Real Texts

Where a word actually gets used.

Every document below is a real text — folklore, news, radio, records. Open one to read it, or search across all of them for a word.

НекӀсияб Египет

Wikipedia · 43 lines · added 21 Jul
Author
Unknown
Genre
Unknown
Language
Avar
Tags
None
Grammar tags
95.1%
  1. 1
    НекӀсияб Египеталъул тарихалъул буго 40 гӀасру, гьеб тарих гӀалимзабаз бикьула неслабазда цебесеб заманалдеги , наслабазулаб заманалдеги (аслияб Египеталъул цивилизациялъул заман, 27 гӀасруялъул халалъи бугеб), эллиназулаб заманалдеги , румалъулаб заман .
  2. 2
    Византиялъулабгун-копт заман цебесеб гьоркьохъел гӀасрабазде кколеб букӀаниги, рикӀкӀуна НекӀсияб Египеталъул букӀараб заманалъул гӀурхъабазда жаниб.
  3. 3
    НекӀсияб Египеталъул цивилизация заманалъул рахъалъ ккола бищун кӀудияблъун.
  4. 4
    ЦӀияб ханлъиялъул заманалда, Египет лъугьана кутакалда къуватаб империялъун, жиндир Нубиялдаса бахъараб Киликиялде щун, ГӀагараб Машрикъалъул цӀикӀараб бутӀаялда кверщел бугеб; гьелъие мутӀигӀал дунялалда ругел ругел гӀадамазул 20 %.
  5. 5
    Жиндир заманалда Египет гьединго букӀана цогидар пачалихъазда гъорлъги: кверщел гьабун букӀана ливиялъул ва нубиялъул гӀадамаз, персаз, Александа Македонияс.
  6. 6
    Щибаб лъагӀалил Нилалъул щвеялъги, жинца беэн гьабулеб гьарзаго жинда жо бижулеб хӀариялдалъун Нилалъу рагӀалда ругел ракьал, гьединго ракь хӀалтӀизаялъул мухӀкканго гӀуцӀараб лъалъаялъул системаялъги рес кьолаан къваригӀунелдаса цикӀкӀун могьол культураби гӀезабизе, жидеца жамгӀияб ва маданияталъулаб цебетӀей чӀезабулеб букӀараб.
  7. 7
    Египеталъул администрациялъ кӀвар кьолаан Нилалъул жаниблъиялда ва гьелда аскӀор ругел салул авлахъаздаги батӀи-батӀиял магӀданал ва мнералал рахъиялде, гьединго жидерго, чияда бачӀеб, хъвай-хъвагӀиялъул система цебе тӀеялъе, жамгӀияб къагӀидаялъ батӀи-батӀил жал раялъе ва хурул магӀишаталъул проектазе, мадугьалихъ ругел ракьалгун даран-базаралул хурхеназе ва рагъул гӀуцӀиялъе, жибги Египеталъул цогидал ракьазда кверщел лъеялде буссараб.
  8. 8
    Гьелъул искусство ва архитектура гӀемер такрар гьабуна, гьелъул хазинаби руго дунялалъул батӀи-батӀиял бакӀазда.
  9. 9
    Гьелъул монументазул хутӀелаз гӀасрабаз асар гьабуна сапарчагӀазе ва хъвадарухъабазе.
  10. 10
    Гьеб топонималъул бачӀараб бакӀ тӀубан лъалеб гьечӀо, буго цо чанго теория: # НекӀсиял греказул мифология - «Эгиптос» абураб цӀар бачӀараб буго Эгиптос цӀар бугев хан Белал вас, жив инсуца цин ГӀарабистаналда тарав.
  11. 11
    Гьев ватӀа гьавизе кколаЭгиптил цӀаргӀахьал васгун, жив Эгиптил данаидал сабаблъун хварав 50 вас-египтиадида гьоркьоса цоявлъун кколев., жинца Нилалъул расалъиялда букӀараб цо меламподазул къавмалда тӀад кверщеллъи гьабурав ва гьезие жиндирго цӀарги кьурав.
