Where a word actually gets used.
Every document below is a real text — folklore, news, radio, records. Open one to read it, or search across all of them for a word.
КъатӀар
-
1
ГӀорхъи гӀахьал гьабула СагӀудиязул ГӀарабиялъулгун жанубияб рахъалъ, ва хутӀарал рахъал чурула Пурсазул ралъдал квачӀалъ.
-
2
Шималиябгун бакътӀерхьул рахъалъан ралъдалаб гӀорхъи гӀахьал гьабула БахӀрайналъулгун, жанубгун бакъбаккул рахъалъан - ЦГӀЭ.
-
3
Тахшагьар - ДавхӀа.
-
4
КъатӀар ккола дунялалдаго - 3-еб пачалихълъун тӀабигӀияб газалъул нахърателалъул рахъалъ, дунялалда 6-еб пачалихълъун жиндица тӀабигӀияб газ къватӀисел улкабазде кьолеб ва бищун гӀемераб нарт къватӀисел пачалихъазде экспорт гьабулеблъунги (21-еб бакӀ дунялалдаго).
-
5
Гъорлъе уна ОПЕК организациялда.