Where a word actually gets used.
Every document below is a real text — folklore, news, radio, records. Open one to read it, or search across all of them for a word.
МагӀлиб
-
1
Гьесдалъун ракӀ чӀараб буго магӀладерил ракьалдаги чанго батӀи-батӀиял гӀадамаз, батӀи-батӀиял гӀасрабазда гӀадамаз гӀумру гьабулеб букӀинги.
-
2
Гьеб бихьулеб буго гьанже магӀладерица гӀумру гьабулеб ракӀалда рукӀин гьезда ва гьезул умумузда лъаларого рукӀарал цӀакъгозахӀматал бакӀазда гьарун рукӀарал цогидал хӀалтӀаби.
-
3
Гьаниб абизе ккола магӀладерил ракьалдаги гьечӀо имсанас квер багъари гьабичӀеб бакӀ.
-
4
Аслияб къагӀидаялда хурзал гьари.
-
5
Гьеб буго халатаб история.
-
6
Гьанжесел магӀлал рачӀинегӀан магӀладерил ракьалда гӀумру гьабулеб букӀун буго гуржияз.
-
7
Гьел кинха гьанире ккарал?
-
8
Гьеб ккола гӀагашагарго IX-XIV гӀасрабазда.
-
9
Гьеб заманалда Гуржистаналда гьоркьоса къотӀичӀого рагъал кколел рукӀун руго жодедаго жанил-князьзабазда гьоркьоб.
-
10
Гьелъ рахӀат хвезабурал гӀемерал рекьарухъаби рехун тун гуржистанги лъилго квешаликь гьечӀел чӀорогоял ракьазде магӀарухъе гочун руго.
-
11
МагӀишат гӀуцӀизе захӀмат букӀаниги ракъниги букӀинчӀо гьезие гьаниб.
-
12
КӀиабилебги гӀила: XII-аб гӀасруялъ 90-аб соназда гуржиялъул царица Тамараца жигар бахъулеб букӀуна магӀарухъ ругел гӀадамазда гьоркьоб христианазул дин тӀибитӀизабизе ва гьеб гӀилаялъе гӀоло гьелъ магӀарул ракьалде хӀалалъ гочинарулелги рукӀун руго мискинал гуржиял-рекьарухъаби, такъсирчагӀи ва кашишалги.
-
13
Гьелъие ракӀ чӀараб нугӀлъун ккола гьел саназда бараб гьанжеги нахъе хутӀун бугеб Советияб мухъалъул Датунаялда гуржияз бараб килиса.
-
14
Гьеле гьеб заманалда МагӀрилги рукӀун руго гуржиял.
-
15
Гьелда цӀарги магӀладерица «Росолъ» абун гьениб гьаб сагӀатги гӀемер батула гьезул шагӀил цӀа-рагӀ гъурун хутӀарал рекарал цӀакъго рицатал рекелал, накъишал рахъарал ганчӀал, ганчӀил алатал ва цогидалги.
-
16
Росдал гӀадамаз минаби разе гамачӀ нахъе баччун, гьанже гьеб росу букӀараб бакӀалъул хутӀараб букӀцин гьечӀилан абизе бегьула.
-
17
Гьел МагӀлиса нахъе инее гӀилаги рикӀкӀуна магӀишаталъе захӀматаб бакӀ букӀун хасго гӀемерал соназ бакъ бан ракь холеб букӀин, лъалъазе лъим гьечӀолъи ва аслияб гӀила Гуржистаналда рагъ-кьал дагьлъи.
-
18
Гьенибго магӀишат гьабизе бигьаяб букӀун унаго гьез киналго минаби рухӀун руго.
-
19
Гьез гьанир гьарун рукӀун руго чӀахӀиял хурзал, магълъал ва ахалги.
-
20
Хасгогьез тӀад чӀун гӀезабулеб букӀун буго цӀибил ва гьеб магӀладерил ракьалда лъикӀго бижулебги букӀунги буго.
-
21
Гуржи миллаталъул гӀадамал нахъе аралдаса гьеб ракьалъул бетӀергьабилъун рахъун руго Кудел .
-
22
Гьел гьанире рачӀунел руго соналъ гьеб заманалда цӀакъ гьарзаго букӀараб чан гьабизе.
-
23
Гуржияз гӀезабураб ахалги хурзалги чӀунтун руго гьедин ун буго XIV-XVаб гӀасраби гьедин чӀобого магӀладерил бакӀ.
-
24
Гьениб МагӀлиб бакӀ рехсон гьечӀо.