  12. 12
    Амма гьев персонаж ватизе вуго хадув греказ Египеталъул цӀаралдаса персонификация гьабурав.
  13. 13
    Гьеб цӀар жалго египтяназ абулеб букӀана цин Мемфисалда бугеб ПтахӀ илагьасул килисаялде, хадуб гьеб цӀар абизе байбихьана жибго шагьаралде ва гьелъул вилаяталде .
  14. 14
    Лъугьиналъухъ балагьичӀого, Египет абураб цӀар тӀибитӀи хурхараб буго Ракьдагьоркьосеб ралъадалъул регионалъул эллинизациялда, жиб сабаблъул греказул маданият гуребги, гьезул географиял топонималги тӀиритӀарал.
  15. 15
    Жалго некӀсиял египтяназ жидерго пачалихъалде абулеб букӀана чанго аллегорияб цӀар, жиндица ракьалъул гьарзалъи ва бечелъи бихьизабулеб - Та-кемет, «ЧӀегӀараб ракь» ялъуни Та-мери, ай «Бокьулеб ракь».
  16. 16
    Цогидал цӀарал - Та-уи, ай «КӀиго ракь», жиндица, батизе бегьулеб жо, Египеталъул кӀиго бутӀа - Расалъи ва Дельта цолъизаби бихьизабулеб.
  17. 17
    Гьанисанго цогидаб магӀнаби: балагь, къварилъи, жиндаса къватӀибе нух батизе захӀматаб хӀал.
  18. 18
    Гьеб цӀар бачӀун батизе бегьула наслабазул заманалдаго, гӀарб мацӀалъул рагӀудасан, жинца гӀадамал чӀараб бакӀ ва шагьар бихьизабулеб.
  19. 19
    Батизе бегьула, гӀарабгун семит къавмазда бихьулеб букӀин Египеталъул халкъалъул гӀемерлъи.
  20. 20
    ТӀоцебесеб хӀокӀалъул мухъалда бугеб къварилъиги тун хадуб чвахула шималияб-бакъбаккул СахӀараялъул гӀатӀилъиялда лъеца чурун лъугьараб чӀедераб ва халатаб расалъиялдасан.
  21. 21
    Расалъи сверун ругел хъитӀал руго гӀизагӀанго кӀудиял, 180 метраялде щолел, гӀага-шагарго 900 км-ялдасаНекӀсияб ТӀасияб Египеталъул гӀага-шагарго ругел гӀурхъалабилъун рукӀине бегьула гьанжесел Къагьир ва Асван шагьарал.
  22. 22
    Хадуб гӀор гьурихьвагӀалда релъун биххула гӀаркьалабазде ва гӀага-шагарго 200 км-ялдасаНекӀсияб Гъоркьияб Египеталъул гӀага-шагарго жанубияб рахъалдаса шималияб рахъалде ругел гӀурхъалабилъун рукӀине бегьула гьанжесел Алискандерия ва Къагьир шагьарал.
  23. 23
    ГӀоралъул гӀаммаб гьетӀи цӀакъго кӀудияб гьечӀо - тӀадегӀан 91 м , дельтаялда бищун борхатаб бакӀалъул ралъдал гьумералдаса борхалъи - 12 м.
  24. 24
    Жибго НекӀсияб Египеталъ жаниб бачунаан Нилалъул Дельта - тарихияб икълим Гьоркьияб Египет ва расалъи 1-сел хӀокӀазде щвезегӀан - ТӀасияб Египет , ва гьединго Фаюмалъул оазисалъул мухъги.
  25. 25
    Гьев кколаан абсолютияв монарх, жиндихъ кинабниги ракьалда ва сурсатазда тӀад кверщел бугев.
  26. 26
    Гьев кколаан бищун тӀадегӀанав рагъул цевехъан ва нухмалъи гьабулеб идараялъул бетӀер, жинца бюрократиялъун ва хӀакимлъиялъун мулк билъинабулев вукӀарав.
