Real Texts

Where a word actually gets used.

Every document below is a real text — folklore, news, radio, records. Open one to read it, or search across all of them for a word.

КӀудияв ГӀумахан

Wikipedia · 147 lines · added 21 Jul
Author
Unknown
Genre
Unknown
Language
Avar
Tags
None
Grammar tags
95.5%
  1. 1
    Гьез абун буго: «Надирииа гьарулеб буго жиндихъе гъоркь - лъалие цо чанго чи кьеян, жив гьелдаса хадув Дагъистаналдаса нахъе инила».
  2. 2
    МухӀамаднуцалица жаваб кьун буго: «Дица гӀадамалги кьеларо.
  3. 3
    Надирида данде тӀарамагъадисеб гамачӀги багъизабила», - ян.
  4. 4
    Бакихановас хъвалеб буго: Гьес мисалалъе бачунеб буго цо шагӀирасул кечӀ::«Кьерун чӀая, чӀужу, мун:ЛекӀи вачӀине гурин,:Чармидаса къвакӀараб:ЛекӀиясул ракӀ бугин,:Багъдадазул кьергицин:Гьесде данде чӀоларо».
  5. 5
    ГӀумаханасда тӀаса гьитӀинго ун буго инсул кваркьи.
  6. 6
    ГӀумаханас дагьал чагӀиги цадахъ рачун сверун буго кинабго улка, щун вую киналго кӀудиял ро - сабалъе.
  7. 7
    Гьев рещтӀунев вукӀун вуго мажгиталда.
  8. 8
    Гьес магӀарулазул росабалъ абулеб букӀун буго: «Дун вуго нужер росдал гьобол.
  9. 9
    Нужеда лъала дида тӀад бугеб налъи, дица рецӀел босизе ккола ФатагӀалиханасдаса дир инсулги, имгӀаласулги, вацгӀаласулги, цойги гьезда цадахъ чӀварал гӀагаразулги.
  10. 10
    Нужеца кумек кьечӀони, дида гьеб босизе кӀоларо», - ян.
  11. 11
    ГӀумаханас церехъабазе, гӀалимзабазе кьолел рукӀун руго сайгъатал.
  12. 12
    Гьес абулеб букӀун буго: «ГӀадамасе сайгъат къохьое нах гӀадинаб жо буго.
  13. 13
    ТӀоцеесей йикӀун йиго яцгӀал - МухӀамадмирзал яс КӀилъилай.
  14. 14
    Гьей йикӀун йиго цӀодорай, рагӀи чӀарай.
  15. 15
    Гьелъие букӀун бугоханасул магъалоялъул бутӀаги.
  16. 16
    Гьелъул букӀун буго гӀемераб бечелъиги, цӀакъ къачӀарал рукъзалги.
  17. 17
    МагӀарулазул кици буго: «КӀилъилалъул гьиниш, ГьетӀарасул сийищ?»
  18. 18
    Хадусей ккола ХъистӀаман - Хайдакъуцумиясул яс, Бахумеседол эбел.
  19. 19
    Лъабабилей чӀужу - Дарижа Абашидзе.
  20. 20
    Вахан хъалаялъул князь Евгений Абашидзел яс.
  21. 21
    Гьей йикӀун йиго берцинлънялъул цӀар бугей гӀадан.
  22. 22
    ГӀумаханас Дарижа ячун йиго Вахан бахъараб мехаль.
  23. 23
    Гьелда цадахъ ГьерекӀли кӀиабилес кьун буго 3 гӀала, 1 барти, 3 лагъ - гъаравашги.
  24. 24
    Гьезда гьоркьоб букӀун буго цо гӀараб тайпаялъул гӀала, «Дарижал гӀала» абун бицен хутӀун буго гъелъул магӀарулазда гьоркьоб.
  25. 25
    Гъарабагъалъул Ибрагьим - ханас бачӀараб бартиялдасанги гьеб гӀалаялдасанги лъугьун буго магӀарухъ цӀияб чуязул тайпа.
  26. 26
    Чуязул элхъи нуцалазул букӀун буго цӀакъго цебего.
  27. 27
    Элхъи риидал букӀунааннла ГӀарахъ - магӀарда, хасало - ЗагӀиб.