-
25
Гьелъ нугӀлъи гьабула гьеб заманалде МагӀлиб букӀин жибго-жиндаго чӀараб кӀудияб росу.
-
26
Гьел росаби XVIII-аб гӀасруялда Кудалисан ккарал ратании МагӀлал кудалисан рачӀун МагӀлир чӀун рукӀине ккола XVI-аб гӀасруялдаго.
-
27
Гьелъие нугӀлъи гьабула гӀемерал биценазги ва ганчӀида рикӀкӀун хъварал цо-цо гӀемерал тарихъазги.
-
28
Гьелдалъун абизе бегьула МагӀлиб росо бижизе кьучӀ лъунилан XVI аб гӀасруялъул кӀиабилеб бащалъиялда.
-
29
Дир пикруялда рекъон гьеб ккола 1585 соналъул май.
-
30
Нахъе хутӀараб биценазда божани гьанже ХӀажимухӀамал МухӀамадил ва ЯхӀияхӀажиясул минаби ругел бакӀазда гьеле гьеб заманалда 5-10 чияс ран руго жодоего гӀисиналго 1-2 рукъги цо-цо боцӀуе бокьалги ругел минабиги.
-
31
Гьеб буго магӀладерил ракь кибехунго бихьулеб, лъим-цӀадаз зарал гьабизе рес гьечӀеб, лъеде гӀагарда, гъоркь кьуруги бугеб борхалъибугеб бакӀ.
-
32
Гьеб заманалда магӀладерил ракьалда кутакал рохьал заз-хъарахъ бижун букӀун буго.
-
33
Гьез тӀоцере минаби рарал бакӀаздай сит абуни кьуру бухӀиналъ гъветӀ-хер букӀун гьечӀо.
-
34
Гьеле гьез хӀалтӀизаризе байбихьун буго гуржиязго гьарун тарал хур-ахал ва тӀадеги жодоцагоги гьарун руго хурзал.
-
35
Щай гьел гьенире рачунел рукӀарали 2 батӀияб пикру буго: цо-цояз абула хвараз хадуб гьарулеб садакъа жодоего кьине гӀоло, цо-цоязин абула жамагӀат цо букӀине ай кӀудияб жамагӀат букӀине гӀололъунилан.
-
36
Гьеб кисеб битӀараб бугешале лъазе захӀмат буго, амма ракӀ чӀараб буго хӀалалъ Кудаливе восизавулев вукӀин куделдерил жамагӀаталъеги ракӀ чӀараб буго.
-
37
Ахирги магӀладерица инкар гьабун буго хварав Кудаливе ваччизе.
-
38
Теларилан Кудел риччаларилан магӀлалги рагъцин ккун буго.
-
39
Ахирги магӀладерие бокьухъе тун буго.
-
40
БоцӀуе базе бугеб рагӀи-хер магӀладерица цӀунулеб букӀун буготӀахазда ва гьорохъ.
-
41
Гьелдалъун гӀемерал цӀаял кколел рукӀун руго.
-
42
ХӀукму гьабун буго "хъилаб" абулеб бакӀалда цӀунизе гьеб рагӀи-хер.
-
43
Гьеб букӀун буго малиги чӀван рахине кколеб бакӀалда.
-
44
Гьелдасан бачӀарабилан абула росдада цӀарги-МагӀлиб абун.
-
45
Гьеб цӀар росдада рекӀинеан Куделдерица магӀладерида " Кулал" абун абулеб букӀун буго.
-
46
Бекьулеб букӀун буго ролъ, бугӀа, гьохъ, луч ва гонег.
-
47
Гьелъие нугӀлъун руго гьаб сагӀатги росдал къотӀнахъ ругел лал тӀамулел, гьоцӀабаз рачунел рукӀарал чӀахӀиял ганчӀил махрабаз.
-
48
ЦӀоросаролъ ва багӀаргьоло бекьизе ругьунлъаралдасан тӀубанго культураби рекьи тӀубанго рехун тун буго.
-
49
Хьихьулеб букӀун буго гӀи, боцӀи.
-
50
ЦӀакъго захӀмат баччун гӀезарун руго ахал.
-
51
Бищунго кӀвар кьун гӀезабулеб букӀун буго цӀибил, хадубин абуни пурчӀун бугел пихъал.
-
52
ЛъикӀго бижулеб букӀун буго цӀоросаролъ.
-
53
Гьелдалъун магӀладерида гьитӀинаб чачан-инанги абулеб букӀун буго.
