Where a word actually gets used.
Every document below is a real text — folklore, news, radio, records. Open one to read it, or search across all of them for a word.
МухӀамад-СагӀид Шамил
-
1
МухӀамад-СагӀид гуревги гьезул рукӀана ясал-Нажабатги (1899-1983) Нажияги (I9I6-1983) ва гьитӀинго хварав вас Жамалудинги.
-
2
ГӀусманиязул Империя бихун хадуб, МухӀамад-Камил хъизангун цадахъ гочана Истамбулалде.
-
3
Гьениб МухӀамад-СагӀидица лъугӀизабуна Галатасарай лицей.
-
4
Гьев… къутӀуш лъун вукӀана Дагъистаналъул контрреволюционерас жиндирго хӀаракаталъул бетӀерлъуда».
-
5
Гьел бугьтанал жакъагицин дандчӀвала газетазда ва журналазда рахъарал цо-цо макъалабазда.
-
6
Амма хӀакъикъаталдаги гьединав чи вукӀинчо МухӀамад-СагӀид.
-
7
Гьес киданиги рагӀад рехизе течӀо жиндир ссилияб тухумалдеги кӀудиял умумазул ишаздеги цӀараздеги.
-
8
МухӀамад-СагӀидида цӀакъ лъикӀ лъалаан жив лъил наслуялъул чи кколевали.
-
9
Къадруяв, аваданав, чӀухӀи гьечӀев гьев киназего вокьулаан ва киназго гьесул хӀурматги гьабулаан.
-
10
Камилаб пикруги пасихӀаб каламги букӀарав СагӀид Шамил гьебго заманалда вукӀана гӀакъилчиги тарихчиги».
-
11
Гьесие цӀакъ бокьулаан Дагъистан.
-
12
Гьезда гьоркьоб букӀана I9I8 соналъул II маялда Шималияб Кавказалъул халкъаз, Россиялдаса тархъанлъараб, жибго жиндаго чӀараб пачалихъ МугӀрузулаб Республика лъазабиги.
-
13
Гьеб къеркьеялъул идеологияб кьучӀлъун букӀана ислам, мурадлъун-ватӀаналъул тархъанлъиги эркенлъиги цӀуни ва щула гьаби.
-
14
Шималияб Кавказ ва Дагъистан жибго-жиндаго чӀараллъун рукӀине гӀоло гьабулеб букӀараб рагъ гьелъул идеологазги церехъабазги рикӀкӀунаан Шамил имамас гьабураб рагъул, ай гъазаваталъул цӀияб гьумерлъун.
-
15
Гьелъул мурад букӀана ватӀаналда лъугьараб ахӀвал-хӀалалда тӀасан халкъалъул пикру лъазабизе ва, гьебги хӀисабалде босун, большевиказде данде къеркьей билълъинабизе.
-
16
Гьеб букӀана Узун-хӀажида хвалил унти чӀвараб, гьев рагӀалде вакӀарараб заман.
-
17
Гьеб сабаблъун гьесда мажлисалда гӀахьаллъизе кӀвечӀо.
-
18
Жиндирго пикрабиги мурадалги шайихас загьир гьаруна мажлисалде хъвараб кагътида.
-
19
Гьениб гьес хъвалеб букӀана гъазават чӀезе тезе бегьиларилан, миллияб хӀаракат щула гьабизе ккелилан ва, жив хун хадуб, гьелъул цевехъанлъун Турциялда вугев Шамил имамасул ахирисев вас МухӀамад-Камил вищизие бокьилаанилан ва гьесда сверухъ киналго цолъизеги ккелилан.
-
20
Мажлисалда гӀахьаллъараз шайихасул пикраби къабул гьаруна.
-
21
МухӀамад-Камил ахӀизейилан, Турциялде битӀизе цо къокъаги гӀуцӀана.
-
22
Гьев вачӀинегӀан гьесул вакиллъун Инхоса Дарбиш МухӀамад-хӀажиги вихьизавуна.
-
23
Гьеб заманалда МухӀамад-Камил вукӀана Сириялда.
