Where a word actually gets used.
Every document below is a real text — folklore, news, radio, records. Open one to read it, or search across all of them for a word.
МухӀаммад
-
1
Аллагьас гьесухъе рещтӀана вахӀйалдалъун Къуръан.
-
2
МухӀаммад вукӀана цеветӀурав сиясатчилъунги, рагъул цевехъанлъунги ва гьединго тӀоцебе бусурбабазул умма жинца гӀунцӀцӀаравлъунги.
-
3
Гьев чӀаго вугев мехалда, тӀолабго ГӀарабазул бащадабчӀинкӀиллъи букӀана исламалъул ракьлъун.
-
4
Къуръаналда жаниб гьеб цӀаралдалъун аварагасул рхсей ункъго нухалъ гурони гьабун гьечӀо.
-
5
Къуръаналда аварагасул бицен гьабун бицунеб бакӀазда гьесде абулел руго батӀи-батӀиял цӀарал: - авараг, - чапар, - Аллагьасул лагъ, - рохел бицунев, - хӀинкъи кьолев, - ракӀалде щвезабулев, - нугӀлъи гьабулев, - Аллагьасда гьардолев ва гь.ц.
-
6
Муъминзабаз аварагасде хитӀаб гьабун кӀалъалел маехалъ, Абул-Къасим абун тӀокӀцӀар ахӀун гьабулаан гьесде хитӀаб ва авараг чӀаго вугев мехалда цо гьесул гурони букӀинчӀо гьединаб тӀокӀцӀар.
-
7
Гьесде данде тущманлъи гьабулел капурзабаз гьесде Ибн Абу Кабша абун ахӀулаан, гьелъул магӀна буго Абу Кабшал вас абураб, Абу Кабша вукӀана аварагасул рахьдал эбел ХӀалиматил бетӀергьанчи.
-
8
ИсмагӀил аварагасул гӀалайгьи ссалам наслуялъул МухӀаммад авараг, кутакалда батӀа вахъулев вукӀана хутӀарал гӀарабаздаса, гьесул черхалъул хъахӀаб кьералдалъун.
-
9
Гьесул мегеж букӀана ризаб, кӀалги бералги гӀатӀидал.
-
10
Гьодида кӀигъажада гьоркьоб букӀана авараглъиялъул хатму .
-
11
Гьесул рукӀана халатал берзул тӀелхал, гургин ккарал кьунсрул ва халатаб габур.
-
12
Исламалъул кӀудияв гӀалим ва тарихчи Абу ЖагӀпар МухӀаммад атӀ-ТӀабарияс жиндирго «Тариху атӀ-ТӀабари» абураб тӀехьалда хъван буго аварагасул сипаталъул хӀакъалъулъ гьадин
-
13
Аварагасе бокьулаан хъахӀаб кьералъул ретӀел ретӀине.
-
14
ГӀемерисеб нухалда гьес ретӀунаан халатаб горде ва мухъахараб йаманалъул гужгат ва гьединго чалмаги изарги .
-
15
Квералда гьес хун букӀана баргъич, жинда тӀад «МухӀаммад - Аллагьасул авараг» - абун хъвараб.
-
16
Гьев вукӀана вацӀцӀадав, мискалъул махӀ гьабулаан ва мисвакалдалъун гӀусал чурулаан Гьев кӀалъаан пасахӀатго, къокъго баянго, цо-цо мехалда лъабго нухалъ такрар гьабулаан бицараб жо, гӀадамазда рекӀелъ бессизегӀан.
-
17
Гьев гьоркьо-гьоркьов гьимулаан ва цо-цо нухалъ велъанхъулаан ва гьесул ракьандаса гӀусал рихьулаан.
-
18
МухӀаммад авараг Маккаялда гьавуна ГӀабдуллагь инсуе Аминат эбелалъе.
-
19
Эбелалъул ургьив вукӀаго гьесул эмен хвана, анлъго сон тӀубан хадуб эбелги хвана.
-
20
ХӀалиматица хахизавуна, эбел эмен хун хадув кӀудияв эмен ГӀабдулмутӀалибица хьихьана, гьев хун хадуса инсул вац АбутӀалибица хьихьана.
