets used.
Every document below is a real text — folklore, news, radio, records. Open one to read it, or search across all of them for a word.
Истанбул
-
1
Истанбул - Туркиялъул шагьар.
-
2
Туркиялъул темаялда шагӀирас хъвараб тӀоцебесеб асарлъун ккола «Къо-мех лъикӀ, Истанбул» (1959) абураб элегия.
-
3
Гьениб гьес загьир гьабуна Истанбулгун, гьеб некӀсияб, тамашаяб, кидалиго Бакъбаккул кӀудиял пачалихъазул цоялъул тахшагьарлъун букӀараб шагьаргун ккараб дандчӀваялъ, гьесулъ, тӀоцеве Туркиялде щварав батӀияб пачалихъалдаса инсанасулъ бижизабураб жуба-гъубараб асар.
-
4
Бакъ тӀерхьунеб, буго, къо унеб буго,
-
5
Босфоралъул лъеда цӀияб кьер буго.
-
6
Бакъараб Туркия бакъаникакде
-
7
ГӀорцӀарал минараз ахӀулеб буго.
-
8
Унеб буго гама, дида бихьула.
-
9
Гьезул байрахъалъул бахъараб гӀадаб
-
10
Буго хъвархьараб моцӀ зодихъ лъедолеб.
-
11
Къо-мех лъикӀ, Истамбул, Султанил гьундул,
-
12
Сулейманил мажгит, мискинаб улка.
-
13
ГӀарцул ригьзабазда аскӀор гӀодор чӀун,
-
14
Унел-рачӀунезул гьардолел кверал.
-
15
Къо-мех лъикӀ, къватӀазда кофеги гьекъон,
-
16
Кагътал тӀами гьарун мех тӀамулеб гӀел;
-
17
Лъаларо кагътазул лъий талихӀ бугеб -
-
18
Ва амма Турция къваридго буго.
-
19
Къо-мех лъикӀ, гьал гӀицӀал, чамгӀалал хӀатӀал,
-
20
Нуж, чияр чакмаби рацӀцӀунел лъимал.
-
21
Нуж гӀадал гьабсагӀат Гъуниб магӀарда
-
22
ГъутӀбукь кечӀ ахӀулел ратизе руго.
-
23
Къо-мех лъикӀ, ракьалда чӀварал накаби,
-
24
Зобазде рорхарал ракъварал кверал;
-
25
Аза-азар соназ какалги ранин, -
-
26
Кинан нуж Аллагьас гьединан тарал?
-
27
Дун нахъе вуссуна Дагъистаналде -
-
28
Дида лъалагури тӀадмагӀаруллъи, - ГӀазул тӀохал ругел дир рорхалъаби, Лъарал гъулгъудулел дир гъварилъаби.
-
29
Дол нижер мугӀрузда хьухьал рештӀингун,
-
30
Дур угьараб хӀухьел бихьана дида.
-
31
Дол нижер кьураби рецӀцӀулеб мехалъ,
-
32
РецӀцӀулел дур берал щвела ракӀалде.
-
33
Турциялъул лъим чӀван бакӀаб ургъалилъ
-
34
Унеб буго гама Грециялде…
-
35
Дица пашманаб кечӀ ахӀулеб буго, Гьеб «ватӀан, ватӀанин» угьдулеб буго.
-
36
Цинги гьеб шигӀруялдаса хадур рукӀана гьединго жиделъ турказул мотивал загьирлъарал: «Истанбулалда султӀанил хӀарималде щвараб мехалъ хъварал рагӀаби» абураб микьмухъги, кӀиго шигӀруялдаса гӀуцӀараб «Туркиялда ругел дагъистаниязе цӀаларал кучӀдул» абураб гьитӀинабго циклги, «Дир Дагъистанги», «Камил ватӀалъи» абураб марсиятги.