Real Texts

Where a word actually gets used.

Every document below is a real text — folklore, news, radio, records. Open one to read it, or search across all of them for a word.

Гьигьалъа ХӀажимухӀамад ХӀусейнияв

Wikipedia · 24 lines · added 21 Jul
Author
Unknown
Genre
Unknown
Language
Avar
Tags
None
Grammar tags
95.6%
  1. 1
    Гьигьалъа ХӀажимухӀамад ХӀусейнияв (1835 - 1935) АнцӀила ичӀабилеб гӀасруялъул ахиралда, ва къоабилелъул авалалда МагӀарулазда дин исламалъул балъголъаби мухӀканго, камилго, гӀатӀидго лъазариялда, халкъалъе мустахӀикъаб рухӀаният ва жамгӀиябгун напсияб тарбия кьеялда тӀад машгъуллъун, ракӀ бацӀцӀадго, кӀудияб пайдаяб хӀасилалдалъун хӀалтӀулев вукӀарав гӀалимчи, динияв хӀаракатчи, шагӀир, таржумачи, катиб ккола Гьигьалъа ГъазимухӀаммадил вас ХӀажимухӀаммад ХӀусейнияв.
  2. 2
    Цо къарну гӀумруялъул нахъа тана гьес 1835 соналъ гьавурав гьев хвана 1935 соналъ.
  3. 3
    Сверухъ ругел росабалъ гьев лъалаан МухӀамаддибир абураб цӀаралда гъоркь.
  4. 4
    Диниял ва шигӀриял асаразда хадуб гьес хъван батула цин Гьигьалъа ГъазимухӀаммадил вас МухӀаммадин, цин Агъвалиса ХӀусейнияв МухӀаммадилан.
  5. 5
    Гьелъин цо-цоязда гьел асарал хъварал чагӀи батӀи-батӀиял ругиланги кколеб.
  6. 6
    МухӀамад хӀакъикъаталда гьавуна ва гӀуна Гьигьалъ росулъ.
  7. 7
    Хьизан гьабун санал индал гьев жиндирго инсул букӀараб ахикье Агъваливе вахъуна, гьениб минаги бан, магӀишат гьабизе лъугьуна.
  8. 8
    Гьенив гьев хунги вуго, вукъунги вуго.
  9. 9
    Агъвали росдал авалалда буго гьесул хобалда тӀад гьабураб, бусурбабаз зиярат гьабулеб хӀужраги.
  10. 10
    Жиндирго цӀаралда ХӀусейинияв абун тӀаде жубаялъе гӀилла ккола, гьесие жив МухӀаммад аварагасул яс ФатӀиматил вас ХӀусейнил кьибилалъул вукӀин загьир гьабизе бокьи, ай жив сайидазул вукӀин.
  11. 11
    ХӀакъикъаталда гьеб гьединги букӀун буго.
  12. 12
    Гьесул вас, гъумекиса тӀарикъаталъул устар Джамалудинил вацгӀал, ГъазимухӀаммад Гьигьалъе гочун вуго, анцӀила микьабилеб гӀасруялъул кӀиабилеб бащалъиялда.
  13. 13
    МухӀканал чӀванкъотӀарал сонал чӀезариӀзе захӀмат буго.
  14. 14
    Гьелъие гъваридаб цӀех-рех къваригӀуна, гьеб жеги гьабун гьечӀо.
  15. 15
    ГъазимухӀаммад, Жамалудин устарго гӀадин, кколев вуго ХӀусейнил микьабилеб наслуялъул вакил.
  16. 16
    Гьеб сиясиялда чӀезабун буго.
  17. 17
    Шай ГъазимухӀаммад жиндирго ватӀаналде гочинчӀого Гьигьалъе гочарав?
  18. 18
    Гьеб суалалъе жаваб кьезе захӀмат буго.
  19. 19
    ЧӀамалазул жамагӀаталда жанир рукӀана Хъварщиса Загъаласда цадахъ Дагъистаналда машгьурал гӀалимзаби.
  20. 20
    Гьезухъе цӀализе рачӀунел рукӀун руго, жидерго росулъ лъикӀал мугӀалимзаби, гӀалимзаби ругониги, батӀи-батӀиял миллатазул вакилзаби.
  21. 21
    Гьигьалъ росулъа гӀолохъанав гӀелмияв хӀалтӀухъан Шамхалдибир ГӀисаевасул баяназда рекъон, гьесин абуни кьочӀчӀое босун буго Шамил имамасул дурц ГӀабдурахӀманил вас Шамилица гӀуцӀараб жиндир тухумалъул силсилат.
  22. 22
    1721 соналъ Гъазигъумекдерил хан квер гьечӀев Сурхайица лезгиназул Курах росулъ къадилъун тӀамун вуго Мазамма абурав чи.
  23. 23
    хадув вачӀун ватизеги бегьула, гьединал батӀи-батӀиял миллатазул гӀадамал лъай босизе батӀияб росулъе гочин доб заманалда тӀибитӀараб иш букӀана.
  24. 24
    Кин бугониги ГъазимухӀамадил къисмат бухьараб буго Гьигьалъ росдада.