Where a word actually gets used.
Every document below is a real text — folklore, news, radio, records. Open one to read it, or search across all of them for a word.
Мавлид
-
1
Киса бачӀараб?
-
2
Бусурбабазул бищун хирияб ва тӀадегӀанаб, къадру цӀикӀкӀараб байрамлъун ккола Мавлид, жинда Аллагьасул салат салам лъеяв МухӀамад авараг кӀодо гьавулеб къо.
-
3
ГӀараб мацӀалъул мавлид абураб рагӀияльул магӀна буго гьавураб бакӀ, гьавураб сон абураб.
-
4
Гьединлъидал гьеб байрамги ккола авараг гьавураб къо.
-
5
Гьев гьавураб къо мухӀканго, баянго чӀчӀезабизе кӀун гьечӀелъул, гьеб къолъун тун буго гьев хвараб къо - 632 соналъул РабигӀул авалалъул анцӀила кӀиабилеб.
-
6
Ругел баяназда рекъон тӀоцебе Мавлид гьабун буго нилъер тарихалъул 1207 соналъ Музаффар ад-дин Кёкбюри абулев гӀалимас.
-
7
Месопотамиялда букӀараб Ирбил абураб шагьаралда.
-
8
Амма цинтӀаго гуро Мавлид киназего хирияб байрамлъун лъугьараб.
-
9
Байбихьуда машгьурал гӀалимзабаз абулеб букӀана гьеб диналде данде кколареб бидгӀа бугилан, бугониги гьелъул къисматги, машгъурлъиги, тӀадегӀанлъиги цӀцӀикӀкӀана ва XVI-XVII гӀасрабазул гӀорхъода ГӀусманиязул улкаялда гьеб жамгӀияб байрам хӀисабалда тасдикъ гьабуна, гьединаблъун гьеб лъугьана тӀолго бусурбабазеги.
-
10
Гъеб хирияб къоялъ байрамалде данделъаразе цӀалула авараг кӀодо гьарурал, гьесие рецц-бакъ гьарурал назмаби-мавлидал.
-
11
Гьезул кьучӀчӀлъун лъугьун руго аварагасул гӀумру, гьесул гъайбатал ва бахӀарчиял ишал, гӀажаибал лъугьа-бахъинал, гьесул камилаб сипат.
-
12
Гьел гӀаммал баяназул кьучӀалда жидерго мацӀцӀалда Мавлидал гӀуцӀцӀизе хӀаракат бахъулеб букӀана тӀолалго бусурбан диналъул миллатазул гьунар ва лъай бугел гӀалимзабаз, гьезда гьоркьор рукӀана гьай-гьай магӀарулалги.
-
13
МагӀарулазда гьоркьоб тӀибитӀи Миякьоса ГӀадул вас ГӀумар-ХӀажица хъвана камилаб ва гӀатӀидаб, кӀудияб къасидат - «Аварагзабазул къиса».
-
14
Адам аварагасдаса байбихьун, цонигияв гьоркьов виччачӀого, гьес хъвана киналго аварагзабазул гӀумруялъул, динияб хӀаракатчилъиялъул хӀакъалъулъ.
-
15
Асаралъул ахиралда жинда Алагьасул салат-салам лъеяв МухӀамад аварагасул бицунаго, гьес хъвалеб буго жинца гьесул гӀумруялъул хӀакъалъулъ нахъеги гӀатӀидго, гъваридго хъвазе бугилан.
-
16
Гьес жиндирго анищ гӀумруялде бахъинабуна.
-
17
Хадусел саназ хъвана кӀудияб, камилаб Мавлид, гьеб гьесул цӀаралда гъоркь халкъалда гьоркьоб загьирлъана.
-
18
Гьелдаса хадубги ГӀумархӀажица хъвана гьайбатаб кӀиго асар «МугӀжизат ан-наби» - аварагасул гӀаламатал ва «МигӀрадж ан-наби» - зобалазде авараг воржин.
-
19
Гьел асаразул пасихӀлъиялъулги, рагӀул гогьаралъулги магӀнаялъул кӀудияб даража буго.
-
20
Назму чваххун бачӀуна бацӀцӀадаб иццул лълъим гӀадин.
-
21
Гьесул мисалалда хадур рилълъун, гьесул жигарчилъи гьоркьоса къотӀизе течӀого, хъвана мавлидал машгьурал гӀалимзаби-шагӀирзабаз.
-
22
Камилаб ва гъваридаб мавлид хъвана Щуланиса Абу-Исхакъил вас ИсмагӀилица, «Мавлид ал-акбар» кӀудияб Мавлидин цӀцӀар лъуна жиндирго гьайбатаб асаралда гьес.
-
23
Гьигьалъа ГъазимухӀаммадил вас МухӀамадица, «Мавлид ал-акбар» - кӀудияб мавлид гӀуцӀцӀана, ЧӀаралдаса Малла-МухӀаммадил вас Малла-ХӀасаница, гьебго цӀцӀаралда гъоркь хъвана цӀияб мавлид.
-
24
Гьединал асарал хъваразул сияхӀалда гъорлъе рачине мустакӀикъал руго Иихоса ГӀалихӀажиясул, Игьалиса ГъанцӀил, ГӀахӀалчӀиса МуртазагӀалихӀажиясул, ГӀуриса ГъазимухӀамадил цӀцӀарал.
-
25
Гьел Мавлидазул халкъалъе хиралъиялъе, гьезда гьоркьоб машгьурлъиялъе нугӀлъи гьабула, гьезул щибаб батӀа-батӀагоги, яги данде гьарурал мажмугӀаздаги чанго нухалъ, кӀудияб къадаралда басмаялде рахъун рукӀиналъ.
-
26
КигӀан гӀемер гьел къватӀире риччаниги, согӀаб заманаялъ гьезул лъалкӀ тӀагӀинабуна, нахъе цӀунизе кӀвана нагагьал тӀахьал ГӀободаса ХӀайбуласул МухӀамадил вас Сиражудин.