-
24
Жиндихъе хабар щвараб мехалъ, гьев Истамбулалде тӀад вуссана ва гьениб гьесда лъана Шималияб Кавказги Азарбижанги БагӀар Аскаралъул кверщаликье ккараллъи.
-
25
Гьел къояз Дагъистаналдаса Турциялде тӀад вуссунев вукӀарав турк офицер Мустафа Бутбайица гьадин хъвалеб буго жинда Гуржистаналда дандчӀварав МухӀамад-СагӀидил хӀакъалъулъ: "Гьеб мехалъ Тифлисалде вачӀана Кавказалъул бахӀарчи Шамилил васасул вас СагӀид-бейги гьесда цадахъ Сириялдаса кӀиго чачанавги.
-
26
Дун СагӀид-бейгун дандчӀвана ва баянлъана гьев Дагъистаналде инев вукӀин.
-
27
Гьеб мехалъ гьениб ахӀвал-хӀал цӀакъ захӀмалъун букӀана.
-
28
Дун божулароан гьесда мугӀруздаги магӀарулаздаги гьоркьоб эркенго хӀалтӀи гьабизе кӀвеялда, щай гурелъул Дагъистанаги Чачанистанги большевиказул кодор рукӀиндал...
-
29
Шайих Шамилил хӀакъалъулъ жакъаги кӀочон течӀел бахӀарчиял биценаз, гьай-гьай, халкъалъулъ кӀудияб рокьиги хӀурматги бижизабуна гьесул лъималаздехунги гьезул лъималаздехунги.
-
30
МухӀамад-СагӀидгун дандчӀвазейилан август моцӀалъул ахиралда ГуржистаналъулЛагодехи шагьаралде уна ХӀоцоса Нажмудинил бетӀерлъиялда гъоркь I5 чиясдаса гӀуцӀараб магӀарулазул къокъа.
-
31
МухӀамад-СагӀидги вачӀуна гьениве гьелгун дандчӀвазе.
-
32
Гьесие бокьун букӀана лъазе щиб даражаялъул ва къадаралъул кумек гьездаса щвезе бугебали МугӀрузулаб Республикаялъе.
-
33
Хьуллъураб жаваб щола МухӀамад-СагӀидие полковник Кокихъа.
-
34
БатӀи-батӀиял авторазул батӀи-батӀиял пикраби руго, МухӀамад-СагӀид Дагъистаналде вачӀараб мехалъ, гьес миллияб къеркьеялъулъ хӀараб ролалда тӀасан.
-
35
Масала, Шерефеддин Эрелица хъвалеб буго, магӀарухъе щваравго, гьес жиндаго тӀаде босанила рагъулаб хӀаракаталъул нухмалъи ва аскаралъул штабалъул бетӀерлъун полковник ГӀумар Пираловги тӀамунила.
-
36
Ингилисазул тарихчи Александр Бенигсенил пикруялда рекъон, МухӀамад-СагӀид вукӀана гъазаваталъул формалияв лидерлъун.
-
37
Гьелъул хӀакъикъиял церехъабилъунилан абуни рукӀана Хунзахъа Хъайтмаз ГӀалихановги, ХӀоцоса Нажмудин имамги, СалтӀаса Узун-хӀажи шайихги.
-
38
Узухъда, гьеб суал, МухӀамад-СагӀидил гӀумруялда хурхарал гӀемерал цогидал суалалго гӀадин, рагӀа-ракьанде щун мухӀкан гьабизе ккараб буго.
-
39
Амма мухӀканго лъала МухӀамад-СагӀидица Дагъистаналда кинабниги 62 къо бараблъи ва гьев чанго кӀвар бугел рагъазулъ гӀахьаллъаравлъи.
-
40
Гьезул цоялъулъ лъукъунгицин вукӀун вуго гьев.
-
41
ГӀемер азарго чияс гӀахьаллъи гьабураб дандечӀей сверана унго-унгояб рагъуде".
-
42
Гьеб заманалда, ай 1920 соналъул ахиралда Дагъистаналъул миллиял къуватазда церечӀарал аслиял масъалабазул цояблъун букӀана магӀарухъ, кӀвар бугел бакӀазда гӀуцӀун рукӀарал большевиказул горнизонал щущахъ риххизари.