-
54
Бищунго магӀладириеги магӀлалги рокьулел чагӀи рукӀун руго хьергеб.
-
55
Гьикъе хьергебдерил хутӀаразда.
-
56
Цоги мисал: хъахӀазул аскар хьагабиреги кӀанцӀун бахъараб гӀемераб бечелъи гьез цӀунун букӀун буго солдерил кьода жаниб.
-
57
Гьезухъа гьеб бахъун буго магӀладерица ва МагӀлибеги баччун щибго течӀого хьергебдерие нахъ бусинабун буго, I9I9аб сон 22 сентябрь.
-
58
ГӀадат букӀун буго БецӀкъварилъухъе нух къачӀазе росаби рахъинарулеб.
-
59
Хьергеб рачӀине нух къачӀазе рачӀине ругеб цебехун къоялъ МагӀлиб гӀакӀа ахӀулеб букӀун буго " нухтӀе хьергеб рачӀине рагӀула гьезие гьоболлъи гьабизе къачӀай.
-
60
Гьел пихъ кваназе ахазукье раче-ян.
-
61
Гьедин абулебги букӀун буго.
-
62
Хьергеб МагӀлиреги, магӀлал хьаргабиреги гьоболлъухъ хьвадулел рукӀун руго.
-
63
Гьабулеб букӀун буго квана-гьекъей хасго тӀоритӀулел руӀкун руго спорталъулал къецал, гамачӀ рехи вагугар.
-
64
Гьанже гьудуллъи киналго росабазул щулияб буго.
-
65
Шамил имам ккун хадуб, Жифрисалде аманатхӀисабалда къадру къимат бугел магӀарулазул чанго чи вачун вуго.
-
66
Гьеб тӀехь МагӀладерил росу бакьулъан буго чабхил кӀкӀал.
-
67
Гьеб кӀкӀал букӀун гьечӀо.
-
68
Гьенир букӀун буго ахал ва хурзал.
-
69
КӀкӀал бакьулъ букӀана кӀудияб цӀулакьодул гъветӀ.
-
70
Гьелда абулаан хӀайидал икил гъветӀабун.
-
71
ГьедигӀан кӀудияб цӀулакьодул гъветӀ кибниги бижун батиларин абуни гьереси ккеларо.
-
72
Росого берцин гьабун букӀараб гьеб бухӀизе цӀулал чӀоло 1930 абулел соназ къотӀун буго.
-
73
Дарада рагӀала букӀараб кутакаб рохь къотӀаралдасан дагь-дагь ккун ихал рачӀун руго гьез бачун чабахги бачӀун буго.
-
74
Шамилил болъ гӀезегӀанго магӀлал рукӀун руго ахӀул гохӀда ккараб рагъулъ бахӀарчиго вагъарав ХӀажидада абулев чиясул гурони цар нахъе хутӀун гьечӀо ревалюция ккезегӀан росулъ букӀана 6 мажгит ва цо мадрасаги.
-
75
Гьел къан рукӀана 1930 аб соназ.
-
76
БатӀи-батӀиял соназ хӀеж борхизе Меккаялде ун вуго МагӀлиса 35 гӀанасев чи.
-
77
Гьел гъая гьечӀого нахъ русун руго.
-
78
ТӀоцебесеб дунялалъул рагъулъ магӀладерил 14 чияс гӀахьаллъи гьабун буго.
-
79
Гьел рукӀун руго Тунзиса МуртазагӀали абулев царасул армиялъул афицер-камандирлъун вукӀарав.
-
80
Гьезул цо-цоял нахъ русун гбечӀо.
-
81
Рагъулъ бихьизабураб гьунаразе гӀоло гьел рагъазулъ МагӀлиса ХӀажиясул ГӀумар абулев МагӀлисесе махул орден кьун буго.
-
82
Рагъулъ ХӀахӀ МухӀамадил лъикӀав гьалмагъ вукӀун вуго МагӀлиса Муртазал вас МухӀамад.
-
83
Ревалюциязул соназ цониги магӀлисес гӀолохъанаб советияб власталде данде бахъулеб букӀараб цониги армиялда яги къукъаялда гьоркьоб гӀахьаллъи гьабун буго.
-
84
Гьединго цониги магӀлиса чияс советияб власталде данде рагъизе гӀадамалги ахӀун гьезул къукъаги гӀунцӀун гьечӀо.
-
85
МагӀлиб школа рагьун буго 1926 соналда.
-
86
МагӀлиса тӀоцеве партиялде лъугьарав чи ккола ХӀасанов МухӀамад .
