Where a word actually gets used.
Every document below is a real text — folklore, news, radio, records. Open one to read it, or search across all of them for a word.
Гъуниб мухъ
-
1
Гьелъул руго гӀорхъаби хадусел мухъалгун: Хьаргабиб, Лавашиб, Тум, ЧӀарада, Шамил ва Хунзахъ.
-
2
Жегиги гьелде тӀаде рехана Лак округалдаса Бухтиб росдал шура.
-
3
Тахросу - Гъуниб.
-
4
Гъуниб мухъ буго МугӀрузулаб Дагъистаналда бакьулъ.
-
5
Гъуниб мухъалъул ракьалъул роцен ккола - 609,5 км².
-
6
ДагъЦИКалъул 4-б сессиялда (22.11.1928 сон) Гъуниб округалда ГӀандалал ва КӀуяда мухъаздаса гӀуцӀун букӀана Гъуниб кантон.
-
7
ВЦИКалъул къотӀиялда рекъон (3.06.1929 сон) Гъуниб кантон хисана Гъуниб мухъалде.
-
8
1937 соналда мухъалъул тахбакӀлъун тана Ругъжаб росу, 1944-б соналда - ЧӀохъ.
-
9
РСФСР-алъул 1.02.1963 къабул гьабураб къотиялда рекъон гӀуцӀана Гъуниб мухъ Гъуниб росулъ тахбакӀги тун ва гьелде тӀаде биххизабураб ЧӀарада мухъалъул ракьги тӀаде жубан.