Where a word actually gets used.
Every document below is a real text — folklore, news, radio, records. Open one to read it, or search across all of them for a word.
Библия
-
1
Библия - ягьудиялдаги христиан диналдаги мукъадасаблъун рикӀкӀунеб хъвай-хъвагӀазул данд-бакӀари.
-
2
Православиял ва католикиял Инжилалъул текстал протестанияб Инжилалъдаса гьабцоялъда НекӀсияб Заветалда цогиги тӀахьал рукӀиналъ цоцалаздаса батӀиял руго.
-
3
Цояб Инжилалда абула «каноническияб гуребилян» ва цогидалъда «девтероканоническияб»-илан .
-
4
БатӀи-батӀиял Библиязда цо-цо батӀалъаби рукӀуна.
-
5
ЖугьутӀ Библиялда буго 24 тӀехьалъул 3 бутӀа: 5 тӀехь Тавраталъул , Невиим ва Ктувим .
-
6
Танахалда «Аварагзаби» хъваялдасан цебе буго ва гьелда жанир руго «цересел аварагзабазул» тӀахьал: Иисус Навинил тӀахьал, ДиванчагӀазул, 1 ва 2 Самуилил (1 ва 2 Ханлъиязул) ва гьединго 1 ва 2 Ханзабазул (3 ва 4 Ханлъиязул).
-
7
Гьел киналго тӀахьал Паралипоменонил тӀахьал гӀадин тарихияллъун рикӀкӀула тарихчагӀаз.
-
8
ЖугьутӀаз гьединго Даниилил тӀехь вахӀью гӀадин бачӀараб рикӀкӀунаро.
-
9
Насраниязул тӀахьазул состав батӀи-батӀияб буго.
-
10
Масала, протестантазул къануналда 66 тӀехь буго, ХӀабаши православнияб килисаялъул - 81 тӀехь.
-
11
Насраниязул инжилалъул тӀоцебесеб бутӀа ккола - НекӀсияб Завет - гьебги буго цодагьаб хиса-баси гьабураб 39 тӀехьалда бикьараб дандбакӀари.
-
12
Рev-католик килисаялъ ва Машрикъияб насраниялъ гьединго некӀсияб заветалда жубала второканоническиял тӀахьал.
-
13
КӀиабилеб бутӀа буго - ЦӀияб Завет - 27 тӀехьалъул: 4 къануниял Инжил ва ХӀавариюназул хӀалтӀаби, 21 хӀавариюназул кагъталб, гьединго Иоанн Богословасул вахӀью.
-
14
ГӀемерисел хрисианаз Инжилалъул къанунияб тӀехьалъул кинабго хъвай-хъвагӀаял рикӀкӀула Аллагьасул вахӀью хӀисабалда.
-
15
Амма бищун некӀсиял Инжилал руго н.э. IV гӀасруялда ратарал.
-
16
Танахалъул цӀунун хутӀарал ивриталда ва арамей мацӀалда хъварал хъвая-хъвагӀаял руго н.э. X гӀасруялъул.
-
17
Инжил бутӀрузда бикьана Стефан Лэнгтоница кучӀдузда Роберт Этьенница .
-
18
Инжилалдасан цо жоги босун хъвалеб яги абулеб мехалъ, гӀаммаб къагӀидаялъ абизе ккола тӀехь, бетӀер ва кечӀ кинал ругеяли.
-
19
НекӀсияб Завет хъван буго некӀсижугьутӀ мацӀалда , цо-цо арамей мацӀалда хъварал бутӀаби хутӀизегӀан.
-
20
ЦӀияб Завет хъван уго некӀсигрек мацӀалда .
-
21
Инжил буго ва бищунго гӀемер бичун босулеб тӀехь,, гӀага-шагарго 100 миллион тӀехь цо соналда жаниб босула гӀадамаз.
-
22
«Библия»-илан абураб рагӀи жибго гьеб тӀехьалда гьечӀо.
-
23
ТӀоцебе гьеб хӀалтӀизабуна машрикъалда IV гӀасруялда Иоанном Златоустицаги Епифанием Кипрскиясги.
-
24
ЖугьутӀаз жудорго тӀахьазе «Завет»-илан, «Мукъадасал хъваял»-илан, «Заветалъул тӀахьал»-илан «Къанун ва аварагзаби»-илан цӀарал кьолел рукӀун руго.
-
25
Христианаз цинги ЦӀияб Заветалъул тӀахьазде абула «Евангелие»-илан ва «Апостол»-илан.
