Where a word actually gets used.
Every document below is a real text — folklore, news, radio, records. Open one to read it, or search across all of them for a word.
ЖахӀпарилазул МухӀамад
-
1
Гьесул эмен ЖахӀпар ХӀажи вукӀана гӀурус пачаясул гӀабицар, инсул эмен вукӀана Имам Шамилил наиб.
-
2
ЦӀалун лъугӀаравго МухӀамад уна 2-б Дагъистаналъул рекӀаразул полкалде.
-
3
ТӀоцебесеб Дунялалъул рагъ байбихьарабго МухӀамад витӀула 1-себ Дагъистаналъул рекӀаразул полкалде.
-
4
Жиб-жиб къокъа доб мехалда МухӀамад жиндирго рахъалде цӀазе бокьун букӀана, щайгурелъул МухӀамад вукӀана махщелги вугев рагъухъан, рагъул иш гьесда лъикӀго лъалеб букӀана.
-
5
ДахӀадазул МахӀачица ахӀулев вукӀана ЖахӀпарилазул МухӀамад, МухӀамадица инкар гьабуна.
-
6
Доб мехалда букӀараб МугӀрузулаб ХӀукуматги гьес гьедин къабул гьабичӀо.
-
7
Доб мехалда Чачанлъул Сунжахъалаялда букӀана Деникинил аскар, амма гьеб аскар Чачаналде жанибе биччачӀо МухӀамадил бетӀерлъиялда букӀараб аскаралъ.
-
8
Хадуб МухӀамад 1-себ Дагъистаналъул полкалъул бетӀерлъун вагъула Царицин абулеб бакӀалда, гьеб рагъ лъугӀун полк Дагъистаналде бачула.
-
9
Къимат бугев чи вукӀана ЖахӀпарилазул МухӀамад.
-
10
Ингилисалъул вакиллъиялъул бетӀерас МухӀамад ахӀулев вукӀана Гьиндистаналде лъикӀаб хъулухъалде, амма МухӀамадица инкар гьабуна, жив гьанив къваригӀун вугин абун.
-
11
Амма гьесул къисмат батӀияб букӀана.
-
12
Аллагьас мунагьал чураги гьесул.
-
13
Гьавурав бакӀ ЖахӀпарилазул МухӀамад гьавуна 1884 соналда иххазулъ моцӀалъул 1-себ къоялда Дагъистан улкаялда Гъуниб мухъалда бугеб Кудалиб росулъ.
-
14
ЖахӀпар ХӀажил букӀана кӀудияб хъизан: 3 чӀужуги, 9 лъималги.
-
15
Рагъул хъулухъ 1890 соналда инсуца кӀиго вас МухӀамадги ШапигӀги Шурагьаре ритӀула цӀализе.
-
16
Гьеб полкалда МухӀамад вукӀана рекӀаравлъун.
-
17
1905 соналда хъвехъарулъ моцӀалда 2 къоялда гьесие кьуна орден Япониягун рагъул заманаялда бихьизабураб бахӀарчилъиялъухъ.
-
18
Рагъ лъугӀун хадуб МухӀамад витӀула Елисаветгарадалда бугеб рекӀаразул училищалде юнкерлъун.
-
19
1907 соналда Елисаветгарадалда цӀалун лъугӀун хадуб МухӀамад витӀула Байкалалда нахъа бугеб хъазахъазул Нерчиналъул полкалде хорунжи цӀарги щун.
-
20
Рагъул рахъалъ гӀемерал шапакъатал щварав чи вуго МухӀамад.
-
21
Хъизан ЖахӀпарилазул МухӀамадил чӀужу йикӀана Елена Гогоберидзе.
-
22
Гьейгун лъай-хъвай гьабуна Шурагьалда.
-
23
Цо заманаялда ХӀоцоса Нажмудинил рахъалда вукӀана, хадуб тана гьес гьев.
-
24
1918 соналда туркал Дагъистаналдаса арал мехалда МугӀрузулаб ХӀукуматалъ ЖахӀпарилазул МухӀамад тӀамуна Чачаналъул БетӀерлъун, гьединго Чачаналъул аскаралъул БетӀерлъун.
-
25
Совет хӀукумат бергьун хадуб гьев туснахъалде жанивги тӀамун, хӀукму къотӀана МухӀамад чӀвазе.
-
26
1937 соналда раччарулъ моцӀалда 3 къоялда МухӀамадги ва гьесда цадахъ туснахъалда рукӀарал 16 чи чӀвана.