Where a word actually gets used.
Every document below is a real text — folklore, news, radio, records. Open one to read it, or search across all of them for a word.
Рейс 17 Malaysia Airlines
-
1
Россиялъул гӀорхъиялде 50 километр хутӀараб мехалда халкъазда гьоркьосеб къотӀи-къаяз бихьизабураб анцӀазарго метралъул борхалъудаса цинтӀаго гӀодобе ун буго.
-
2
Хадуб гьелъул цӀа рекӀарал хутӀелал ратана Украиналъул территориялда.
-
3
Гьеб лъугьа-бахъин ккола гьебго авиакомпаниялъул ахирисеб щуго моцӀида жаниб ккараб кӀиабилеб кӀудияб лъугьа-бахъинлъун.
-
4
Гьелда цебе ккун букӀана Boeing 777 тӀагӀин.
-
5
Украиналъул президент Петр Порошенкоца жинидрго видеохитӀабалда лъазабуна рагъ жидер улка тун къватӀибе тӀибитӀанин.
-
6
Лайнер бортиялъул гӀайиб лъида бугебали гьанжеги мухӀканго чӀезабун гьечӀо.
-
7
Амма Москваялъ рикӀкӀунеб буго гьеб бугин Киевалъул хӀалтӀи.
-
8
Киевалъин абулеб буго, гӀаксалда, аэроплан Россиялъ бортизабунин.
-
9
Версияби руго гӀемер.
-
10
ЦӀикӀкӀун гӀадамал хвеялъул рахъалъ гьеб ккола авиациялъул тарихалда жаниб, 11 сентябрялъул лъугьа-бахъиналдаса хадуб кӀудияблъун рикӀкӀараб лъугьа-бахъинлъун.
-
11
РекӀарал Самолеталда рукӀана 298 пассажир, гьезда гъорлъан 154 чи кколев вуго Нидерландазул ватӀанчилъун, 27 австралиялъулав, 23 малайзиялъулав, 11 чи Индонезиялдаса, анлъго британиялъулав, ункъ-ункъ немцавги белгиялъулавги, лъабго Филиппиназул ватӀанчи ва канадаялъулав.
-
12
Украиналъул ракьазда яргъид гӀуцӀцӀараб конфликт унеб районалда бортана самолет.
-
13
Къимат кьей Украиналъул премьер-министр Арсений Яценюкица лъазабуна, «лъугьа-бахъараб кколин халкъазда гьоркьосеб такъсирин ва гӀайиб бугез жаваб кьезе кколин Халкъазда гьоркьосеб трибуналалда цебе»-ян.
-
14
МухӀканаб жаваб кьезе бегьула лъиданиги бачӀеб халкъазда гьоркьосеб цӀех-рехалъул къокъа гӀуцӀани.