-
43
Амма кодоб букӀараб тӀадагьаб ярагъгун гьеб масъала гьезие тӀубазе бигьа букӀинчӀо.
-
44
Гьедин, 1920 соналъул 23 сентябралда цолъарал къуватаз гьабураб гьужумалъул хӀасилалда щущахъ биххизабуна Болъихъ букӀараб большевиказул горнизон.
-
45
БагӀаразул цогидаб къокъа, КӀаратӀа росда аскӀоб сверун ккун, тӀагӀинабуна.
-
46
Большевиказе бокьун букӀана гьев кквезе.
-
47
Гьелъул мурадалда Муслим Атаевасул къокъацин битӀун букӀун буго гьесда хадуб.
-
48
Амма божарал гӀадамазул кумекалдалъун, мугӀрузул сухъмахъаздасан, захӀматаб, кӀиго моцӀалъ халат бахъараб сапаралъул ахиралда МухӀамад-СагӀид Шамил Нахичеваналде щола ва гьенисан Турциялде уна.
-
49
ТӀад вуссун хадуб МухӀамад-СагӀидица жигараб хӀалтӀи гьабуна Турциялдаги, Сириялдаги, Иорданиялдаги ва цоги ГӀагараб Бакъбаккул пачалихъаздаги рукӀарал мугьажирзабазда Кавказалда бугеб ахӀвал-хӀал, хасго гьеб эркен гьабиялъул масъала бичӀчӀизабие ва гьелъие гӀоло хӀаракат гьабизе.
-
50
Гьеб квеш букӀарав МухӀамад-СагӀидги 1926 соналъул хаслихъ, цадахъ босун кӀудияб библиотекагун, Варшаваялде гочана.
-
51
Гьелъул хӀакъалъулъ гьес жинцаго цо кагътида хъвалеб буго гьадин: «Дица Варшаваялде щвезабуна миллияб библиотека.
-
52
Кавказалъул хӀакъалъулъ немец, венгр, франг, испан, итали, латин мацӀазда хъварал гьел къиматал тӀахьал данде гьарун рукӀана хӀурматияв ХӀусен Тосун-бейица.
-
53
Гьенире дицаги цодагьал жал кьуна.
-
54
Гьезул къадар ункъо, щуго азаргоялдасаги цӀикӀкӀунаан.
-
55
Гьалмагъзабаз гьениб жеги аза-азар тӀехь гӀурус ва поляк мацӀаздаги жубана.
-
56
Гьеб къагӀидаялда гӀуцӀун букӀана къимат тӀокӀаб, тарихияб тӀахьазул кӀалгӀа.
-
57
Гьел пачалихъазул бутӀрузеги хӀукуматазеги цӀакъ рихараб букӀана Совет пачалихъги гьелъие идара гьабулеб букӀараб коммунистазул режимги.
-
58
Гьединлъидал гьез бажарараб материалиябгун моралияб кумек гьабулаан Совет пачалихъалдаса лъутун рачӀарал гӀадамазе, гьезда гьоркьор Кавказалдаса мугьажирзабазеги.
-
59
Гьеб заманалда Польшаялда Кавказалъул мугьажирзабазул гӀумруялъулъ кӀудияб роль хӀалеб букӀана "Прометей" абураб Азарбижаналъул, Гуржистаналъул, Шималияб Кавказалъул, Туркистаналъул ва Украиналъул мугьажирзабазул организациябаз гӀуцӀараб политикиябгун жамгӀияб хӀаракаталъ.
-
60
Гьелъул хӀалтӀулъ гӀахьаллъи гьабулаан МухӀамад-СагӀид Шамилицаги.
-
61
Амма гьесдаги гьевго гӀадал Шималияб Каказалъул мугьажирлъиялъул машгьурал гӀадамаздаги бичӀчӀулеб букӀана жидеда церечӀарал масъалаби гӀумруялде рахъинаризе ккани, жидерго цо хасаб политикияб гӀуцӀи букӀине кколеблъи.
-
62
Гьедин, 1926 соналъул I8 ноябралда Варшаваялда гӀуцӀана Кавказалъул магӀарулазул халкъияб партия (1926-1940).