  28. 28
    ГӀумаханасул ункъабилев инсуда хурхараб кици буго: «Дугърил гӀули гӀадин риччан тун ругила».
  29. 29
    Ячун йиго ГӀумаханас КӀванада росулъа ясги.
  30. 30
    Гьеб иш ккун буго гьадин.
  31. 31
    Бодулнухдасан унаго рекӀаралгун, лъелалгун нуцал шун вуто КӀванаде.
  32. 32
    Руччаби, лъимал тӀох - тӀохазде рахун ралагьун рукӀун руго.
  33. 33
    Циндаго абулеб рагӀун буго: «Гьагъав нуцаласул лъадуеги гьаб дунялалда гьагъасда аскӀойги йикӀун алжанги кьелеб батани, гьев дурги битӀараб гуро, БетӀергьан», - илан.
  34. 34
    Киналго эхеде ралагьун рую, йихьун йиго гьайбатай гӀолохъанчӀужу.
  35. 35
    ГӀумаханас ячун йиго гьей.
  36. 36
    Рокъор ругез цӀакъго рахӀат тун гьечӀо.
  37. 37
    Ханас цӀар тӀамизе ккун буго.
  38. 38
    Гьев киналго рагьаздаги гӀахьаллъун вуго.
  39. 39
    Нахъа Чупан беццлъун вуго.
  40. 40
    ГӀумаханас, беццав вугониги.
  41. 41
    Чупан цадахъ вачунев вукӀун вуго.
  42. 42
    Халкъияб кочӀолъ гьесдасан абун букӀуна: «ГӀакълу камиллъарав беццав Чупанилан».
  43. 43
    ГӀумаханасул тӀоцевесев вазир вукӀун вуго ГьоцӀалъа ГӀалиханил ГӀалисканди, кӀиабилев имам ХӀамзатил эмен.
  44. 44
    КӀиабилев вазир вукӀун вуго Хъазантидада.
  45. 45
    Гьесде гӀурус документазда Дадайин абун букӀуна.
  46. 46
    КӀиабилев вазирасда тӀадаб букӀун буго магъало бакӀариги, дулугъ бахъинги, бегиги, ханзабазул хъалаялъул гӀадлуги.
  47. 47
    Хунзахъа Дибиркъади вукӀун вуго Аваристаналъул къадиги.
  48. 48
    ГӀумаханасул мирзаги .
  49. 49
    Гьесда лъалеб букӀун буго лъабго мацӀ: гӀараб, фарс, турк.
  50. 50
    ГӀумахан хведал Днбиркъадица гӀараб мацӀалда поэмаги гьабун буго.
  51. 51
    Цинги Тобтида чӀвалеб букӀун буго чадир.
  52. 52
    Гьелдаса хадуб ГӀалагӀарталда данде ахӀулеб букӀун буго 50 росдал бо.
  53. 53
    Гьеб букӀун буго хундерил бо.
  54. 54
    Гьеб богун къватӀиве вахъунев вукӀун вуго ГӀумахан Игьалиие, Болъи.хъ, КӀаратӀе, ГӀахьвахье, Анцухъе.
  55. 55
    Нагагь болъе вахъинчӀев чиясда лъолеб букӀун буго рогьодал гӀакӀа.
  56. 56
    Гъолода данделъулел рукӀун руго ЦӀоралъул магӀарулазул боялги.
  57. 57
    Бодулъ 15 - 20 азарго чи гӀолев вукӀун вуго.
  58. 58
    Рагъал гьарун ГӀумаханас рахъун руго: Кухна шагьар, Ахъсу, 17 кьояль сверунги ккун Нахичеван, гуржиязул хъала Гавази , къварели Вахан, Ахалцихалъул пачаясул гӀарадабиги рачун, Гумущ (9 моцӀаль сверунги ккун).
  59. 59
    Неверовскияс хъвалеб буго ГӀумаханасе магъало кьолаанила ЦӀоралъул 17 вилаяталъ.
  60. 60
    Нилъеда цӀарал лъалеб микьгоялъ кьолеб букӀун буго 115 азарго гӀарцул гъуруш,, хутӀаразги гьедигӀан кьолеб букӀун батани, гьеб ккола 230 азарго гъуруш.
