Skip to main content

Исламалъул аварагзаби

Explore the content and search within this document

Document Information
Source: Wikipedia
Author: Unknown
Date: Unknown
Genre: Unknown
Language: Avar
Tags: None
Added: Jul 21, 2025 12:46
POS-tagging Coverage: 87.2% (Jun 13, 2026)
Search within this document
All Sentences (12)
12 sentences
1 ID: 79100
Исламалъул аварагзаби Аллагьасул русулазда кин ракӀ чӀезабилеб.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
2 ID: 79104
ЦӀарцӀар ккун ракӀ чӀезабизе кколел аварагзаби руго гьал Къуръаналда цӀарал рехсарал аварагзаби::1. Адам:2. Идрис:3. НухӀ:4. Гьуд:5. СалихӀ:6. Ибрагьим:7. ЛутӀ:8. ИсмагӀил:9. ИсхӀакъ:10. ЯгӀкъуб :11. Йусуф :12. ШугӀайб:14. Зулькифли:15. Муса:16. Гьарун:17. Давуд:18. Сулайман:19. Иляс :20. ЯсагӀ :21. Юнус:22. Закария:23. ЯхӀя:24. ГӀиса
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
3 ID: 79128
МухӀаммад Аллагьас халкъалдаса тӀасаги рищарал, жидехъе вахӀюги рещтӀарал, халкъалъухъе гьеб щвезабизе тӀадги къарал Гьесул хассал лагъзадерида илчизабиян абула.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
4 ID: 79132
Цоцояз 124 азарго авараг вукӀанинги абула, ва гьезул 313 илчизаби рукӀанинги абула.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
5 ID: 79133
Гьел русулалги аварагзабиги хӀакъал рукӀин сундалъун чӀезабулеб?
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
6 ID: 79134
Гьеб чӀезабула Аллагьас гьезие кьурал мугӀжизатаздалъун.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
7 ID: 79135
Гьезие рукӀине тӀадал сифатал: божарал, аманат бугел рукӀин; кидаго битӀараб бицунеллъун рукӀин; тӀубанго мунагьаздаса цӀунараллъун рукӀин; тӀад къараб кинабго жо халкъалъухъе щвезабулел рукӀин; гӀакълу камилал, пикру цӀодорал рукӀин; бихьинал ва узденал рукӀин.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
8 ID: 79136
Гьезие рукӀине ресго гьечӀел сифатал: хиянат гьаби; гьереси бицин; тӀад къараб щибниги жо халкъалдаса бахчи; кинабгӀаги мунагь жидехъа лъугьин; гьагал, пикру хӀинцал рукӀин; руччабаздаса яги лагъзадеридаса рукӀин.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
9 ID: 79137
Гьал сифатаздаса киналго аварагзаби рацӀцӀадал руго.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
10 ID: 79138
Аллагьасул халкъалъул бищун хириял аврагзаби ккола, гьезда гьоркьосаги бищун хириял илчизаби ккола, гьезда гьоркьосаги бищун хириял «улулг-Iазми» ккола ай, НухӀ, Ибрагьим, Муса, ГӀиса, МухӀаммад.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
11 ID: 79139
Гьезулги бищун хирияв тӀолго халкъалдаса тӀаса вищарав тӀолго гӀаламалъе рахӀматлъун витӀарав МухӀаммад Авараг ккола.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
12 ID: 169687
Гьезие дурусал, ай рукӀине бегьулел сифат ал: ГӀадамазе рукӀунел гӀадатиял сифатал гьезиеги рукӀине бегьула: кванай, гьекъей, кьижи, руччаби рачин, ццин бахъин, унти, хвейи, рохи, пашманлъи, свакай, рахӀат, ва гь.
Add audio
Loading...
Loading POS tags...
Favorites

No favorites yet.