-
63
Гьеб букӀана Шималияб Кавказалъул мугьажирлъиялъул тарихалда жаниб гӀуцӀараб тӀоцебесеб ва ахирисеб политикияб партия.
-
64
Гьелъул Генералияв секретарлъун вищун вукӀана, гьеб гӀуцӀулаго кӀудияб жигар бахъарав, МухӀамад-СагӀид Шамилги.
-
65
Гьес гьеб хъулухъ билълъинабуна 1932 соналде щвезегӀан.
-
66
Партиялъул программаялда рихьизарурал мурадазул аслияблъун букӀана, I9I7 соналъул I8 сентябралда ГӀандиб тӀобитӀараб мажлисалъ къабул гьабураб хӀукму гӀумруялде бахъинаби, ай тархъанаб Шималияб Кавказалъул Федеративияб Республика гӀуцӀи.
-
67
ТӀадехун абухъего, Шималияб Кавказалъул мугьажирзабазда гьоркьоб бищун рахӀат хвезабулеб суаллъун букӀана гӀаммаб мацӀалъул суал.
-
68
Гьез рикӀкӀунаан букӀинисеб пачалихъалъул пачалихъияб мацӀги букӀине кколилан.
-
69
Гьеб кӀвар бугеб масъала гӀумруялде бахъинабизе гӀололъун 1933 соналъул I6 апрелалда Варшаваялда гӀуцӀун букӀана Шималияб Кавказалъул мацӀазул комиссия.
-
70
Гьеб комиссиялда рукӀана Кавказалъул батӀи-батӀиял халкъазулги поляказулги вакилзабиги, гьезда гьоркьор магӀарулал МухӀамад-СагӀид Шамилги Багьавудин Хуршги.
-
71
Комиссиялда тӀадкъан букӀана гӀаммаб пачалихъияб мацӀ тӀаса бищизеян абураб масъала.
-
72
Байбихьудасанго нахъчӀвана гӀурус, турк ва гӀараб мацӀал, щай гурелъул, комиссиялъул пикруялда рекъон, гьел рукӀана чияр мацӀал.
-
73
Гьезул бакӀалда комиссиялъул вакилзабаз халгьабуна лъарагӀ, абхаз, адиг, магӀарул, чачан, осетин мацӀазул.
-
74
Ахирги хӀукму гьабуна букӀинисеб Шималияб Кавказалъул Федеративияб Республикаялъул пачалихъияб мацӀлъун лъарагӀ мацӀ тасдикъ гьабизе.
-
75
Церелъурал мурадалги масъалабиги гӀумруялде рахъинаризе, гьел мугьажирзабазда ричӀчӀизаризе гӀололъун 30-абилел соназда Варшаваялда Кавказалъул магӀарулазул халкъияб партиялъ, жиндирго органал хӀисабалда, риччалаан батӀи-батӀиял журналалги газеталги, масала, "Путь свободы" , "Борьба" , "Знамя народа" , "Наша цель" , "Горцы Кавказа" , "Вольные горцы" ва гь.ц.
-
76
Гьезда гьоркьоб бищун машгьураблъун букӀана "Горцы Кавказа" абураб журнал.
-
77
Гьелъул гьурмазда хасаб бакӀ кколаан политикияб публицистикаялъ.
-
78
Гьес кӀудияб хӀалтӀи гьабуна гьенир ругел Кавказалъул жамагӀатал данде гьаризе, мугьажирлъиялда церечӀарал гӀаммал масъалаби гьезда ричӀчӀизаризе ва гь.ц.
-
79
Масала, I93I соналъул 7 декабралда МухӀамад-СагӀид Шамил ун вукӀана Иерусалималде , гьелъул муфти Амин ал-ХӀусеница Исламияб Конференциялъул мажлисалда гӀахьаллъизеян ахӀун.
-
80
Гьенив гьев вищана гьеб организациялъул идараялъул бищун гӀолохъанав вакиллъунги.
-
81
Гьеб киналъулго мурад букӀана гьениб Кавказ эркен гьабиялъул суал бичӀчӀизаби ва бусурман улкабазда гьоркьоб гьелъие квербакъи бати.
-
82
Гьел соназда МухӀамад-СагӀидица гӀемераб заман балаан СагӀуди ГӀарабистаналдаги.
