Where a word actually gets used.
Every document below is a real text — folklore, news, radio, records. Open one to read it, or search across all of them for a word.
Таяммум
-
1
Гьеб таяммум гьабула какие чуризе, яги черх чуризе лъим батичӀеб мехалъ, ялъуни гьеб лъимги букӀун, лъим хӀалтӀизабизе бегьулеб гьечӀони.
-
2
Масала: какие чуриялъул яги паризаяб черх чуриялъул лагаялда лъим хъвазе бегьулареб бугони.
-
3
Таяммумалъул щуго рукну буго::ТӀоцебесеб рукну: таяммум гьабулеб лагаялде ракь накълу гьаби жинцаго бугониги, ялъуни жинца изну кьурав чиясниги.
-
4
Гьороца босун бачӀараб ракьул хӀур, лагаялда бугони, гьеб лагаялъе таяммумалъе сверизе гьабун лъулъани гьелъ гӀей гьабуларо, щайгурелъул гьелъие хасаб накълу гьаби гьечӀелъул.
-
5
Гьал цере рехсарал ниятазул бокьараб нияталъ цогидаб гӀамал гьабизе бегьула, мисалалъе, паризаяб как хӀалаллъиялъе ният гьабурас, паризаяб какги бачӀого, тӀаваф гьабизеги бегьула, гьелъул гӀаксалдаги бегьула.
-
6
Гьаб ниятги букӀине ккола тӀоцебе гьумералде ракь накълу гьабиялда хурхун, гьумералде масхӀу гьабиялде цодагьаб къадаралъ хурхинеги ккола: паризаябин абичӀогун ният гьабурав чияс, жинца ният гьабураб гӀамалги хутӀарал гӀамалалги гьаризе бегьула.
-
7
Масала: «Дица ният гьабуна Къуръан цӀализе, ялъуни таяммум гьабизе», - ян ният гьабурав чияс суннатал какал, къуръан цӀали, суннатаб тӀаваф, гьелда релълъарал суннатал гӀамалалги киналго гьаризе бегьула.
-
8
Гьумералдасан гъоркье далараб мегеж бугони, гьеб мегежалъул сахалдаго загьиралдаги масхӀу гьабизе ккола.
-
9
Гьумералъе ракь босулаго, килищалда баргъич бугони, гьеб бахъизе кколаро, амма кӀиабилеб кьабиялъулъ баргъичалде гъоркье ракь щвезе, бахъизе тӀадаб буго.
-
10
Гьаб щуябго рукнуялъул цонигияб камуни, ялъуни тартиб цӀуничӀони, таяммум бегьуларо.
-
11
Сапаралда вугев яги рокъов вугев чиясда лъим жиндие щолареблъи якъинго лъанани, кигӀан тӀалаб гьабуниги, гьев чияс лъим тӀалаб гьабизе кколаро ва лъимги тӀалаб гьабичӀогун таяммумги гьабун как бала.
-
12
ТӀалабги гьабун, лъим батилин ракӀалде кканани, гьес лъим тӀалаб гьабизе ккола.
-
13
Лъим тӀалаб гьабила, какие гӀуж щун хадуб.
-
14
Какие гӀуж щвезегӀан лъим тӀалабги гьабун лъим батичӀони, гьелъ гӀей гьабуларо.
-
15
Лъим тӀалаб гьабизе цоги чи вакил гьавизеги бегьула.
-
16
ГӀемераб жамагӀаталъ цо божарав чи витӀун танани, гьелъги гӀей гьабула.
-
17
Цо пасикъав чияс бицани цо бакӀги бихьизе гьабун, гьениб лъим бугилан, гьес бицараб хабаралда божизе тӀадаб гьечӀо, ай гьенивеги инчӀогун жинцаго тӀалаб гьабиялда гӀейги гьабун, таяммум гьабизе бегьула.
-
18
Гьеб лъим тӀалаб гьабулаго тӀоцебе байбихьила жиндирго цадахъ бугеб къайиялде жаниве валагьиялдаса, хадуб цадахъ ругел гьалмагълъиялда гьикъила, гьезухъги батичӀони, жив вугеб бакӀ битӀараб, мегӀер-кӀкӀал гьечӀеб бакӀ батани, ункъабго рахъалде балагьила живго вугеб бакӀалдасан.
-
19
МегӀеркӀкӀал бугеб бакӀ бугони, жив свердизе ккола, ялъуни цо борхатаб бакӀалде вахина жинда аскӀобегӀан бугеб.
-
20
Таяммум гьабизе бегьизе ккани буго лъабго сабаб::ТӀоцебесеб сабаб: сапаралда букӀа, ялъуни рокъоб букӀа лъим батунгутӀи.
-
21
КӀиабилеб сабаб: жиндихъ бугеб лъеде гӀадамасул, ялъуни хӀурмат бугеб хӀайваналъул гьеб лъим гьекъезе хӀажат букӀин.
-
22
Лъабабилеб сабаб: таяммум гьабизе бегьизе ккани, лагаялда жинда лъим хъвазе бегьулареб унти букӀин.
-
23
Гьеб накълу гьабиги кӀиго нухалъ букӀине ккола.
-
24
КӀиабилеб сабаб: ният гьаби.
-
25
«Дица ният гьабуна паризаяб как хӀалаллъиялъе таяммум гьабизе, яги къуръаналда хъвай хӀалаллъизе, яги паризаяб тӀаваф хӀалаллъизе, яги щукруялъул сужда гьабизе хӀалаллъизе», - абизе.
-
26
Гьаб нияталдалъун цониги паризаяб гӀибадат, паризаяб как, къуръаналда хъвай, паризаяб тӀаваф гӀадал гӀамалал бегьуларо.
-
27
Лъабабилеб рукну: тӀоцебесеб ракьалда кьабурал квераздалъун сахабго гьумералда масхӀу гьаби.
-
28
Гьумералъул расазде гъоркье, ялъуни лъеца каки чурулеб мехалъ гӀадин лага лъулъазе суннатаб гьечӀо.
-
29
Ункъабилеб рукну: кӀиябго квералда масхӀу гьаби.
-
30
Щуабилеб рукну: тартиб цӀуни, цин гьумералда, хадуб кӀиябго квералда масхӀу гьаби.
-
31
Лъим тӀалаб гьабун свердулаго, жиндаго ялъуни боцӀи-малалда хӀинкъани, ялъуни гьеб тӀалаб гьабиялдалъун какил гӀуж унеб бугони, гьедин сверизе.