Where a word actually gets used.
Every document below is a real text — folklore, news, radio, records. Open one to read it, or search across all of them for a word.
Гьигьалъа бахӀарзал-Шамилил наибзаби
-
1
Гьаб макъала хъвазе пикру ккана гьаб соналъул 7 январалда къватӀибе бачӀараб "ХӀакъикъат" газеталда бахъараб "Гьигьалъа наибзаби" абураб макъала цӀалидал.
-
2
Гьеб макъалаялъул автор ккола диеги тарихалъул дарсал кьурал Гигьалъ гьоркьосеб школалъул учитель Дибирасулаев МухӀамад.
-
3
ЛъикӀаб xӀалтӀи гьабулеб буго нилъер МухӀамадица нилъер цебесеб тарих наслабазда кӀочонгутӀизелъун 1995 соналъул 16 декабралда бахъун букӀана "РитӀухъльи бергьичӀo" абураб гьесулго макъала.
-
4
МухӀамадица абухъего, тӀахьазда, журналазда, газетазда гӀемер батула Гьигьалъ абун хъвалеб бакӀалда Гъагъалъ, Гьидалъ, Игьали абун хъван.
-
5
Авторас жигар бахъулеб буго гьел гъалатӀал ритӀизаризе.
-
6
Гьебго заманаялда тӀадехун рехсараб макъалаялда гьесулги ккун руго цо-цо гъалатӀал Гьигьальа Къадиласул МухӀамадил бицунаго авторас хъвалеб буго гьадин: "ГӀолохъанаб заманаялда гьев цӀалула батӀи-батӀиял росабалъ, гьесие щола лъикӀаб исламияб льай.
-
7
Рес бугев чи вукӀаниги, гьев уна ГӀахъушаве ва лъазабула ярагъ гьабулеб махшелги.
-
8
Къадиласул MyxӀaмад гьенив вукӀаго, гӀахъушдерилги гӀурусазул солдатазулги ккараб рагьулъ МухӀамадица бихьизабула унго-унгояб бахӀар-чилъи.
-
9
ГӀахъушдерил къадияс гьесие кьола къадруяб тухумалъул яс Адай".
-
10
Дида льаларо авторасда гьел: баянал кисан рагӀарали амма дица Гьигьалъ росулъ кӀалъазанвичӀев тарих лъалел херазда гьоркьов цӀакъго къанагӀат гурони чи xyтӀун ватиларо.
-
11
Къадиласул MyxӀaмад ГӀахъушалив вукӀанин ва гьениса чӀужуги ячун йикӀанин абун дида лъицаниги: бицинчӀо.
-
12
Гьеб буго МухӀамад-ТӀагьирил "Барикъат ассуюф" абураб ГӀypyc ва магӀарул мацӀаздеги буссинабураб тӀехьалдаса бaчӀаpaб хабар.
-
13
Гьелда рехсон вугев Къадиласул МухӀамадги ва Гьигьалъа Къадиласул МухӀамадги цого чагӀи кколаро.
-
14
ХӀакьикъаталда, Къадиласул МухӀамадил чӀужу Адай ГӀахъушаса йикӀинчӀо, гьей йикӀana Губденалдаса ячарай.
-
15
Дир рокъор руго Шамхалов ГӀубайдулаца кьураб дантаралда хъварал, Гьигьалъ росдал къокъал биценал.
-
16
Гьелда буго гьадин: "Имам МухӀамадилал Горданиса ккола, гьезул къебед вачӀун вуго, Къадил цӀарги гьесдасан бачӀараб буго".
-
17
Къади ккола Къадиласул МухӀамадил эмен.
-
18
ХӀакъикъаталда гьигьалъдерица гьеб тайпаялде абула "Горданили" абун.
-
19
Гьелъул MaгӀнa буго Губденал абураб.
-
20
ПатхӀул - Мубинил бицен битӀун батaни, Къади цоги росулъа вачӀарав чи вукӀиналъ, гьес жиндирго росулъа - Губденалдаса яс ячула васасе, Къадиласул MyxӀaмадие.
-
21
Гьей ясалда цӀарги букӀун буго Адай.
-
22
Гьигьалъ росдал жамагӀат буго батӀи-батӀиял росабалъа гочун paчӀapaл, гӀадамаздаса лъугьараб.
-
23
Гьезул гӀадатги буго тухумалде бачӀараб къукъаялда гьезул росдал цӀap толеб.
-
24
Масала, Гьигьалъ руго гьадинал тайпабазул цӀарал: "Алади" - гьел ккола ГӀалахъ росулъа рачӀаралдаса лъугьарал гӀадамал.