-
83
Гьениб гьесул рукӀана инсудасаги кӀудиял умумаздасги ирсалъе щварал ракьалги цогидаб магӀишатги.
-
84
Гьеб гуребги СагӀуди ГӀарабистаналда МухӀамад-СагӀид Шамил хӀалтӀулев вукӀана "РабитӀату ал-Ислами" абураб ТӀолгодунялалъулаб Исламияб Организациялъул нухмалъияб комитеталъул вакиллъунги.
-
85
Алманиялдаги Совет пачалихъалдаги гьоркьоб ккараб рагъалъ Кавказалъул диаспораялда цӀилъизабуна ватӀан эркен гьабизеян гьениб даим чӀаго букӀараб хьул, ва мугьажирзабаз байбихьуда гьеб рагъ рохалида къабулги гьабуна.
-
86
Амма гьезда хехго бичӀчӀана Кавказалда тӀасан жидер рукӀарал планалги Гитлерил пикрабиги дандекколареллъи.
-
87
Гьенив гьев дандчӀвана Алманиялъул бутӀрулгун гьезда гьоркьов живго Гитлергунги.
-
88
Амма немцазул планалгун лъай-хъвай гьабураб мехалъ, МухӀамад-СагӀидида бичӀчӀана гьезие жидеего бокьун букӀин Кавказалда тӀад кверщел гьабизе ва гьез киданиги жиндир ватӀаналъе тархъанлъиги эркенлъиги кьезе гьечӀеблъи.
-
89
Гьеб мурадгун гьес жигараб гӀахьаллъи гьабизе байбихьана батӀи-батӀиял конференциябазда, симпозиумабазда, мажлисазда ва данделъабазда, масала, Азиялъул ва Африкаялъул Улкабазул Конференция , Бандунгалъул Конференция ва гь.ц.
-
90
Европаялда Кавказалъул мугьажирзабаз риччалел рукӀарал бюллетеназдаги, журналаздаги, мажмугӀаздаги рахъулаан гьесул гӀемерал макъалабиги.
-
91
Гьеб гӀуцӀиялъе аслияб гӀилла букӀана КӀиабилеб дунялалъул рагъдаса хадуб Турциялдаги гьениб бугеб Шималияб Кавказалъул диаспораялдаги кӀудиял хиса-басиял ккей.
-
92
ТӀоцебесеб иргаялда гьел рукӀана немцазул асирлъудаса хадур, Сталинил режималдасаги хӀинкъун, Кавказалде тӀад руссинчӀел цӀиял мугьажирзаби.
-
93
МацӀги хӀалги лъаларел, лъалев чиги гьечӀел гьел гӀадамазе цӀакъ захӀмат букӀана апараглъиялда цӀияб гӀумру гӀуцӀизеги чияр жамагӀаталда жаниб жидерго бакӀ батизеги.
-
94
Гьеб гуребги, хӀажат букӀана мугьажирлъиялда гӀураб цӀияб гӀелалъе тарбияги лъайги кьезе, гӀолохъанал ясаздаги васаздаги Кавказалъул бахӀарчияб тарихги, бечедаб культураги, умумазул камилаб гӀамал-хасиятги малъизе ва гьезда гьеб бичӀчӀизабизе.
-
95
Гьелъул мурадалда жамагӀаталъ гӀуцӀун букӀана «Кавказ» абураб журналги.
-
96
Гьенир рахъулаан диаспораялъул ва Кавказалъул гӀумруялъул батӀи-батӀиял темабаздасан хъварал макъалабиги, репортажалги, мугьажирзабазул ракӀалдещвеялги, фольклориялгун адабиял асаралги ва гь.ц.
-
97
Заман анагӀан Турциялда бугеб Кавказалъул диаспораялда цере гӀумруялъ лъолел рукӀана цӀия-цӀиял масъалабиги тӀалабалги.
-
98
Гьел тӀалабазе кьолел жавабазул цояб хӀисабалда букӀана МухӀамад-СагӀид Шамилил пикруялда рекъон ва гьесул кӀудияб хӀаракаталдалъун 1978 соналъ Истамбулалда рагьараб «Шамилил лъайкьеялъулаб ва культурияб фонд».
