Where a word actually gets used.
Every document below is a real text — folklore, news, radio, records. Open one to read it, or search across all of them for a word.
СагӀудиязул ГӀарабия
-
1
Гьединго СагӀудиялъул ракьал чурула ГӀарабазул ралъдал квачӀалъ хьундабгун-бакъбаккудасан ва БагӀараб ралъдаца - бакътӀерхьудасан.
-
2
Жакъа къоялда жаниб, СагӀудиялъул гӀадамазул къадар бахуна 27,136,977 миллион чиясде.
-
3
Бусурбабазул къадар бахуна 99,9 % ялде.
-
4
СагӀудиялъул тахшагьар - Ар-Рияд буго.
-
5
СагӀудиязул ГӀарабиялде гьединго абула «КӀиябго хӀарамалъул ракь» - абун, гьениб Маккагун Мадина букӀиналъ.
-
6
Гьеб пачалихъалъул къокъаб цӀар гӀараб мацӀалда - ас-СагӀудия - абун буго.
-
7
КӀиабилев халипа ГӀумар ибнул-ХатӀтӀабил заманалде (634), киналниги жугьутӀал къватӀире ккезарун рукӀана ХӀижазалдаса.
-
8
Ад-ДиргӀийя шагьаралъул хӀаким МухӀаммад ибн СагӀуд ва исламияв гӀалимчи МухӀаммад ибн ГӀабдул Вагьгьаб цолъана кутакаб ва гъункараб пачалихъ гӀуцӀиялъул мурадалда.
-
9
Гьеб, XVIII гӀасруялъ цолъараб гӀуцӀиялъ авал лъуна дакъа къо щвезегӀанги хӀукмуялда ругел СагӀудиязул тухумалъе.
-
10
Гьеб пачалихъ хутӀана 67 соналъ ва щущахъ биххизабула СагӀудиязул церегосел тушбаби - Рашидиязул тухумалъ.
-
11
КӀиабилеб дунялалъул рагъ байбихьи сабаблъун нарт бахъи байбихьичӀо гӀицӀго 1946 соналъ гурого.
-
12
Нарт лъугьана пачалихъ цебетӀеялъе сабалъун.
-
13
ГӀабдулгӀазизида хадув къираллъун вачӀана гьесул вас СагӀуд.
-
14
Гьес ургъичӀого бачунеб букӀараб жанисеб сиясаталъ, пачалихъалда инкъилаб ккеялде бачана, СагӀуд лъутана Европаялде, хӀукму бачӀана гьесул вац Пайсалихъе.
-
15
Ва гьесдаса хадув хӀукмуялде вачӀана гьесул вац Халид.
-
16
Гьелда рекъон СагӀидиязул ГӀарабия ккола тӀубараб ханлъилъун, жиб цебе бачунеб тӀоцевесев хан ГӀабдулгӀазизил лъималаз ва лъималазул лъималаз.
-
17
Къануналъул кьучӀое босун буго исламиял хӀукмаби.
-
18
Пачалихъалъул бетӀерлъун вуго хан.
-
19
Гьаб сагӀаталда пачалихъалъул хӀукмуялда вуго ханлъиялъе кьучӀ лъурасул вас Салман ибну ГӀабдулгӀазиз СагӀуд.
-
20
Пачалихъалъул кӀвар бугел буюрухъал хъвала гӀалимзабазулгун данде бан хадуб.
-
21
Ханасе мутӀигӀлъула киналниги хӀукмуялда ругел.
-
22
Буюрухъ тӀобазабиялъулаб хӀакимлъи гӀуцӀун буго министерзабазул Шураялдасан, бетӀерав министерасдасан, гьесул тӀоцевесев наибасдасан ва къого министерасдасан.
-
23
Киналниги министерзабазул хъулухъал рикьун руго ханасул хъизаналъул гӀадамазда гьоркьоб.
-
24
Мажлису Шураялъул киналниги 150 гӀахьалчи, тӀамула ханас ункъго сонил болжалги цӀан.
-
25
Диваналъул хӀакимлъи ккола диниял диваназул система, ТӀадегӀанаб диваналъул шураялъ рихьизарураздасан ханас рищарал къадияца хӀукму гьабулеб.
-
26
Бищун кӀудияб шагьар, ханлъиялъул тахшагьар, гьелъул сиясияб, маданияб ва гӀелмияб центрлъун ккола - Ар-Рияд жинди жаниб 4 млн чи вугеб.
-
27
Жидда - пачалихъалъул кӀиабилеб кӀудияб шагьар, гьелъул «экономикияб тахшагьар», БагӀараб ралъдада кӀвар бугеб порт.
-
28
Пачалихъалъул миллиял гӀурхъалаби чӀванкъотӀун рихьизарун рукӀунгутӀиялъ, чӀванкъотӀун СагӀудиязул ГӀарабиялъул ракьалъул къадар чӀезабун гьечӀо.
