Where a word actually gets used.
Every document below is a real text — folklore, news, radio, records. Open one to read it, or search across all of them for a word.
Мулла МухӀаммад ГӀумар
-
1
Гьавуна Къандагьаралъул Нодех абулеб бакӀалда, мискинаб векьарухъанасул хъизамалда.
-
2
Советиял рагъул къуватал нахъе ун хадуб, 1989 соналъ мулла ГӀумар лъугьана жинцаго кьучӀ лъураб мажгиталъул имамлъун, Къандагьаралъул бакътӀерхьуда бугеб Майванд икълималъул Сангсар росулъ.
-
3
Гьев вукӀана Афгъанистаналъул бетӀерлъун 1996 - 2001 сс.
-
4
Сахебил рагӀабазда рекъон, ахирисеб къо щкезегӀан ГӀумар дандечӀун вукӀун вуго Къандагьар ьун иналда ва гӀицӀго америкаялъул рагъул къуватал шагьаралде лъугьунеб къоялъ разилъун вуго гьениса цодагьабго цӀодорлъи гьабизе рес рекъараб бакӀалдехун ине.
-
5
ЦӀакъ вацӀцӀадав чи.
-
6
Исламияб Имарат Афгъанистаналъул вукӀарав къватӀисеб сиясаталъул идараялъул бетӀер Вакил АхӀмад Мутаваккал, жив гӀемерав мулла ГӀумаргун дандечӀварав, гьес гьадин абуна ГӀумарил хӀакъалъулъ: «мулла ГӀумарил бищун цӀакъал хасияталлъун ккола гьесул ритӀухълъи, нич букӀин, гьев вукӀана рацӀцӀадал ниятазул чи.
-
7
Жигьадалда гьесул цояб бер бахъана.
-
8
Жиндир хӀукмуялда вугеб гӀанасеб заманаялъ МухӀаммад ГӀумар, гьеб заманаялъ Афгъанистаналъул официалияб гуреблъун букӀараб тахшагьар Къандагьаралда букӀараб резиденция бахун цӀакъ къанагӀат гурони къватӀиве унев вукӀинчӀо; Кабулалде гьев ваккана гӀицӀго ункъго нухалъ.
-
9
11 сентябралъул лъугьа-бахъиназдаса хадуб НАТОялъул къуватаз Афгъанистаналда гьабураб рагъул хӀасилалда ТӀалибаназул хӀукумат биххизабуна, ва мулла ГӀумар вахчана.
-
10
Гьелдаса хадуб лъабго моцӀалъ халат бахъун батӀи-батӀиял баянал кьолел рукӀана рагъул экспертаз, сиясатчагӀаз ва газет-журналазул мухбирзабаз, киве ва кинаб хӀалалда Афгъанистаналъул бетӀер ун ватизе бегьулеван.
-
11
2002 соналъул январалда Пакистаналда «Newsweek» изданиялъул мухбирас интервью босана мулла ГӀумарил вукӀарав шопера Кари Сахебихъ ва гьес бицана кинаб куцалда ТӀалибазул бетӀер гьеб мухъалдаса вахчараван.
-
12
Гьев вугеб бакӀ бицаралъухъ, АЦШ-аз 10 млн доллар кьезе бихьизабун букӀана.
-
13
Суфизм Цо-цо информалатазда хъван буго гьев суфизмаялда нахъ вилълъарав, тӀарикъат гьабулев чи вукӀанин, амма гьел жалазе хӀужжа гьечӀо.
-
14
Хасал баянал - Дуе кинаб асар гьабураб Мулла ГӀумарица?