  61. 61
    ГӀумаханасдаса цебе цониги нуцаласдаги, яги Дагъистаналъул цойгидал ханзабаздаги кӀун букӀинчӀо гьедин магъало лъезе ва гьеб бакӀаризе.
  62. 62
    Щибаб соналъ вазир ГӀалискандил бетӀерлъиялда унел рукӀун руго гьеб магъало бакӀаризе хъулухъчагӀиги нукарзабиги.
  63. 63
    БакӀарун бачӀараб магъало кьолеб букӀун буго вазир Дадахъе, гьес хазиначиясухъе.
  64. 64
    Гьес гьеб сокӀкӀунеб букӀун буго цагърахъ ва санкӀахъ.
  65. 65
    Гьеб хазина ГӀумаханас сахаватаб квералъ бикьулеб букӀун буго бесдалазе, ятимазе, къорол руччабазе.
  66. 66
    Бахумеседо имам ХӀамзатица чӀвайдал гьабураб магӀуялъулъ руго гьадинал рагӀаби: «ГӀарцул лал тӀамурав шагь ГӀабасил яс...»
  67. 67
    ГӀумахан данде кколев вуго ираназул цӀар рагӀарав шагь ГӀабасида.
  68. 68
    Щиб жоха «гӀарцул лал?»
  69. 69
    ТӀоцебе дида гьелъул магӀна лъачӀо, дагь - дагьккун хадув гъуна гьел рагӀабазул магӀнаялда.
  70. 70
    ГӀумаханас бахъун буго ГьерекӀли кӀиабилесул магӀданалда тӀад бараб Гумушхъала.
  71. 71
    Гьениса нахъе баччун буго бацӀцӀадаб гӀарац ва хӀамузда, гӀорцӀабазда, варанабазда лъун бацӀцӀад гьабичӀеб магӀдангун Хунзахъе шведал, ханзабазул гьиналда аскӀоб бекизабун буго тӀалу, гьабун буго гьоцӀо.
  72. 72
    Гьабизабун буго кӀудияб михир, вахъун чӀарав чиясул рачлихъе бахунеб, маххул мохрочалаби, гьезда ран руго оцал, тӀамун буго «гӀарцул лал», хадуб рехун буго, лалго гӀадин хутӀараб «тӀоршел» лъаралъ чурун буго.
  73. 73
    Лал тӀамун лъугӀун хадуб ГӀумаханасе бахъун буго лъабго къали гӀарцул (43 кг.)
  74. 74
    ГӀумаханасул пикру ккола жиндирго пачалихъалъул ракьалда гӀарцул магӀдан балагьизе.
  75. 75
    Нахъисеб соналъ Гумущалдаса рачун руго магӀдан лъалел гӀадамал.
  76. 76
    Нукарзабигун цадахъ гьез сверун буго Аваристаналъул ракь.
  77. 77
    Гьезда гӀарцул магӀдан батун буго ГьимагӀурул тӀарада.
  78. 78
    Живго нуцал цадахъ чагӀигун ун вуго гьениве.
  79. 79
    Рагьун буго гьениб гӀарцул магӀдан, хӀамуз, гӀурцӀмуз Хунзахъе баччун буто гьеб.
  80. 80
    Гьелдаги тӀамун буго «гӀарцул лал».
  81. 81
    Гьеб магӀданалда гъорлъ гӀарац мукъсанго батун буго.
  82. 82
    ГӀумаханас кӀвар кьолеб букӀун буго росдал магӀишаталдеги.
  83. 83
    ЦӀоралдаса ккурал лагъзалерида гъорлъа ралагьун руго церет пиринчӀ бекьулел рукӀарал чагӀи.
  84. 84
    Гьолокь росдал АваргӀурул рагӀалда бугеб Ахалахада абураб бакӀалда бекьун буго пиринчӀ.
  85. 85
    Гьеб гьениб барщулебги букӀун буго.
  86. 86
    Гьел нуцаласул Гьолокь ругел рукъзабахъ тун рукӀун руго дунял хинлъизегӀан.
  87. 87
    Жиндирго ракьалда Гьолокьги ЛъагӀилухъги бекьизабун буго самсаму .
