Where a word actually gets used.
Every document below is a real text — folklore, news, radio, records. Open one to read it, or search across all of them for a word.
Фейсал ибн ГӀабдул ГӀазиз Ал СагӀуд
-
1
Гьелъухъ, 1932 соналда, СагӀудиязул ГӀарабиялъул цолъараб ханлъи гӀуцӀун хадуб, Фейсалие щвана къватӀисел ишазул министерасул хъулухъ.
-
2
Эмен хун хадуб 1953 соналда Фейсал лъугьана тахбакӀалъул ирсилавлъун.
-
3
Фейсалил хӀукмуялъул замана ракӀалда чӀола нарт бахъи цӀикӀкӀиналдалъун, жиб сабаблъун ккун ханлъиялъе цебе букӀинчӀеб бечелъи щвараб.
-
4
Гьедин бечелъи цӀикӀкӀиндал, гьелъ рес кьуна пачалихъалда кьучӀдасан бахъун хиса-басиял гьаризе, цӀияб инфраструктура гӀуцӀизе.
-
5
Фкйсалидаса хадуб тахбакӀалде вачӀана гьесул вац Халид.
-
6
Цоги сагӀудиялъул амирзабазда данде ккун Фкйсалил васазе щвана цебе тӀураб европаялъул лъай.
-
7
Амир Турки ибн Фейсал Ал СагӀуд цӀалана Ню-Жерсиялъул школалдав вв Жоржтаунил университеталда.
-
8
ЧӀахӀиял васаздаса вукӀиналъ, кӀвар бугев асар гьабуна инсул кодоб ГӀарабистаналъул хӀукмо щулалъиялъе.
-
9
1925 соналъ гьесул бетӀерлъиялда гъоркь сагӀудиязул аскаралъ кверщел гьабуна ХӀижаз икълималда.
-
10
Цо заманаялъ гьев вакиллъун вукӀана СагӀудиязул ГӀарабиялъул ООНалда.
-
11
1930 соназда инсул тӀадкъаялда рекъон гьев вачӀана Москваялде ва Ленинградалде.
-
12
Фейсал 1964 соналда лъугьана ханлъун, амма гьеб хъулухъалъе гӀоло гьевгун къацандулев вукӀарав гьесул ва СагӀуд нахъегӀан къала гӀалимзабиги гьоркьоре лъугьун ва гьев пачалихъалдаса къватӀизе ккезавун Женевалде витӀула
-
13
Амир СагӀуд ибн Фейсал цӀалана Принстоналъул университеталда.