-
21
ГьитӀинаб къоялдаса нахъе гӀамал тӀабигӀат берцинав, намус бацӀцӀадав, битӀараб гурого бицунарев, киналго квешал гӀадатаздасаги рекъечӀеб хьвадиялдасаги вацӀцӀадав вукӀана.
-
22
КӀикъого сон барав мехалъ Аллагьас гьев Авараглъун гьавуна, расуллъунги витӀана.
-
23
Гьесие кьурал мугӀжизатазул бищун кӀудияб мугӀжизат ккола хирияб Къуран.
-
24
Аллагьасул рахъалдаса Жабраилас босун бачӀун дагьдагь ккун къоло лъабго соналъ гьесде рещтӀана Къуръан.
-
25
Гьес Аллагь цо гьавиялде, ай Аллагьасул диналде къоло лъабго соналъ халкъ ахӀана.
-
26
Гьесул дин гьукъизеян абун мушрикиназги, мунафикъзабазги, ягьудиязги, насраниязги гӀемераб дандечӀей гьабуна.
-
27
Гьесги гьесул асхӀабзабазги Аллагьасул диналъе гӀоло гӀемераб сабру гьабуна.
-
28
Гьездаги капурзабаздаги гьоркьор рагъал ккана.
-
29
ГӀараб чӀинкӀиллъиялда Ислам тӀобитӀун хадуб дунялалдаго тӀобитӀизе гьебги биччан камилаб куцалда гьеб дин халкъазда малъун гӀумруялъул лъабкъоялда лъабго сон тӀубан хадуса гьев хвана, Мадинаялда вукъизеги вукъана.
-
30
МухӀаммад авараг, гьесул эмен ГӀабдуллагь, цинги ГӀабдулмутӀалиб, Гьашим, ГӀабдулманап, Къусаййу , Килаб, Муррат, КагӀбу, Луаййу , Гъалиб, Пигьру , Малик, Назр, Кинанат, Хузаймат, Мудрикат, Иляс, Музар, Низар, МугӀад, ГӀаднан.
-
31
МухӀаммад аварагасул эбелалъухъан умумузул тартибалъул бицани, гьев ккола Аминатил вас, Аминатги ккола Вагьбил яс, Вагьбу ккола ГӀабдулманапил вас, гьевги - Зугьратил вас, Зугьратги - Килабил вас.
-
32
Гьев Килабилъ хирияв Аварагасул эбелалъулги инсулги кӀиябго насаб жубала.
-
33
Гьаб ккола, тарихалъул гӀалимзабиги насаб лъалел гӀалимзабиги - киналго тӀад рекъараб, гьесул умумузул тартиб.
-
34
Гьаниса тӀадехун рехсараб насабалда сверухъ хилаф буго.
-
35
Амма киналго тӀадрекъараб хӀукму ккола МухӀаммад аварагасул насаб Ибрагьим аварагасул вас ИсмагӀил аварагасда хурхараб букӀиналда.
-
36
Гьесул умумул, инсухъан рукӀа, эбелалъухъан рукӀа, киналго рукӀана жидер заманалъул бищун къимат-къадру бугел, заманалда рекъон, шаргӀияб магьари лъун гурого, жал данделъичӀел, зина гьаби гӀадал квешал пишабаздаса жал цӀунарал.
-
37
Хириясул хӀадисалда буго: «Дун загьирлъана никахӀалдалъун, дун загьирлъичӀо зинаялдалъун, Адамидаса байбихьараб дир эбел-инсухъе щвезегӀан дун, умумуз магьариги лъун, загьирлъана» - абун .
-
38
Хирияв аварагасул инсухъан тартибалъул хӀакъалъулъ дагьаб гӀатӀидго
-
39
ГӀабдуллагь къурайшиязда гьоркьов бищун берцинав чиги, бищун инсуе вокьулев васги вукӀана.