-
29
Расмиял баяназда рекъон гьеб бахунеб буго 2 217 949 км², цогидал баяназда рекъон - 1 960 582 км² - 2 240 000 км².
-
30
Кин бугониги, СагӀудиязул ГӀарабия ккола ракьазул рахъалъ дунялалда 13-еб пачалихъ.
-
31
Гьениб буго курорталъулаб мухъ Асир, жиндир гӀурччинлъиялъ ва тамахаб гьаваялъ туристал жинца тӀаде цӀалеб.
-
32
Бакъбаккул рахъин абуни, тӀубанго бахчун буго салул авлахъаз.
-
33
Къиблаяб рахъ ва къиблаябгун-бакъбаккул рахъ тӀубанго ккун буго РубгӀ ал-Хали салул авлахъалъ, гьенибго буго Йеменлъулгун ва ГӀуманалъулгун гӀурхъалабиги.
-
34
СагӀудиязул ГӀарабиялъул цӀикӀкӀунисеб ракьал ккун руго салул авлахъаз, ва гьениб гӀумру тӀамен руго батӀи-батӀиял тухумазул гӀалхул гӀарабал.
-
35
ГӀарабазул бащдабчӀинкӀиллъи ккола - Ракьалда гӀемер гьечӀел бакӀаздаса цояблъун, риидал багӀари чӀечӀого 50 °C эххедезун бахунеб.
-
36
ГӀазу бала гӀицӀго Жизаналъул мугӀрузда, пачалихъалъул бакътӀерхьуда, ва кидалго гуреб гьебги балеб.
-
37
ЧӀахӀиял харжал щола щибаб лъагӀалие хӀаж гьабун рачӀарал 2 млн хӀажичиясдасан.
-
38
ЗагӀипал рахъал: профессионалияб лъай кьей гьечӀо.
-
39
ГӀемерисеб бутӀа бетӀербахъи гьабулел жалазул къватӀисанхун импорт гьабун бачӀуна.
-
40
ГӀолилазда гьоркьоб хӀалтӀуларезул къадар цӀакъго цӀикӀкӀараб буго.
-
41
СагӀудиязул ГӀарабиялъул экономика бараб буго нартил касбоялда, ва гьеб бахуна пачалихъалъул гӀаммаб жанисеб продукталдаса 45 %.
-
42
Аслиял росарухъаби - АЦЩ (18,5 %), Япония (16,5 %), Китай (10,2 %), Къиблаяб Корея (8,6 %), Сингапур (4,8 %).
-
43
КъватӀиса боси (2008 сон) - 108 млрд доллар: промышленносталъул тӀагӀелал, квана-гьекъолел жал, химиялъулаб продукция, автомобилал, ххам.
-
44
СагӀудиязул ГӀарабиялда чӀужугӀаданалъе гьукъун букӀана 2006 соналде щвезегӀан автомобил бачине.
-
45
ЦӀакъ цӀикӀкӀараб нартил нахърателалгун СагӀудиязул ГӀарабия ккола - Нарт къватӀибе кьолел пачалихъазул гӀуцӀиялъул аслияб пачалихълъун.
-
46
2009 соналъ гьелъ кӀиабилеб бакӀ ккун букӀана нарт бахъиялъе ва гьеб къватӀибе кьеялъе.
-
47
СагӀудиязул къватӀибехун бугеб бича-хисиялдаса 95 % ккола нарт къватӀибе кьеялъ ва гьебги ккола пачалихъалъул хайиралъул 75 %.
-
48
цебе II азарсоналъ жодоца ГӀарабистаналъуд киналниги ракьазда кверщел гьабурал.
-
49
Рагъазул хӀасилалда, IX гӀасруялде щвелалде исламияб хилапаталъ жанибе бачун букӀана ГӀагараб Машрикъалъул, Ираналъул, Гьоркьохъеб Азиялъул, Гъоркьасеб Кавказалъул, Хьундасеб Априкъаялъул ва гьединго Къиблаяб Европаялъул ракьал.
-
50
ГӀарабистан Гьоркьохъел гӀасрабазда XVI гӀасруялда турказ байбихьана ГӀарабистаналда кверщел гьабизе.
-
51
1574 соналде ГӀусманиязул пачалихъалъ султӀан Салим II бетӀерлъиялда гъоркь тӀубанго бахъана ГӀарабистан.
-
52
Гьеб заманаялда бищун къадру бугел хъизамаллъун ХӀижазалда рукӀана СагӀудиял ва Рашидиял.
-
53
ТӀоцебесеб СагӀудиязул пачалихъ СагӀудиязул пачалихъ баккана 1744 соналъ ГӀарабистаналъул бакьулъаб икълималда.
-
54
Цо дагьабго заманаялдасан гӀолохъанаб пачалихъалде хӀал гьабизе лъугьана ГӀусманиязул пачалихъалъ, жодорго къиблаяб рахъалда бугеб гӀорхъода гьел къуватлъизе бокьичӀого ва гьез Маккагун Мадина бахъиялда ццимги бахъун.
