Ислам
Explore the content and search within this document
Document Information
Source:
Wikipedia
Author:
Unknown
Date:
Unknown
Genre:
Unknown
Language:
Avar
Tags:
None
Added:
Jul 21, 2025 12:46
POS-tagging Coverage:
93.6%
(Jun 13, 2026)
Search within this document
All Sentences (19)
19 sentences
1
ID: 79076
ГӀараб мацӀалда «ислам»-абураб рагӀи буго «сах-саламатго вукӀине», «хвасарлъизе», «цӀунун хутӀизе», «эркенав вукӀизе»-абурал рагӀабазул магӀна кьолеб سلم глаголалдасан лъугӀараб предметияб цӀар
2
ID: 79080
Тарихалда Исламалъе кьучӀ лъураб заман рикӀкӀуна VII гӀасру МухӀаммад аварагас дагӀват гьабизе байбихьараб мех.
3
ID: 79081
Амма Исламалъул гӀакъидаялда рекъон киналго цере рукӀарал аварагзаби ва расулал Муса авараг вукӀа, ГӀиса авараг вукӀа, рукӀана батӀи-батӀиял миллатазул, халкъазул гӀадамазухъе хӀакъаб дин - Исламги босун рачӀун, гьезда тавхӀид къабулабизе рачӀун.
4
ID: 79082
Амма заман унщинахъе, гӀадамаца жедехъе щвараб дин хисизабулеб букӀана, гӀемерал бидгӀаби журан, гьитӀинабги, кӀудиябги ширк гьабун, цӀидасан хъанчазе гьабулеб букӀараб лъагълъи-гӀибадат гьабизе лъугьун, тӀадежоялъе Мукъадасал тӀахьазда хиса-баси гьабун.
5
ID: 79083
МухӀаммадин абуни, гьев вуго Исламалъул ахирисев авараг, жиндихъ ТӀадегӀанас Къуръан вахӀью гьабурав.
9
ID: 79093
Гьеб магӀна босани гьелъ жанире рачуна иманалъул анлъабго рукнуги, исламалъул киналго аслабиги, тӀолабго шаригӀатги.
11
ID: 169617
«Ислам»-абураб рагӀиялъул таржама гьабизе бегьула «мунго Аллагьасе мутӀигӀав гьави», «мутӀигӀлъи», «гӀенекки».
14
ID: 498115
К. ШаргӀияб терминологиялда ислам буго цохӀого-цо вугев Аллагьасда иман лъей, Гьесие мутӀигӀлъи, Гьес хӀарам гьабуралдаса инкар гьаби, Гьес хӀалал гьабураб -къабул гьаби; гьединго политеизмалдаса ва ширкалдаса камилаб инкар гьаби.