-
25
Гьединалго цӀарал щвана Губденалдаса вачӀарав Къадил наслуялъул гӀадамазеги.
-
26
Жидедаго гьез абула "Къадилохани" абун.
-
27
Къадие гьавун вуго вас, гьесда цӀapги лъун буго МухӀамад абун.
-
28
Гьигьалъдерица гьесда абулаанила Къадиласул МухӀамадилан.
-
29
Гьев вукӀуна имам ГъазимухӀамадидаса байбихьун, Шамилил рагъал лъугӀизегӀан вагъарав рагъухъан.
-
30
Шамил имамгун рукӀарал наибзабазул суратазда гьоркьоб буго Къадиласул MyxӀaмадилги.
-
31
Гьесул каранда буго орденалъул сипатги.
-
32
Гьеб орден Гьигьалъа МухӀамадкаримил ТӀалхӀатица кьун буго Гьаквари росулъа ГӀабдулхабиров МухӀамадихъе.
-
33
ГӀоротӀаса МухӀумаев МухӀамадрасулил квералъ гӀарабалъ хъвараб кагътил тӀанчида батана Къадиласул МухӀамад цӀаларав чи вукӀинчӀила, гьев квегӀаб гӀиндаги бакӀав вукӀанилан, амма доб заманаялда Дагъистаналда гьев гӀадинав къвакӀарав чи къанагӀатги вукӀинчӀилан абун.
-
34
Шамилил заманалда гӀурусаздаги магӀарулаздаги гьоркьор ккарал рагъазда гьес гӀахьалъи гьабичӀеб цӀакъго къанагӀат гурони батиларо.
-
35
Къадиласул МухӀамадил хӀакъалъулъ буго цо гьадинаб баян.
-
36
Гьезул наслуялъул гӀадан ГӀабдулкъадирил Сайидатица бицана дида гьеб.
-
37
Хунзахъ Бахубика чӀвараб мехалъ, гьенив вукӀун вуго Къадиласул МухӀамад.
-
38
ЧӀвазеги чӀван, ракул гъуниялда тӀад букӀун буго гьелъул жаназа.
-
39
Мугъзадаса бихъун гурдеги букӀун буго.
-
40
ХъахӀаб берцинаб гьелъул мугъги чӀегӀерал гьалалги рихьидал, жиндир ракӀ пашманлъанилан бахиллъун бицунеб букӀун буго гьес.
-
41
ТӀаде хъинги бан, жаназа жинца бахчизабуниланги бицунаанила гьес.
-
42
Къади наиблъун вукӀанин бицуна.
-
43
Гьев чӀван хадув гьесул бакӀалда тун вуго KӀвaнадаса Пасхъан .
-
44
ЧӀамалазул наиблъун вачӀиндал, жиндирго хварав васасул бакӀалда гьев тӀами квеш бихьула Къадил гьитӀииав вац ГӀабдулкъадирида ва гьес гьев мажгиталда цеве вухула.
-
45
Гьеб хабар рагӀула имам Шамилида.
-
46
Имамас абула: "Муридзабаз вухулев наиб вукӀунаро", - ян.
-
47
Гьесул бакӀалда чӀамалазул наиблъун ГӀабдулкъадирги тӀамула.
-
48
Къадиласул MyxӀaмадил кӀиабилев вас Маллач вукӀун вуго къигьалазул наиблъун.
-
49
Гьев вукӀана ГӀабдулкъадир наибасдаса кӀудияв.
-
50
Гьигьалъ росдал дибирльун вукӀарав Гъайирбегица дихъе кьураб "MaгӀан" абулеб тӀехьалда батана гьесул ирс бикьиялъул баян.
-
51
Хъван буго гьеб Гъазами ал-Аварияс.
-
52
Дибирасулаевасул макъалаялда бихьизабун буго ГӀабдулкъадир наиб Хьаргьаби рагъулъ (1848) лъукъанилан ва гьениса рокъовеги вачӀун, хванилан.
-
53
ЦӀех-рех гьабидал, дида батана гьигьалъдерил Гъоркьиял хабалалъ борхатаб зани.
-
54
Зонода бикӀун хъван буго гьев хвараб заман 1276 (1859) сон.
-
55
ГӀабдулкъадир лъукъун вуго гӀурусаз кьвагьараб гӀарададул гуллил кесек щун, дида бицухъе, Ведено росдада аскӀоб бугеб.
-
56
Ватул гьабихъ, цо-цояз бицухъе, "Болъон тала" абулеб бакӀалда.