-
40
ГӀабдулмутӀалиб вукӀана, цо жо ккани, къурайшиял жиндихъе кӀанцӀулев, гьезда гьоркьов хирияв, къимат-къадру бугев, мискин-пакъирзаби кваназарулев, хӀатта, магӀарде унгицин хӀанчӀазе кваназе жо балев, гӀаракъи гьукъулев, зулму гьукъулев, къурайшиязда гъорлъ гӀакълу-лъай цӀикӀкӀарав къадруяв чи.
-
41
Гьашим вукӀана къварилъи-гӀатӀилъи ккараб заманалда кидаго ракъарал гӀадамал мискин-пакъирзаби кваназарулев.
-
42
Гьесул гьурмада МухӀаммад аварагасул нур букӀана, жиндие къурайшиял мутӀигӀалги вукӀана, гьесул берцинлъиялде балагьун гӀадамаз гьесда Маккаялъул моцӀилан абулаан.
-
43
ГӀабдулманап вукӀана цӀакъго берцинав чи, гьесде БатӀхӀаалъул моцӀилан абулаан гӀарабаз.
-
44
Къусаййу вукӀана къурайшиязул тухум-кьибил цолъизабулев, гӀадамазе гӀаракъи гьукъулев, гьезие лъикӀалдалъун вагӀза гьабулев, камилав чи.
-
45
Килаб - бахӀарчияв, гьабиги рачун, кидаго чанаве унев чи вукӀана.
-
46
Муррат - тушбабаздаса бергьунев, къимат-къадру бугев чи вукӀана.
-
47
КагӀбу - жиндирго къавмалъе вагӀза-насихӀат гьабулев, нахъа загьирлъизе вугев Аварагасул бицен гӀемер гьабулев чи вукӀана.
-
48
Луаййу - гӀодове виччан, ургъун жо гьабулев чи вукӀана.
-
49
Пигьру - ворхатав, къвакӀарав, гӀадамазул хӀажат цӀехон, гьеб тӀубалев чи вукӀана.
-
50
Малик - гӀарабиязул хан гӀадав чи вукӀана.
-
51
Назар - гьумер гвангъарав, гьайбатав чи вукӀана.
-
52
Кинанат - гӀумру эхеде бахарав, къадру кӀудияв, жиндихъе гӀарабиял хьвадулев чи вукӀана.
-
53
Хузаймат - халкъалда гьоркьоб рекъел-маслихӀат гьабулев, къадру кӀудияв чи вукӀана.
-
54
Мудрикат - кинабниги тӀадегӀанлъи, чӀухӀи щварав чи вукӀана.
-
55
Жив тӀаса вищарасул - Аварагасул нурги гьесулъ загьирлъун букӀана.
-
56
Иляс - бергьараб берцинлъи бугев, гӀарабиязда гьоркьов цӀакъ къадру кӀудияв, жинда дандбан гурони, гьез хӀукму къотӀуларев чи вукӀана.
-
57
Музар - жиндир берцинлъиялъ ракӀал тӀаде цӀалев, гьаракь берцинав, гӀакъилаб каламалъул чи вукӀана.
-
58
Низар - тӀоцебе гӀарабиязда жаниб хъвай-хъвагӀай гьабурав, гьавураб къоялъги МухӀаммад аварагасул нур жиндир гьурмалъ бихьулев чи вукӀана.
-
59
МагӀад - Бану-Исраилазулгун гӀемерал гъазаватал гьаруна гьес.
-
60
Кидаго, бергьенлъигун гурони, тӀадги вуссунароан.
-
61
ГӀаднан - гӀадамазул, жиназул зарал ккеялдасаги бер ккеялдасаги цӀунарав чи вукӀана.
-
62
Исламалда цӀаралъе кӀудияб кӀвар кьола.
-
63
«МухӀаммад» абураб цӀаралъул магӀна буго «Жиндие рецц гьабулев», «Реццалъе мустахӀикъав».
-
64
Гьесул заманаялъ рукӀарал асхӀабзабазул р.гӀ. рагӀабазда рекъон, авараг вукӀана кӀигъажалъан гӀебав, гьоркьохъеб халатлъиялъул, кверал ва угъдул чӀахӀияв.
-
65
Гьесул киналго умумул рукӀана тавхӀидалда, ай, Аллагь цо гьавулеллъун, хъанчие лагълъи гьабулареллъун.