-
99
Пайда щиб, цӀалудехун букӀараб хӀасраталда цадахъ гьесул букӀинчӀо жиндирго пикраби хъван загьир гьарулеб гъираги.
-
100
Энциклопедияб лъайги, лъикӀаб гӀакълуги ва мантӀикъги букӀаниги гьесие бокьулароан хъвадаризе, къалам кодобе босизе.
-
101
Амма кин букӀаниги МухӀамад-СагӀидихъа хъван бахъана цо чанго тӀехьги брошюраги: «Кавказалъул магӀарулал» (Париж, 1930.
-
102
- франг мацӀ), «Кавказалъул вакиласул гара-чӀвари» (Дамаск, 1956.
-
103
- гӀараб мацӀ), «КъватӀисел туркал ва социализм» (Истамбул, I97I.
-
104
- турк мацӀ).
-
105
Гьел гурелги, 1998 соналъ Истамбулалда турк мацӀалда басмаялда бахъана ЖахӀпар Барласица данде гьабураб МухӀамад-СагӀидил публицистикиял макъалабазул «ЖугьутӀазул дагӀбаги Палестинаялъул проблемаги» абураб тӀехьги.
-
106
Гьелдаго цадахъ гьесул гӀемерал макъалабиги хъварал жалги рахъана Турциялъулги батӀи-батӀиял улкабазулги мажмугӀаздаги, журналаздаги, газетаздаги.
-
107
МухӀамад-СагӀид Шамилил букӀана кутакалда бечедаб библиотека.
-
108
Гьенире данде гьарун рукӀана дунялалъул цо-цо мацӀазда хъварал цӀакъ къиматал тӀахьал.
-
109
Абизе ккола, тӀабигӀатияб сахлъиялъ гьесие рес кьолаан хӀатта ункъого сон бараб мехалъгицин, цӀороберал рачӀого, тӀахьал цӀализе.
-
110
Гьениб Зам-зам лъедухъ какие чурулаго, гьев, лъавудаса ун, гӀодове речӀана ва цӀакъ захӀматго бетӀер бекана.
-
111
КигӀан квеш вугониги, СагӀуди ГӀарабистаналда хвезе бокьичӀев МухӀамад-СагӀидица тӀалаб гьабуна жив хехавун Истамбулалде вачине.
-
112
Рокъове тӀад вуссун гьес бана цо чанго къо ва 1981 соналъул 21 марталда Истамбулалъул больницаялда хвана.
-
113
Гьедин лъугӀана Шамил имамасул васасул вас МухӀамад-СагӀидил рахӀатхвараб, хӀалуцараб, гӀемерал лъугьа-бахъиназ бечед гьабураб гӀумру.
-
114
Жинцаго жиндаго цебе лъураб кӀудияб мурадалъе, анишалъе гӀоло тӀамураб гьеб гӀумруялъ, гьаб дуниял тезегӀан, цогидаб жоялде буссине течӀо гьесул пикруги ракӀги.
-
115
Гьелъ батизе ккола МухӀамад-СагӀидил киданиги букӀинчӀеб я хъизан, я лъимал.
-
116
Гьезде гьев регӀунги вукӀинчӀо.
-
117
Нахъе наслу течӀого, дуниялалдаса ратӀалъана гьесул кӀиялго яцалги-Нажабатги Нажияги.
-
118
МухӀамад-СагӀид Шамил вукӀана жиндир заманалъул инсан.
-
119
Гьесул цӀаралда сверухъ жеги руго хӀакъикъиялги гьересиялги харбалги биценалги.
-
120
Гьединлъидал гьес гӀумру тӀамуна цӀакъ ургъун, гьелъул щибаб рахъалъул хӀисаб гьабун, гӀемер къадруяб къагӀидаялда.
-
121
«Черхалъулги гӀамал-хасияталъулги рахъалъ гьев цӀакъ релълъарав вукӀана жиндирго инсудаги кӀудадаги.
-
122
Амма Дагъистаналдаги Кавказалъул цогидал бакӀаздаги байбихьараб жанисеб рагъалъ цӀияб пачалихъалъул бутӀрул: ХӀоцоса Нажмудин, Узун-хӀажи, Хъайтмаз ГӀалиханов ва гь.ц.
