Where a word actually gets used.
Every document below is a real text — folklore, news, radio, records. Open one to read it, or search across all of them for a word.
Керманшагь (остан)
-
1
КвегӀиса Ахура-Мазда, квараниса - Анахита, ва гьезда нахъаса - парс рекӀарав.
-
2
Останалъул ракьалда гӀадамаца гӀумру гьабулеб букӀана жеги палеолиталъул ва неолиталъул заманалда, ва хасго машгьурлъана Ахаманишазул ва Сасаниязул заманалда.
-
3
Административияб марказ - Керманшагь шагьар (800 аз.), цогидал чӀахӀиял шагьарал - Исламабаде-Герб (90 аз.), Харсин (52 аз.), Кангавар (50 аз.), Сонкор (45 аз.), Джаванруд (44 аз.), Сагьне (35 аз.), Сарпол-Захаб (35 аз.), Паве (20 аз.), Кайгьаншагьр (20 аз.), Гилане-Герб (20 аз.), Ревансер (17 аз.), Къасре-Ширин (16 аз.).
-
4
Керманшагь шагьаралда буго нарт-химиялъул завод «Нэшнл Ираниан Петрокэмикл Компани», нарталъул завод «Нэшнл Ираниан Ойл Рефайнинг энд Дистрибьюшн Компани»-ги.
-
5
Рихьизе бакӀал Керманшагьалда буго некӀсияб гӀадатияб базар, мажгитал ва Къажаразул заманаялъ рарал кӀалгӀаби ва бечедал рукъзал , Сафавидазул заманаялъ бараб Поле Когьне кьо.