-
26
ТӀоцебе букӀараб тӀехь насраранияз ягьудиязухъан босараб ва жиндир аслияб цӀар Танах-илан бугеб; христианствоялда гьелъие кьуна «НекӀсияб Завет»-илан цӀар, «ЦӀияб Завета»-лда данде кколеб къагӀидаялъ.
-
27
Гьеб Мукъадасаб хъвайлъун ккола киналго Ибрагьим авараг рикӀкӀулел щинал диназе - ягьудазе, христианазе ва бусурбабазе.
-
28
НекӀсияб Заветалда жаниб уна 39 тӀехь, жугьутӀазда рекъон - 22, гьезулго алфавиталъул хӀарпазул къадаралда рекъон (яги 24 тӀехь, грек алфавиталъул хӀарпал рикӀкӀун).
-
29
Ягьудиялда кинабго НекӀсияб Заветалъул 39 тӀехь бикьула 3 бутӀаялда: Таврат , Невиим , Ктувим .
-
30
Руфь тӀехь ДиванчагӀазулгун цо гьабуни, гьединго Иеремиил гӀоди Иеремиил тӀехьгун, 24 тӀехьалъул бакӀалда 22 тӀехь лъугьуна.
-
31
Иосиф Флавийица абулелда рекъон некӀсиял жугьутӀаца 22 тӀехь рикӀкӀунеб букӀун буго.
-
32
Танахалда гьел тӀахьал цоялда хадуб цояб бачӀунеб къагӀида хвезабун буго дагьабго, ай гьенир гьел батӀияб иргаялда рачӀуна.
-
33
Христианствоялда гьел киналго тӀахьал къанунияллъун рикӀкӀуна.
-
34
Христианазул Библиялъул кӀиабилеб бутӀа - ЦӀияб Завет буго, 27 тӀехьалъул дандбакӀари: ункъо Евангелие, Мукъадасал хӀаварийиназул хӀалтӀаби, 21 хӀаварийиназул кагътал ва Иоанн Богословил вахӀью .
-
35
Гьел киналго н.э I гӀасруялъ некӀсиябгрек мацӀалда хъварал руго.
-
36
ЦӀияб Завет буго насранияз жудор аслияб тӀехьлъун рикӀкӀунеб, амма жугьутӀаз гьеб кинниги рикӀкӀунаро.
-
37
ЦӀияб Завет буго микьго чиясул: Матфейил, Маркил, Лукал, Иоаннил, Петрил, Павлил, Иаковилги Иудалги - хъвай-хъваялдалъун гӀуцӀцӀараб.
-
38
Гьединаб ирга букӀунаро киналго Инжилазда, щайгурелъул Инжилалги батӀи-батӀиял ругелъул-ха.
-
39
Къануниял тӀахьал гурони руго гьединго Мукъадасаб Хъваялда релъон хъван ругел хъвай-хъвагӀал, амма гьел килисаялъ берцинаб гӀамал-пишаялдасан, хасияталдасан нахъруссине гьарулеллъун рикӀкӀана, ва гьел апостольскияб божиялда рекъон гьечӀилан абуна.
-
40
Гьел хъвай-хъвагӀал хъвалел чагӀи гӀемерисел гностицизмалда божарал чагӀи рукӀана.
-
41
ЖугьутӀазе кӀвана гӀемераб заманаялъ Инжил гьедигӀано гӀемер хисв-баси гьабичӀого цӀунизе.
-
42
Амма Вавилонияб асирлъиялдасан хадуб жугьутӀ мацӀ цӀакъго хисана.
-
43
Гьединлъидал Инжил бичӀунгутӀизе рекӀана, жугьутӀалги арамей мацӀалда кӀалъазе байбихьараб мехалъ.
-
44
Хаду-хадуб хиса-басиял гьаризе ккана гъолъул.
-
45
Н.э.г.
-
46
XIII гӀасруялдасан бахъараб н.э.г.
-
47
IV гӀасруялда щвезегӀан НекӀсияб Завет хъвала, хисизабула букӀана.
-
48
ЦӀияб заветалъул тӀахьал къанунияллъун рикӀкӀана "Вселенскиял Соборазда".
-
49
Амма цо тӀехь Иоанн Богословил вахӀью машрикъалда цӀакъго мистикиябиланги рикӀкӀун цо-цояца цӀализе цин цӀалуларо, гьем мекъаб бугиланги абун.