-
123
тӀамуна тушбабазде, аслияб куцалда генерал Деникинил бетӀерлъиялда гъоркь букӀараб ХъахӀаб Аскаралдаги большевиказдаги данде къеркьей байбихьизе.
-
124
Гьединлъидалин гьезул цоясул-Узун-хӀажи шайихасул пикру ккараб Шамил имамасул хутӀарав варис, гьесул бищун гьитӀинав вас МухӀамад-Камил Дагъистаналде ахӀизе ва гьев гъазаваталъул бетӀерлъуда тезе.
-
125
1920 соналъул II маялда Веденоялда аскӀоб бугеб Кайшиюрт росулъ тӀобитӀун букӀана Узун-хӀажица ахӀараб кӀудияб мажлис.
-
126
Дагъистаналда бугеб ахӀвал-хӀалги лъазабун, ва, жив кӀодолъунги унгтунги вугин гьединаб кӀудияб ва къадруяб вазипа тӀаде босизеян, гӀиллаги бачун, жиндирго бакӀалда гьес Дагъистаналде витӀана жиндир цохӀо вугев вас, анӀила ичӀго сон барав МухӀамад-СагӀид.
-
127
1920 соналъул июнь моцӀалда МухӀамад-СагӀид Шамил Тифлисалде вачӀана ва МугӀрузулаб Республикаялъул бутӀрузухъе рогьил битӀана жив Кавказалде щванилан.
-
128
Шамилил васасул вас магӀарулазда жидерго цевехъанлъун вихьаравани, щаклъи гьечӀого, магӀарулазулъ цӀилъизе букӀана гьезул бахьарчияб таваккал...".
-
129
Нажмудингун дандчӀвай КӀудияв Шамилил васасул вас Гуржистаналде щун вугилан рагӀараб хабаралъ, магӀарулазда гьоркьоб кӀудияб чӀаголъиги рохелги бижизабуна.
-
130
Гьеб данделъиялда гӀахьаллъи гьабуна полковник Хъайтмаз ГӀалихановасги ва цоги чанго офицерасги.
-
131
КъватӀисел улкабазул вакилзабигун дандчΙвай Дагъистаналде иналде цеве МухӀамад-СагӀид Шамил дандчӀвана Гуржистаналъул хӀукуматулъул бетӀергунги ва гьеб заманалда Тифлисалда букӀараб Франсиялъул рагъулаб делегациялъул бетӀер полковник Кокгунги.
-
132
Умумузул ватӀаналда МухӀамад-СагӀид щварал щинал бакӀазда, Шамил имамасул заманалъ рукӀарал байрахъалги кодор ккун, халкъалъ гьесда кӀудияб дандчӀвай гьабулеб букӀана.
-
133
"Большевиказда дандерахъаразул символ хӀисабалда вукӀана къватӀиса вачӀарав Шамил имамасул васасул вас СагӀид-бек.
-
134
Амма 1920 соналда Азербайжаналдаса Дагъистаналде бачӀараб БагӀар Аскаралъул кумекалдалъун бакӀалъул большевиказул къуватаз жанисеб рагъулъ бергьенлъи босана ва I92I соналъ Дагъистаналда Совет хӀукумат щулалъана.
-
135
Турциялде тӀад вуссин МагӀарухъ большевиказул хӀукумат бергьун хадуб, МухӀамад-СагӀид Шамилица I92I соналъул март моцӀалда Дагъистан тезе ккана.
-
136
ТӀокӀаб данде гьабизе рес гьечӀеб гьеб хазина, Варшаваялде тӀаде бомбаби рехулаго, бухӀун тӀагӀана.
-
137
Гьелдаго цадахъ партиялъ цебелъун букӀана масъала ВатӀаналдаса рикӀкӀад, мугьажирлъиялда ругел Кавказалъул магӀарулазул маданиятги, культураги, тарихги, мацӀги ва гь.ц.
