Where a word actually gets used.
Every document below is a real text — folklore, news, radio, records. Open one to read it, or search across all of them for a word.
МахӀмуд Жалалудин-апанди ад-Дагъистани
-
1
Рокъоб ислам диналъул гӀелмаби цӀаларав, гӀараб хатӀалдехун гӀишкъу ккарав ва пагьму бугев МахӀмуд Жалалудиница хӀукму гьабула доб заманалъул машгьурал хатӀатал Ахъ Малла ГӀумарапанди, МухӀаммад Расимапандил тӀалиб ГӀабдулатӀипапанди, Ямакзаде СалихӀапанди ва Абубакар Рашидапанди гӀадал устарзабазухъа дарс босизе.
-
2
Амма, цо биценалда рекъон, хъачӀаб гӀамал-хасияталъул, согӀаб тӀабигӀаталъул чи вукӀиналъ, гьез МахӀмуд восун гьечӀо жидедаго цеве цӀализе.
-
3
Сабур гьабунгутӀиялъе гӀиллалъун магӀаруласе хасиятаб гӀамалкӀодолъиялъул асар жиндилъ букӀиналъ, цониги устарасул дарс, бетӀералдаса байбихьун аххаде щвезегӀан бачун, тӀадкъарал хӀалтӀаби тӀуран, кколеб ижаза босун гьечӀо МахӀмуд Жалалудиница.
-
4
Гьединлъидал, живго хӀалтӀун, доб заманаялъул турказул машгьурал хатӀатал шайих ХӀамдуллагьил ва хӀапиз ГӀусманил асаразухъ балагьун, хъвадаризе ругьунлъиялъ, жинцаго жиндирго махщел цебетӀезабун ва устарасул даражаялде вахун, цо хасаб стилалъул бетӀергьанасул даражаялде щола МахӀмуд Жалалудин.
-
5
ГӀелмияб гӀумруялъул байбихьуда гьев магӀарулав турк жамагӀаталда жанив лъалаан МахӀмудил Мавдуд абураб цӀар гъоркь хъварал асараздалъун.
-
6
Хадуб гьес босана МахӀмуд Жалалудин абураб цӀар.
-
7
Гьелъие гӀиллаги лъаларо.
-
8
Гьесул цӀакъ берцинаб хатӀалъ хъварал Къуръаналъулги, Къуръаналъул аятазулги ва диниял шигӀрабазул, дугӀабазул тӀахьазги, хъорщодаги, ххамидаги хъварал шигӀрабазул мухъазги, батӀи-батӀиял хатӀазул мисалал жанире рачарал мажмугӀазги жидерго мустахӀикъаб бакӀ ккун буго турказул музеяздаги коллекциябаздаги.
-
9
Гьединго гьес нахъе тана некӀсиял хатӀазул асаразда релълъенарун хъварал шигӀрабиги мажмугӀалги.
-
10
Амма, биценазда рекъон, гьесул цогидаб, «жали сулс» абураб хатӀ букӀун буго дагьабго хъачӀаб, камиллъи гьечӀеб, хӀаракал загӀипаб.
-
11
Гьеб сабаблъун, гьеб дандекквезе бегьулареб букӀун буго гьесулго заманаялъул машгьурав цогидав хатӀат МустӀапа Ракъимил хӀаракатаб ва хӀалуцараб сурат бугеб гьайбатаб къагӀидаялде.
-
12
Гьеб гьедин бугониги МахӀмудапандил машгьурав тӀалиб МухӀаммад ТӀагьирил бихьизабиялда рекъон, султӀан ГӀабдул Мажидица жиндир заманалда МустӀапа Ракъимил нух босараб хатӀатазул цо къокъа МахӀмуд Жалалудин-апандил нухдасан билълъине тӀамун букӀун буго.
-
13
Жиндирго килщазда къаламги нахъбилълъинабулаго, гьес щибаб хӀарпалъе кьолаан цо хасаб, такрарлъи гьечӀеб гугьар».
-
14
Цогидаб асаралда тӀадегӀанаб къимат кьолеб буго устарасул махщалилал къагӀидабазе: «МахӀмуд Жалалудин вукӀана анцӀила кӀиго батӀияб хатӀалъул бетӀергьанлъун ва жеги цӀиялги ургъулел рукӀана гьес.
-
15
Гьелда релълъараб жо дунялалда букӀинчӀо.
-
16
Дагъистанияв вукӀана тӀадегӀанаб къадруялъул ва устарлъиялъул инсан.
-
17
Гьелъул бицунеб хӀужалъун ккола, гьев вукӀин султан Селим III-абилесул эбел МихӀрамшагь Валиде СултӀанил хабада, тарихияб мармар ганчӀида гьарурал хъвайхъвайгӀаязул авторлъун».
-
18
ГӀусманиязул империялда билълъараб практикаялда рекъон, падишагьасул пурманал хъвалеб цо хасаб хатӀ букӀун буго - "дивани хатӀ" абураб.
-
19
Гьеб хатӀалъ МахӀмуд Жалалудиница падишагьасул пурманал хъвалел рукӀанилан абураб жо кибниги хъван гьечӀониги, амма дивани хатӀалъ МахӀмудица хъвараб ва гьес гъоркь квер лъураб цо шигӀруялъ нугӀлъи гьабулеб буго гьев гьеб хасаб хатӀалъулги кӀудияв, бажари бугев устар вукӀараблъиялъе.
-
20
Гьаниб абизе ккола, МахӀмуд Жалалудинапандил чӀужу Асма Ибратицаги танин жиндирго цӀар хатӀалъул сангӀаталдайилан.
-
21
Ахираб заманалда Турциялда гьарурал цӀехрехазул хӀасилалда ратана МахӀмуд Жалалудинапандица нахъе тарал гӀемерал асарал: хъорщода, ганчӀида, ххамида, батӀибатӀиял бакӀазда гьарурал хъвай хъвагӀаял, гьесул квералъ хъварал диниял шигӀрабазул мажмугӀал ва гьел гурел цогидалги.
-
22
Гьанив вукъун вугин хъвалеб буго МахӀмуд Жалалудин]] Истамбулалда, Босфоралъул рагӀалда бугеб Иставроз районалда хъизангун цадахъ гӀумру гьабулев вукӀарав МахӀмуд Жалалудинапанди ад-Дагъистани хвана 1829 соналда (гьижрияб 1245) ва вукъун вуго шайих МахӀмудил дергахӀалъул хабалазда.
-
23
Гьанже гьев кӀудияв гӀалимчиясул ва хатӀатасул хоб бугеб бакӀ лъалеб гьечӀо, амма гьесул жибго зани цӀунун буго гьеб дергахӀалда.
-
24
ХатӀат шайихзабаздаса Алжаналда бакӀ щварав, рахӀмат насиблъарав ва БетӀергьан тӀасалъугьарав МахӀмуд Жалалудин апандил рухӀалъе гӀоло алПатихӀа.
-
25
Амма падишагь хун хадуса гьезул гӀемерисел жидерго устарасул нухде тӀадруссун руго.
-
26
«Ислам каллиграфиялъул вакилзаби» абураб макъалаялъул автор МухӀамад ТӀагьирица гьадинаб къимат кьолеб буго магӀаруласул махщелалъе: «ХӀатта бищун ругьунаб, гӀадатаб хӀалтӀицин МахӀмуд Жалалудиница гьабулаан цӀакъ ургъун, кӀваркьун.
-
27
Гьединго ратун руго гьесул лъади Асмал ва тӀалиб МахӀмудТӀагьирил квераз хъварал асаралги.