Real Texts

Where a word actually gets used.

Every document below is a real text — folklore, news, radio, records. Open one to read it, or search across all of them for a word.

ГӀараб алипба

Wikipedia · 26 lines · added 21 Jul
Author
Unknown
Genre
Unknown
Language
Avar
Tags
None
Grammar tags
91.6%
  1. 1
    Хъвай-хъвагӀи буго кваранидаса квегӀиде курсивалдалъун ва гьелде гъорлъ буго 28 хӀарп.
  2. 2
    ГӀемерисел хӀарпазул руго контекстиял хъвалел къагӀидаби.
  3. 3
    ГӀараб алипба рикӀкӀуна абджадиятлъун, ай жинда гъорлъ гӀицӀго рагьукъал гьаркьал рихьизарулел хӀарпал хӀалтӀизабулеблъун, гьединго рикӀкӀуна гӀараб алипба жубараб абджадиятлъун кколин абунги.
  4. 4
    Цогидал мацӀазе дандеккезабун гьабураб гӀараб хъвай-хъвагӀиялде тӀаде журан ялъуни тӀаса рахъун руго чанго хӀарп, мисалалъе, парс, гӀусманияб турк, курд, урду, синди, малай, пушту, арви ва малаялам мацӀазда.
  5. 5
    ГӀараб хӀарпазул гьечӀо бетӀераб ва бетӀераб гуреб формаби.
  6. 6
    ГӀемералго хӀарпал руго цоцазда релълъарал, амма жал бакъулъ ругел бутӀабазда тӀад ялъуни гъоркь ругел тӀанкӀаздалъун ратӀарахъулел.
  7. 7
    Гьел тӀанкӀал ккола хӀарпазул ратӀатӀоларел гӀаламаталлъун, жидеца батӀи-батӀиял гьаркьал кьолел хӀарпал цоцадаса ратӀа гьарурел.
  8. 8
    Мисалалъе, ب , ت ва ث хӀарпазул буго цого аслияб куц-мухъ, амма руго тӀанкӀал: цояб гъоркь, кӀиго тӀаса ва лъабго тӀаса; ن хӀарпалъул байбихьуда ва гьоркьоб хъвалеб къагӀида буго цого тӀаса цо тӀанкӀгун, батӀаго ва ахиралда хъ валел къагӀидаби руго батӀиял.
  9. 9
    Оригиналияб абджадия таритиб, жиб хӀалтӀизабулеб, лъугьараб буго финикъияб алипбаялъул тартибалдаса, ва гьелъ гьеб релълъараб буго финикъияб алипбаялдаса лъугьарал цогидал алипбаязул тартибалда, мисалалъе, гьибрит алипбаялъул тартибалда.
  10. 10
    Самех тӀагӀиналъул бакӀалде ש шин хӀарпалдаса лъугьана кӀиго цоцада рачӀел гӀараб хӀарпал, ва , жал самехалъул бакӀалде рачӀарал.
  11. 11
    ХӀарпазул букӀине бегьула ункъгоялде гӀунтӀун батӀияб хъвалеб куц, жал байбихьул , гьоркьохъеб , ахираб ва жибго бугеб бакӀазде данде кколел .
  12. 12
    Цо-цо хӀарпазул хъвалеб къагӀидаялъул гӀемерго батӀалъи бугеб мехалъ, цогидал хӀарпал гӀемерисел хисичӀого хутӀула ункъабго хъвалеб бакӀалда.
  13. 13
    ГӀаммаб къагӀидаялда цого рагӀабазда жаниб хӀарбал цоцада рухьуна къокъаб мухъалдалъун, амма анлъго хӀарп хурхинаризе бегьула гӀицго цебехун бугеб хӀарпалда.
  14. 14
    Мисалалъе, рагӀиялда киналго хӀарпал руго ратӀаго хъвалеллъун, щай гурелъул гьел хӀарпал рухьинарун бажаруларо хадусезда.
  15. 15
    Практикаялда, хӀарпал рахъулеб къагӀида батӀи-батӀиял икълимазда рекъон букӀине бегьула стандарталдаса батӀияю.
  16. 16
    ГӀараб мацӀалъул пронунциациялъул хӀакъалъул дагьабги цӀикӀкӀун информация балагье гӀараб фонология ва гӀараб мацӀалъул вариантал макъалабазда.= ГӀараб хӀарпазул цӀаразул хал гьабизе бегьула цебесеб версиялъул абстракция хӀисабалда.
  17. 17
    Протосемит мацӀалда гьел цӀарал рукӀана хасаб магӀна бугел рагӀабилъун.
  18. 18
    Гьезул байбихьул форма дандеккола батӀаго бугеб формаялда .
  19. 19
    Цогидал журарал абджадиятазда гӀадин къаламчагӀаза рахъана рагьарал гьаркьал рихьизаризе хасал хӀаракаби ва диакритикал.
  20. 20
    Рагьукъал гьаркьал Аслияб гӀараб алипбаялда буго 28 хӀарп.
  21. 21
    ГӀараб хӀарпазул басмаялъул ва кверзул хъвалеб къагӀида ккола курсивлъун, рагӀиялда жаниб гӀемерисел хӀарпазул букӀуна аскӀор ругезулгун бухьен.
  22. 22
    Алипбаялъулаб тартиб ГӀараб алипбаялъул хӀарпазул буго кӀиго батӀияб тартиб : абджадия ва гьиджаи .
  23. 23
    Халкъалда гьоркьоб хӀарпазул рукӀине бегьула цогидал цӀарал.
  24. 24
    Анлъго хӀарпалъул гьечӀо чӀван-къотӀараб медиалияб форма, рагӀул бакьулъ гьел хъвала ахираб форма гӀадин хадусеб хӀарпгун бухьенги гьечӀого.
  25. 25
    Хадусеб хӀарп хъвала жиндирго байбихьул формаялда, ялъуни батӀаго бугеб формаялда, гьеб рагӀиялъулъ ахирисеб хӀарп батани.
  26. 26
    Алиф хӀарп баккана финикъияб алипбаялда жинца глотталияб ккураб рагьукъаб гьаракь бихьизабуле хӀарп хӀисабалда.