  88. 88
    Гьолокьги ЛъагӀилухъги букӀараб ханзабазул ракь имам Шамилица байтулмалалде хъван буго.
  89. 89
    Гьелдаса хадуб гӀурусаз къазнаялде босун, жидее хъулухъ гьабурал офицерзабазе кьолеб букӀун буго.
  90. 90
    ЦӀоралдаса ГӀумаханасе ритӀулел рукӀун руго пихъил гъутӀби .
  91. 91
    Къоло шуго соналъ гьабун буго ГӀумаханас нуцаллъи.
  92. 92
    Гьес чӀвазе къотӀун буго цо чиясе - гьелдаги гьесул ракӀ бухӀун букӀун буго.
  93. 93
    ГӀумаханасул буюрухъалда рекъон пачалихъалда гьабун буго халкъалъул хъвай - хъвагӀайги.
  94. 94
    Гьеб хӀалтӀи тӀадкъан буго дибирзабазда.
  95. 95
    Хадуб данде босун буго къадар.
  96. 96
    Халгьабураб мехалъ, аваразул пачалихъалда вукӀун вуго нусазарго чи.
  97. 97
    ГӀумаханасул заманаялда цӀикӀкӀун букӀун буго магӀарулазул жанисан гъунки.
  98. 98
    Киназдаго бичӀчӀун буго жал цо чагӀи рукӀинги, ГӀумахан нуцал вукӀинги, цо тахшагьар букӀинги.
  99. 99
    Гьеб цокӀаллъиялъги гъункиялъги магӀарулазе квербакъула Надиршагь щушахъ виххизавизеги.
  100. 100
    Гьев нуцаласул рагӀи Кавказалъе къанунлъун лъугьун буго.
  101. 101
    Жанисан гъункичӀеб хӀукуматалъ къватӀире кьалбалги риччаларо.
  102. 102
    Гьелъие нугӀлъи гьабулел кочӀол мухъал нахъеги хутӀун руго: 1800 соналъ Тифлисалде бачӀуна инаралзаби Лазарев ва Гуляковасул бетӀерлъиялда гӀурусазул аскар.
  103. 103
    Гьеб аскаралде мугъги чӀван, гуржияз магъало кьоларо.
  104. 104
    ГӀумахан аскарги бакӀарун Тифлисалде тӀаде ун вуго.
  105. 105
    Цо бутӀа гуржиязул магӀарулазул рахъалда букӀун буго.
  106. 106
    ГӀурусазул аскаралъ нух ккун буго магӀарулазе.
  107. 107
    Нуцалас буюрухъ кьун буго, гӀурус аскарги рештӀаралъуб тун, цере аян.
  108. 108
    МагӀарулазул бо сордо базе рештӀун буго.
  109. 109
    Сордоялъ рилъун гӀурусаз нахъойги нух ккун батун буго.
  110. 110
    МагӀарулаз рагъ гьабун гьечӀо, ругелъур гӀурусалги тун Тифлисалдехун ун руго.
  111. 111
    Лъабабизеги Иори гӀурул рагӀалда гӀурусаз нух ккун батун буго.
  112. 112
    Гьеб мехалъ нуцалас буюрухъ кьелалдего, АхӀмадхан юрталъул боги бачун гӀурусазде тӀаде кӀанцӀун вуго, рагъ гьабун буго.
  113. 113
    ГӀурусал нахъе къан руго.
  114. 114
    Вазир ГӀалискандица кьаби щвезабун буго гуржиязда, гьел лъутун руго.
  115. 115
    ГӀалисканди богун гӀурус аскаралде нахъе лъугьун вуго.
  116. 116
    ГӀурусаз батальонал, гьоркьор гӀарадабиги лъун, ункъбокӀон гьабун чӀезарун руго.
  117. 117
    ТӀаде гӀарададул сачмаги гуллаги байдал, АхӀмадханил бо тӀурун буго.
  118. 118
    ГӀумаханас цойгидал боязе тӀаде кӀанцӀизе буюрухъ кьун буго.
  119. 119
    Гьезулги жо ккун гьечӀо.
  120. 120
    Цинги живго ГӀумахан кӀанцӀун вуго тушманасде тӀаде .