-
138
цӀунизе гӀололъун хӀажатал тадбирал гьаризеян; гӀолохъанаб гӀелалъе миллияб кьучӀалда лъай ва тарбия кьезеян; гӀолилал васалги ясалги жигараб политикияб гӀумруялде гъорлъе рачине ва букӀинисеб къеркьеялъе гьел хӀадур гьаризеян.
-
139
Гьенир цогидал авторазул камилал макъалабазда гьоркьор рукӀунаан МухӀамад-СагӀид Шамилил макъалабиги.
-
140
Кавказалъул халкъазул тӀалабалда 30-абилел соназда МухӀамад-СагӀид Шамил щвана Европаялъулги ГӀагараб Бакъбаккулги пачалихъазде.
-
141
Гьедин, МухӀамад-СагӀидил жигараб гӀахьаллъигун, гӀуцӀун рукӀана мугьажирзабазул жамагӀатал: «Англия-Кавказ» (Лондон, I93I), «Кавказ» (Сирия, 1934), «Черкесазул вацлъи» (Египет, 1934) ва гь.ц.
-
142
Исламияб комитеталъул вакиллъун Гьелдаго цадахъ гьев дандчӀвана батӀи-батӀиял пачалихъазул бутӀрулгунги гӀахьаллъана халкъаздагьоркьосел конференциябаздаги данделъабаздаги.
-
143
Гьеб организациялъул хӀалтӀулъ аслиял рахъазул цояблъун букӀана дунялалъул щибаб бакӀалда зулмуялда гъоркь ругел бусурманал халкъазе кумек ва квербакъи гьаби.
-
144
Гитлергун дандчӀвай 1939 соналъ байбихьараб КӀиабилеб дунялалъул рагъалъ ахир лъуна Польшаялдаги, Чехословакиялдаги Европаялъул цогидал улкабаздаги рукӀарал Кавказалъул мугьажирзабазул жамгӀиябгун политикияб ва культуриябгун рухӀияб гӀумруялъеги гьезул партиялъул ва жамагӀатазул хӀаракаталъеги.
-
145
Кавказги гьеб гурел цогидал бакъбаккул ракьалги жидерго кверщаликье рачине, гьезие идара гьабизе гӀололъун немцаз Розенбергил нухмалъиялда гъоркь гӀуцӀана хасаб министерлъи.
-
146
1942 соналъ Алманиялъул къватӀисел ишазул министерлъиялъ, Кавказалъул суалал тӀадкъазеян, МухӀамад-СагӀид Шамил ахӀана Берлиналде.
-
147
Гьезулги жиндирги планал данде кколареллъи бичӀчӀараб мехалъ, МухӀамад-СагӀид Шамил, немцазул планаздаса инкарги гьабун, 1942 соналъ Турциялде тӀад вуссана.
-
148
Кавказ эркенлъиялъул масъала халкъаздагьоркьоб борхизаби Рагъдаса хадуб, "цӀорораб рагъул" соназда МухӀамад-СагӀид Шамилица хӀукму гьабула Кавказалъул эркенлъиялъул масъала халкъаздагьоркьосеб даражаялде борхизабизе.
-
149
Гьениб гьес кидаго борхулаан бусурманал халкъал эркенлъизе гӀоло исламиял хӀукуматазги организациябазги матералиябгун моралияб кумек гьабизе ккеялъул суал.
-
150
50-абилел соназда МухӀамад-СагӀид Шамил цо-цо цевевахъунаан «Эркенлъи» ва «Эркенаб Европа» радиоялдасан Совет пачалихъалде, коммунистазул режималде данде пропагандаялъулаб гара-чӀваригун.
-
151
Гьесда эркенго лъалаан магӀарул, гӀараб, гӀурус, ингилис, турк ва франг мацӀал.
-
152
Хвей 1981 соналъ МухӀамад-СагӀид Шамил ана ХӀежалде.
-
153
Амма, кин батаниги, ватӀан тун арал аза-азар мугьажирзабазулго гӀадин, МухӀамад-СагӀид Шамилил гӀумруги хӀаракатги ккола Дагъистаналъул тарихалъул бутӀалъун ва, цо рахъалдасан балагьун, цо коцотӀа борцун, цо пикруялда хадур рилълъун, гьезие къимат кьезе бегьуларо ва бажароларо.