Where a word actually gets used.
Every document below is a real text — folklore, news, radio, records. Open one to read it, or search across all of them for a word.
Ругъжаса Элдарилав
-
1
Гьесул лъимерлъиялъул гӀумру rIapaб цӀалуда ана.
-
2
Амма балугълъараб мехалъ гьес дибирлъи къабул гьабичӀо.
-
3
КечӀ гьабизе ва гьеб ахӀизе МухӀамадил букӀана кӀудияб гьунар.
-
4
МутагӀиллъун ЧӀохъ вугеб мехалъ, рокьи ккарай гьайбатай ясалде ахӀарал кучӀдуз гьесул цӀар ана магӀарул росабалъ Ругъжаса Элдарилав хӀисабалда.
-
5
Поэт гьавуна Ругъжаб росулъ гӀадатав векьарухъан Элдарил хъизаналда, цӀарги лъуна МухӀамадилан.
-
6
Жиндирго ясалъ тӀасавищаравлъи лъарав наибас, гьоболлъухъги ахӀун, Элдариласда загьру гьекъезабула.