  121. 121
    Нахъе къалел ругел магӀарулазда гьес гьарулеб букӀун буго: «Нужеца яхӀ бахъе, гӀолохъаби!
  122. 122
    Нилъеда данде гьал чӀоларо», - ян.
  123. 123
    Гьел тӀуридал, живго тӀаде ун вуго тушманасде.
  124. 124
    Гьесда сверун ругел Гушу, ГӀалибулат, гьесул гӀагарал чагӀи - дайтилазул анлъгояв гӀарададул сачмаялъ гъурун руго.
  125. 125
    АскӀор хутӀараз ГӀумахан нахъеун вуго.
  126. 126
    Боги нахъе биччан лъукъарав живго ЧӀарахъ чӀун вуго гьев.
  127. 127
    ТалихӀкъосараб гьеб рагъ ккун буго 1800 соналъул 7 ноябралда.
  128. 128
    ГӀумахан хун вуго 1801 соналъул апрелалда.
  129. 129
    Бицен букӀуна гьесие загьру кьун бугилан.
  130. 130
    Гьеб хӀалтӀи гьабун бугин абула гьобол ХӀалаж ГӀабдулагьицаги гьесул рагьтӀател АхӀмадил ГӀашибицаги.
  131. 131
    МухӀамаднуцалица Баху ячун Йиго Хайдакъалъул ханзаби Надиршагьасдаса тӀурун Хунзахъе рачӀараб мехалъ.
  132. 132
    ГӀумаханасул талихӀаб лъимерлъи халатбахъун гьечӀо.
  133. 133
    1772 соналъ ЦӀоралда чӀван руто гьесул имгӀал МухӀамадмирзаги гьесул вас Булачги.
  134. 134
    «Хунзахъ тӀалагӀанаб тӀухьи арабин.
  135. 135
    ТӀолабго кьвагьаги гьитӀинав Булач?
  136. 136
    ТӀалтӀа бараб сигӀан гьир харил анин,:Кинабго бухӀаги МухӀамадмирза?»
  137. 137
    1774 соналъ гьезул рецӀел босизе арав МухӀамаднуцал рекӀкӀ гьабун чӀван вуго ФатагӀали-ханасул чадпралда жанив.
  138. 138
    Гьев гьитӀииго кӀудияв гӀун вуго, 15 сон байдал.
  139. 139
    гьесне гьабун буго хвалчен бухьи - вас гӀеялъул байрам.
  140. 140
    Инсан гьелъ тамах гьавулаян».
  141. 141
    ГӀумаханасул лъудби ГӀумаханас ячун йиго ункъо чӀужу.
  142. 142
    Гьельул адаб гьабун КӀванада росдадаса магьалогн рехун буго.
  143. 143
    ГӀумаханасул кумекчагӀи Бодул бетӀерлъун вукӀун вуго ГӀумаханасул яцалъул рос Чупан.
  144. 144
    бахӀарчияв чи вукӀун вуго.
  145. 145
    Гьел гурелги, ГӀумаханасда аскӀор киназго рикӀкӀунел чагӀи рукӀун руго Гушу , ГӀадалав, ГӀали, Гари.
  146. 146
    Бодул санарал Аваразул пачалихъалда рукӀана киназдаго лъалел болнухал.
  147. 147
    Болнухде нуцал вахъинелде, гьес хъалаялъул тӀохда чӀвалеб букӀун буго рагъулаб байрахь.
  148. 148
    «ТӀалла байрахъ чӀвала бодул кьал ккани» - ян буго халкъияб кочӀолъ.
  149. 149
    Салян, 1785 соналда.
  150. 150
    Тифлис Гиничукьа ХӀайдарбегица хъвалеб буго: «Гьес рахъарал шагьаралги, хъулбиги рикӀкӀун хӀалкӀоларо», - ян.
  151. 151
    Гьолокь ГӀумаханасул букӀун буго кӀудияб ракьги, рукӀун руго рукъзалги.
  152. 152
    1795 соналда Ираналъул шагь АгъамухӀамадханасдаса лъутун рачӀун руго Ибрагьимханги, Бахтикаги, лъималги.
  153. 153
    ГӀумахан вукъун вуго ЧӀарахъ росдал мажгиталъул азбаралда.