Where a word actually gets used.
Every document below is a real text — folklore, news, radio, records. Open one to read it, or search across all of them for a word.
Шагьадат
-
1
Гьединго шагьада абураб рагӀи бачӀуна шагьид абураб магӀнаялдаги, ай диналъе гӀоло къеркьо хварав чи абураб.
-
2
Къокъаб куцалда шагьадаталъул магӀна бачӀуна гьадин: «Дица нугӀлъи гьабула ракӀ чӀун, лъан, хӀакълъунго жиндие лагълъи гьабизе кколеб щибго гьечӀоян, цо вати тӀадав Аллагь гурого, ва дица нугӀлъи гьабула, хӀакълъунго МухӀаммад - Аллагьасул халкъалда дин малъизе витӀарав авараг вукӀиналда».
-
3
ШигӀияз битӀулеб шагьадат батӀа бахъула суннияз битӀулелдаса, тӀаде жубараб «ва ГӀалийюн Валийю Ллагь» - абураб рагӀиялъ, ай "ва дица нугӀлъи гьабула ГӀали Аллагьасул вали вукӀиналда" - абураб.
-
4
Шагьадат битӀи ккола инсанас исламияб дин босиялъе бищун аслияб шартӀлъун.
-
5
Гьелда жаниб буго исламалъул кӀиябго аслияб тӀадкъай, ТӀадегӀанав Аллагь цо гьави ва МухӀаммад авараг Аллагьасул халкъалде витӀарав чапар вукӀиналда божи.
-
6
Бусурбабаз шагьадат битӀула, гӀемераб бакӀалда ва къойида жаниб чанго нусго нухалъ.
-
7
Шагьадат битӀилалда цебе бараб какги, ккурал кӀалалги, гьабураб кинаб бугониги исламалъ тӀад къарал гӀибадаталги, капурав чиясдаса къабул гьаруларо.
-
8
Исламалда жаниб шагьадат битӀарав чиясул би тӀей хӀарамаб буго.
-
9
исламалъул щуябго рукну.
-
10
ГӀага-шагарго гьеб букӀуна щибаб дугӀаялъулъ.