  27. 27
    Вилаятазул даражаялда, пачалихъ бикьун букӀана 42, жидеда септал-ян абулеб букӀараб, гьанжесеб къагӀидаялда номал; ва жидер щибалъе нухмалъи гьабулев номархги вугев.
  28. 28
    Номархал рукӀана вазирасда цере жавабияллъун ва гьесул юрисдикциялда гьоркье кколеллъун.
  29. 29
    46 цолъилъазибиялдаги хадуб.
  30. 30
    НекӀсияб Египет букӀараб заманалъул гӀорхъабаз, гӀалимзабаз тасдикъ гьабураб, жаниб бачуна VI аз.соналдаса н.
  31. 31
    IV гӀасруялде щвезегӀан.
  32. 32
    Гьев хун хадуб гӀуцӀана Птолемеязул ханлъи, жибги н.
  33. 33
    30 соналде щвезегӀан букӀараб.
  34. 34
    217 НекӀсияб Египеталъул цивилизация тӀадегӀанлъи букӀана гьелъул гӀурул жаниблъиялдеги Нилалъул дельтаялдеги ругьунлъиялъул хӀасилалдалъун.
  35. 35
    ЦӀияб заманалъул байбихьуда Египтяназул ва европаялъул гӀадмазул Египеталъул ирсалде бижараб интересалъги, гьелде бугеб хӀурматалъги, гьединго гьарурал археологиял рухъа-хъваязги сабаблъул Египеталъул цивилизациялъул гӀелмияб цӀех-рех гьабуна ва кӀудияб къимат кьуна гьелъул маданияб ирсалъе. p.
  36. 36
    84 ЦӀар Этимология Европаялъул халкъазул мацӀазде «Египет» абураб цӀар бачӀана некӀсиял греказдасан; грек мацӀалда абулеб рагӀи букӀана «Эгиптос».
  37. 37
    Хадуб греказ гьеб шагьаралъул цӀар тӀибитӀизабуна тӀолго пачалихъалде.
  38. 38
    Египеталъул текстазда гьединго ратизе бегьула жидерго улкаялде абулел рукӀарал шигӀруял цӀар- «Сикоморалъул ракь», «Хорил берзул ракь» ва цогидал.
  39. 39
    Библиялъул гӀадатазда рекъон, Мицраим цӀар хурхараб буго бицадулъ вугев кӀудияв эмен ХӀамил вас Мицраимида, жиндасан, библиялда рекъон, египтянал, цо-цо либиялъул къавмал, пилистӀинал ва кафторитал рачӀарав.
  40. 40
    Мудраия - некӀсиял персазул мацӀалда Египеталъул цӀар; Миср/Маср - гӀарабаз абулеб цӀарЛитературияб гӀараб мацӀалда - Миср, Египеталъул мацӀалъул свериялда - Маср.
  41. 41
    Къагьиралдаса Асваналде щвезегӀан бугеб маххул нухалъул халалъи буго 892 км. расалъи сверун ругел хъитӀал уна рахъ-рахъалде - бакътӀерхьуде, Киренаикаялда бугеб Барка тӀалъиялде ва бакъбаккудео - БагӀараб ралъдал рахъалдехун.
  42. 42
    Алискандериялдаса Къагьиралде щвезегӀан бугеб маххул нухалъул халалъи буго 201 км. гьел чвахула Ракьдагьоркьосеб ралъдалъе , гьениб лъугьуна лъабокӀонаб дельта.
  43. 43
    Администрациялъул жавабиявлъун вукӀана пачалихъалъул вазир, жинца пиргӀавнил вакиласул хӀисабалда вилаятазул ишаздаги, пачалихъалъул буголъиялдаги, батӀи-батӀиял архитектуриял проектаздаги, къануназул системаялдаги ва архиваздаги хадуб хал кколев.