-
57
Цоги Гьигьалъа вахьарав наиб ккола ХӀажар-КӀудияв Дибирасуласул вас.
-
58
Гьес гӀахьаллъи гьабун буго ЧӀиркъатӀа ва Харахьи росабалъ рукӀарал имам вищулел данделъабазда.
-
59
ХӀажар наиб ва гьесул магӀзун , Гьигьалъа ГӀабдурахӀманги ва цогидал чӀамалалги хвана 1848 соналда Хьаргаби ккараб рагъулъ.
-
60
Гьигьалъдерица ва цогидал росдал хераца бицунаан цогиги рукӀанин Гьигьалъа рахъарал Шамилил наибзабиян.
-
61
Дун Гъодобери росулъ историялъул биценал ракӀарулев вукӀана 1990 соналда.
-
62
Дида цадахъ вукӀана Гьигьальа Идрисил MyxӀaмадги.
-
63
Дида цӀар щибин ва киса кколевин гьикъана гьениса херав Шаматов Баширица.
-
64
Дица абуна Гьигьалъа вугин, цӀарги Шамхалдибир бугин.
-
65
ГӀодоб биччан бетӀергун, цо-кӀиго минуталъ нижеда кӀалъачӀо херав.
-
66
Хадуб гьес бадиса магӀу бацӀцӀана ва гьаб гӀасруялъул лъеберабилел соназ живгун цадахъ туснахъалда рукӀанин Гьигьалъа Доликги Шамхалдибиргиян бицана.
-
67
Гьел чӀвараб къоги тункӀил гьаракьги ракӀалде шванин жиндаян абуна херас.
-
68
Хадуб гьес бицана Шамхалдибирил эмен ГӀумархӀажиги Шамилил наиб вукӀанин бицен бугин, гьесул рукъги гьигьалъдерид мажгиталда аскӀоб букӀун рагӀулин.
-
69
Гьигьалъе бачӀараб мехалъ Шамилги гьезулъ рещтӀуневги вукӀун вугин.
-
70
Гьигьалъа РотӀа MyxӀaмадица Имам-МухӀамадил бицунаго, хъвалеб буго гьев Шамилил наиблъун вукӀанила, амма бихьизабун гьечӀо щиб бакӀалда наиблъун гьев вукӀаравали.
-
71
Мунагьал чураяв НурмахӀамадил МухӀамадицаги бицунаан.
-
72
Имам МухӀамадги гӀoлохъанго тарал наибзаби рукӀанилан.
-
73
Гьев наиблъун вукӀиналъе нугӀлъи гьабула цо магӀил мухъазги.
-
74
Гьеб назмуялъул автор вуго Гъодобери росулъа Къурбан-хӀажияв.
-
75
ТӀадехун рехсарал гурелги, рукӀанилан бицуна Гьигьалъа рахъарал наибзаби ва бергьарал бахӀарзал.
-
76
Масала, МукӀуч ГъазимухӀамад.
-
77
Бицен буто гьесул тункӀил гулла алхунароанилан.
-
78
Унсоколо ккараб рагъда кӀудияб бахӀарчилъи бихьизабула Гьигьалъа ХӀанкӀил МухӀамадил ГӀумарица.
-
79
Гьес гьенив чӀамалазул наиб МикагӀил хвасар гьавула Тотомилавасдаса, гьенив живгоги чӀвана.
-
80
ГӀабдулкъадир наибгун цадахъ вукӀуна Чачаналъ лъукъарав ГьитӀимухӀамад дибир.
-
81
Даргъо хъаладухъ байрахъ чӀвалаго шагьидлъана ХӀамзалав...
-
82
Жиндир заманалда гьесги гьевго гӀадал цогидал аралъул цӀеx-рехал гьарулезе байбихьун букӀарарабани тӀадмагӀарулазул тарих данде гьабизе, жакъа нилъеда гъваридго лъазе букӀана ХӀХ ГӀасруяла рукӀарал гӀалимзабазулги бахӀарзазулги хӀакъалъулъ.
-
83
XӀX гӀасруялла Дагъистаналда ккарал рагъазулъ кӀудияб бахӀарчилъи бихьизабуна чӀамалаз ва хасго гьеб жамагӀаталъул цебехъанлъун букӀараб Гьигьалъ росдал наибзабазгун муридзабаз.
-
84
Къадиласул МухӀамадил вукӀун вуго ункъо вас.
-
85
TӀoцeвесев ккола Губденалдаса Адайие гьавурав.