Where a word actually gets used.
Every document below is a real text — folklore, news, radio, records. Open one to read it, or search across all of them for a word.
ГӀидалъул как
-
1
ГӀидалъул как - ккола бусурбабаз Къурбан ва Къал биччан гӀидаз балеб как, жибги машгьураб ал-гӀидайн абун.
-
2
Исламалъул мазгьаабазда бан гӀидалъул как бай букӀуна суннатаблъун яги тӀадаблъун.
-
3
ХӀанафияз гӀидалъул как бай важиблъун рикӀкӀунаВ ханафитском мазхабе ваджибом считается такое обязательное действие, отрицание обязательности которого не выводит человека из ислама.
-
4
Маликил ва шафигӀил мазгьабазда гӀидалъул как ккола суннату-муаккадалъун, ай, гьабизе цӀакъго лъикӀаблъун, амма хӀанбалил мазгьабалда - фарзлъун.
-
5
ГӀидалъул как балеб замана байбихьула, бакъ баккаралдаса 30 минут араб мехалда.
-
6
Гьеб ккола зухӀадул какил заман.
-
7
ГӀидалъул как балеб кӀиго байрам буго исламалда: КӀал биччан гӀид - кӀодо гьабула шаввал моцӀалъул 1-себ къоялъ Рамазан моцӀ лъугӀиялъул хӀасилалда.
-
8
Къурбан гӀид - кӀодо гьабула зул-хӀижжа моцӀалъул 10-еб къоялъ хӀаж лъугӀиялъул хӀасилалда.