Where a word actually gets used.
Every document below is a real text — folklore, news, radio, records. Open one to read it, or search across all of them for a word.
Аль-ЛатӀифу
-
1
Жив гурхӀулев, хӀеренав.
-
2
Гьаб цӀаралъе мустахӀикълъула жинда балъгоял ва гӀисибикъиналгицин маслахӀаталги лъалев, гьел маслахӀатал рилълъине гьариялъулъ хӀеренлъиги хӀалтӀизабулев чи.
-
3
Кинабго жоялда хадугъейги, гьабулеб пишаялъул хӀеренлъиги данделъани, «лутӀфу» абураб рагӀул магӀна камиллъула.
-
4
Гьебги ТӀадегӀанав Аллагьасулъ гурони камиллъизе рес гьечӀо.
-
5
Гьесул кинабго жоялда хадугъейин абуни, гьелъие гӀорхъи гьечӀо.
-
6
Балъгояб жоги Гьесул гӀилмуялда загьиралда релълъун букӀуна, щибго батӀалъи гьечӀого.
-
7
Гьесул гьабулеб ишалъулъ бугеб хӀеренлъиги гурхӀелги абуни, гьелъиеги гӀорхъи гьечӀо.
-
8
Гьеб бичӀчӀизе ккани, цо-цоккун Гьесул афгӀалал лъазе ккола.
-
9
Гьеб лъанагӀан, «АллатӀиф» абураб цӀарул магӀнаги гьесда цӀикӀкӀун лъала.
-
10
Гьеб хъвазе ккани, гьелъие гьал нилъехъ ругел тӀахьал гӀоларо.
-
11
ТӀадегӀанав Аллагьасул лутӀфуялдаса ккола эбелалъул чохьониб тӀинчӀ цӀуни ва цӀиноялдалъун кваназабун къватӀибе бачӀинегӀан гӀезаби.
-
12
КъватӀибе бачӀун хадуб лъицаниги малъичӀого ва бихьизе гьабичӀого, эбелалъул керен кӀалдибеги босун гьеб хахизе илгьам гьаби.
-
13
ХӀатта хоноги бихъун къватӀибе бачӀараб сагӀаталъ тӀинчӀалда лъала гӀодоса мугь бищизе.
-
14
Гьединго лъимер гьабун хадуса хахулебгӀан заманаялъ гьелъул цабзазде хӀажалъи ккезегӀан гьел рижи нахърахъи.
-
15
Цинги, квен чӀамизе хӀажалъи ккараб мехалъ гьел рижизари, цабиги - цоял бегӀерал, жидеца къотӀулеллъун, цоял - гӀебал, жидеца ххенолеллъун, батӀи-батӀияллъун гьари, кӀадиб лъураб тӀагӀам цабзазда гьоркьобе ккезабизе ва кӀалъазе мацӀ бижи, хӀатта цохӀо лукъма инсанасул ургьибе швезегӀан гьелда тӀад хӀалтӀулел гӀадамазулги гьабулеб хӀалтӀулги хъвазе лъугьани, гьеб хъван рагӀалде бахъинаро.
-
16
ТӀадегӀанав Аллагьасул лагъзадеридехун бугеб лутӀфуялдаса ккола Гьес гьезда бажарулеб жо тӀадкъайги, гӀураб къадаралдаса цӀикӀкӀун гьезие жо кьунгутӀиги.
-
17
Гьединго Аллагьасул лутӀфуялдаса ккола лагъзадерие къокъаб заманалда жаниб дагьа-макъаб гӀамалги гьабун, абадияб талихӀ щвезе рес кьей.
-
18
Ай къокъаб гӀумруялда гьабураб гӀамалалъухъ ахираталда абадияб талихӀ насиб гьаби.
-
19
Гьединго гьесул лутӀфуялдаса ккола ракалдаги биялдаги гьоркьоса бацӀцӀадаб рахь бачӀине гьаби, гьединго къвакӀарал гамчӀазда гьоркьоса къиматаб жавгьар бахъи, наялдаса гьоцӀо къватӀибе бахъи, хӀапароялдаса дарай къватӀибе бахъи.
-
20
Гьеб кинабго бицун бахъунаро.
-
21
Лагъасе гьаб цӀаралдаса бугеб бутӀа ккола, хъачӀлъиги, хӀакъи-бакъир гьариги, дагӀбадиги жибго тун, гурхӀелалдалъунги хӀеренлъиялдалъунги Аллагьасул лагъзал Гьесухъе рачин ва ахираталъул талихӀалде гьел тӀоритӀиги.
-
22
Гьелъулъ бищунго берцинаб лутӀфуялъул нухги ккола, Аллагь разилъулеб жиндирго хьвада-чӀвадиялдалъунги лъикӀал гӀамалаздалъунги халкъ хӀакъкъаб жо къабул гьабиялде рачин.