-
87
МагӀлиб тӀоцебе партиелъул ячейка рагьун буго 1925 соналъ МагӀлиб тӀоцебе комсомолазул ячейка рагьана 1926 соналъ.
-
88
Гьезул тӀоцебесев секретарь ГӀамачов АбдурахӀман вукӀун вуго.
-
89
Партиелъул ячейкаялъул тӀоцебесев секретарьлъун Ругъжаса ГӀисаев ГӀабдула абулев чи вукӀун вуго.
-
90
Советияб хӀукуматалъул соназда 2 чӀужу гӀадан йикӀана росдал советалъул председательлъун: ГӀалибегова ПатӀимат ва ГъазимухӀамадова Марьян.
-
91
Партиялъул мухъилъе лъугьарай тӀоцебесей чӀужугӀадан ккола Юсупова ГӀашура.
-
92
ТӀоцебе тӀадегӀанаб лъай босарав МагӀлисев ккола МухӀамадхӀажиев МухӀамад .
-
93
ТӀоцебе тӀадегӀанаб лъай шварай МагӀлисей ккола ХӀасанова ПатӀимат .
-
94
МагӀлиса ГӀабдулмаликица рехстаг бахъизе гьарулел рагъазулъ гӀахьаллъи гьабун буго.Берлин бахъулаго рагъазулъ гӀахьаллъи гьабун буго СагӀидов ГӀабдулмаликица.
-
95
Рагъ байбихьаралдаса лъугӀизегӀан рагъулъги вукӀун 1945 соналъ 3 маялда Берлиналда чӀван вуго эбел-инсул цо вукӀарав вас МагӀлиса МухӀатӀалил МухӀама.
-
96
Гьеб рагъулъ гӀахьаллъарал магӀладерил гӀезегӀаназе щун руго медалал.
-
97
Кавказалде немцал рачӀиндал гьезда данде рагъулел рагъухъабазе, окопал ва хандакъал рахъиялъулъ гӀахьаллъи гьабун магӀладерил нус-нус бихьиназ, руччабаз ва гӀолилазги.
-
98
Кавказ цӀуниялъе гӀоло медалал кьун руго 26 магӀлисезе .
-
99
ВатӀанияб рагъул соназда мисалияб хӀалтӀуе гӀоло медалал кьун руго 75 чиясе.
-
100
Калхозалда мисалияб къагӀидаялда хӀалтӀиялдалъун 1967 соналда "захӀматалъул багӀараб байрахъ орден" кьуна Шейхов ГӀумарие.
-
101
Цоккураб миллаталъул магӀарул росу.
-
102
Дагъистаналъул ва советиял гӀалимзабаз чӀезабун буго Дагъистаналда ва гьездаго гьоркьоб гьанже авараз гӀумру гьабулебругел магӀарухъги гьанжеялдаса 20 азарго соналъ цебе гӀадамаз гӀумру гьабулеб букӀин.
-
103
Дагъистаналъул мацӀал абураб тӀехьалда хъван буго XVIII-аб. гӀасруялъул ахиралда куделдерил жамагӀаталдаса нахъе тӀун батӀа рахъун чӀана Мурада, Дарада, Хъвартихьуниб ва Тунзиб росаби абун.
-
104
Щибаб соналъ 5-10 цӀараки Кудалисан рачӀун МагӀлир чӀун руго.
-
105
50 гӀагарун соназ магӀлив хварав чи чолаги къан вукъизе Кудалире рачунел рукӀун руго.
-
106
Каримовас чӀунтараб росу хьергедерие кумекалъе СалтӀа сверухълиялдаса гӀадамал рачӀанилан абураб бакӀалда магӀладерил цӀар рехсон гьечӀо.
-
107
Гьезда гьоркьов МагӀлиса генху абурав чиги вукӀун вуго.
-
108
Цояв нахъ вусун вачӀунаго унтиги чӀван хун вуго ва Стамбулалда гӀагарлъухъ вукъун вуго.
-
109
1905 соналъ букӀараб гӀурусазулги япониялъулги рагъулъ гӀахьаллъи гьабун буго лъабго чияс: Сайпулагьил ХӀасаница, Гъамбулатил Хажил МухӀамаца ва КъурахӀмал Мусаца.
-
110
МагӀлиса: Гьимат, СагӀадулагьил ГӀумарва ва МухӀамадов МухӀамад багӀараб партизаналлъунги лъугьун ревалюциялъул тушманзабазде данде рагъулел рукӀана.