Real Texts

Where a word actually gets used.

Every document below is a real text — folklore, news, radio, records. Open one to read it, or search across all of them for a word.

Мегрел мацӀ

Wikipedia · 11 lines · added 21 Jul
Author
Unknown
Genre
Unknown
Language
Avar
Tags
None
Grammar tags
90.8%
  1. 1
    Гьеб мацӀалда кӀалъалезул гӀемерисел руго гӀумру гьабун Самегрелоялда .
  2. 2
    Аслияб адабияталъулаб ва хъвавул мацӀ хӀисабалда хӀалтӀизабула гуржи мацӀ, жиб гӀемерисезда лъалеб.
  3. 3
    Кинабниги буго 29 рагьукъаб фонема, 2 рагьарабгин рагьукъаб, 5 рагьараб ва 1 бащдарагьараб.
  4. 4
    КӀалъалезул къалар гӀага-шагарго - 345 азарго чи.
  5. 5
    ЦӀар ЦӀаралъул вариантал: мингрел, ивер, эгер.
  6. 6
    Классификация Цогидал картвел мацӀазул Мегрел мацӀалде бищун гӀагараб буго Туркиялда тӀибитӀун бугеб Лаз мацӀ, гьелда цадахъ мегрел мацӀалъ гӀуцӀула «зан» къокъа.
  7. 7
    Гьел мацӀал ратӀалъараб заман баян гьабизе кӀола лексикостатистикаялда: гьезул 100 аслуяб рагӀи бугеб сияхӀалда данде ккеялъул буго 57 %, жибги глоттохронологиялда рекъон н.щ.
  8. 8
    VIII гӀасруялде данде кколеб.
  9. 9
    Мегрелазул хъвай-хъвагӀи кириллицаялде бачине хӀал бихьулеб букӀана 1860-лел соназдаса бахъараб.
  10. 10
    Унгоял халатал рагьарал ва хӀакъал дифтонгал гьечӀо.
  11. 11
    Жиндир гӀуцӀи эргативияб бугеб гуржи мацӀалде данде ккун, Мегрел мацӀалъул синтаксисалда гӀемерисел руго номинативияб гӀуцӀиялъул гӀаламатал.