Real Texts

Where a word actually gets used.

Every document below is a real text — folklore, news, radio, records. Open one to read it, or search across all of them for a word.

ГӀалиев, МухӀамадил ГӀадалло

Wikipedia · 17 lines · added 21 Jul
Author
Unknown
Genre
Unknown
Language
Avar
Tags
None
Grammar tags
94.2%
  1. 1
    Прозаик ва публицист.
  2. 2
    Дагъистаналъул тарихчи ГӀаламуддин Шайхилавияс ГӀадалоца бицун гьесул рокъоб хъвараб, шагӀирасул гӀумрухъваялдаса цо бутӀа буго гьаб рагӀалдехун бугеб сураталда.
  3. 3
    Гьениб хъван буго: 8 мухӀаррам 1434 соналъул Хамиз сордо, ГӀурадаса ГӀадаллол рокъоб.
  4. 4
    Гьаб кинабго буго жиндирго ГӀадаллол кӀалдисан хъвараб.
  5. 5
    Гьабги хъвана ГӀадаллол рокъоб ГӀаламуддин Шайхилавияс Машгьурлъана магӀарул шигӀруялъул классик ва гьанжесеб Дагъистаналъул сиясатияб гӀуцӀиялъул критик гӀадин.
  6. 6
    Гьесул хӀисабалда гьелъ дагъистаналъул халкъалда тӀад босун буго деэтнизациялъул ва деисламизациялъул курс.
  7. 7
    КъахӀибалъул гьоркьохъеб школа лъугӀизабун хадуб , гьев Дагъистаналъул педагогияб институталъул заочнияб бутӀаялде лъугьуна.
  8. 8
    Байбихьулелал классазул мугӀалимлъун хӀалтӀана.
  9. 9
    Черхалъе захӀматал ругънал ккезарунилан 5 соналъ жанивги тӀамуна.
  10. 10
    Амнистиялдалъун къватӀиве виччана.
  11. 11
    ГӀадалло ГӀалиев гь. 1932 соналъул 15 февралалъ, Шамилил мухъалъул ГӀурада росулъ - хв.
  12. 12
    2015 соналъул 30 августалъ МахӀачхъалаялда - Дагъистаналъул ва магӀарул шагӀир, хъвадарухъан.
  13. 13
    Дагъистаналъул ва Ичкериялъул халкъазул конгрессалда Шамил Басаевасул наиб.
  14. 14
    ГӀадалло гьавун вуго 1933 соналъул октябрь моцӀалъ, амма халкъалда гьоркьоб тӀобитӀараб къо-моцӀ рагӀула гьесул паспорталда мекъи хъварал баянал.
  15. 15
    Барзик ГӀабдуллагьил (гӀага-шагарго 1796 с. гьавурав) вас ГӀалил вас МухӀамадгӀалил вас ГӀалил вас МухӀамадил вас ГӀурадаса Гьидалъев ГӀадалло, гьавуна кьучӀаб баяналда рекъон 1933 соналъул октябрь моцӀалъ, амма паспорталда хъван бугеб тарих мекъи буго.
  16. 16
    Школалъул гӀелалда байбихьана кучӀдул ва асарал хъвазе.
  17. 17
    «БагӀараб байрахъ» газеталде хӀалтӀизе ахӀун вукӀана.
  18. 18
    1957 соналъ Москваялда М.Горькиясул цӀаралда бугеб адабияталъулаб институталде лъугьана цӀализе.