-
55
1817 соналъ гӀусманиязул султӀанас ГӀарабистаналде МухӀаммад ГӀали Пашал бетӀерлъиялда гъоркь аскар битӀула, ва гьез щущухъ биххизабула Имам ГӀабдуллагьил аскар.
-
56
Гьединаб куцалда, ТӀоцебесеб СагӀудиязул пачалихъ хутӀана 73 соналъ.
-
57
КӀиабилеб СагӀудиязул пачалихъ Гьанже гӀун бачӀунеб букӀараб гӀарабазул пачалихъ турказ щущахъ биххизабиялде балагьичӀого, 7 сонидасан (1824 соналъ) Ар-Риядалда тахшагьаргун гӀуцӀула КӀиабилеб СагӀудиязул пачалихъ.
-
58
СагӀудилазул хъизан лъутизе ккун лъутула гьеб мехалъ Кувейталде.
-
59
Лъабабилеб СагӀудиязул пачалихъ
-
60
1904 соналъ Рашиди тухумалъулаз ГӀусманиязул пачалихъалдаса кумек тӀалаб гьабула.
-
61
Гьез жаваб гьабун жодорго аскар гьенибе битӀула, амма гьаб нухалъ къун нахъе ине ккола.
-
62
1912 соналъ ГӀабдулгӀазизица тӀубанго Нажд икълим кверде босула.
-
63
1920 соналъ, ингилисазул кумекалдалъун, ГӀабдулгӀазизица тӀубанго Рашидиязул тухум лъугӀизабула.
-
64
1925 соналъ Макка кверде босула.
-
65
1926 соналъул 10 январалъ ГӀабдулгӀазиз ибну СагӀуд ХӀижазалъул ханлъун лъазавула.
-
66
1927 соналъ КӀудабиритӀаниялъ СагӀудиязул ханлъи жибго жиндаго чӀараблъун рикӀкӀуна.
-
67
Цо чанго сонидасан ГӀабдулгӀазизица ГӀарабистаналъул хутӀарал ракьалги кверде росула.
-
68
1932 соналъул 23 сентабиралъ Нажд ва ХӀижаз цогьаруна, СагӀудиязул ГӀарабия абураб цо пачалихъалда жанир.
-
69
Живго ГӀабдулгӀазизги лъугьана СагӀудиязул ГӀарабиялъул ханлъун.
-
70
1938 соналъул марталда СагӀудиязул ГӀарабиялда ратана нарт бахъизе бегьулел бакӀал.
-
71
Пайсалицин абуни гӀемераб хӀалтӀи гьабуна пачалихъ цебетӀеялъе.
-
72
1973 соналъ, Пайсалица Байтул Макъдис бусурбабазухъе буссинабизегӀан, сагӀудиялъул нарт къватӀибехун биччаларин абун гьев чӀедал, бакътӀерхьул пачалихъаз гьев чӀвазе тӀамана гьесул вацасул вас.
-
73
Гьесдаги хадув Пагьд, 2005 соналъ - ГӀабдуллагь, ва 2015 соналъ - Салман.
-
74
2011 соналъул марталъул авалалдасан байбибхьун СагӀудиязул ГӀарабиялда Жанисел ишазул министерлъиялъ митингал гьукъун руго.
-
75
СагӀудиялъул тӀадчагӀаз рикӀкӀунеб буго, гьеб хӀалуцин къватӀисанхун, хасго Ираналдасан бачӀине бугоян.
-
76
ТӀадегӀанаб диваналъул шураян абуни гӀуцӀун буго 12 чиясдасан, гьелги рихьизарула живго ханас.
-
77
Макка ва Мадина, пачалихъалъул бищун чӀахӀиял шагьарал гурелги, гьел ккола СагӀудиязул ГӀарабиялъул ва тӀолабго исламияб дунялалъул къадро тӀадегӀанал шагьаралъун.
-
78
Пачалихъалъул бакътӀерхьуда, БагӀараб ралъдал рагӀалда тӀарадасан аххаде щвезегӀан руго ал-ХӀижаз абураб кьурабазул рахас. къиблаябгун-бакътӀерхьуда кьурабазул борхалъи бахуна 3000 метраялде.
-
79
Аслияб халкъин абуни гӀумру тӀамун руго чӀахӀиял шагьаразда ва гьел сверун, аслияб бакъбаккуда яги бакътӀерхьудахун, ралъдал рагӀалда.
-
80
Ракьул тӀалъиялъул гӀуцӀи Гьава СагӀудиязул ГӀарабиялъ гьава цӀакъго бакъвараб буго.
-
81
Январалъ гьоркьохъеб температура букӀуна шагьаразда 8 °C - 20 °C, салул авлахъазда 20 °C - 30 °C.
-
82
Хурдузул дунял ХӀайваназул дунял Экономика
-
83
Бюджеталъул харжалъул 75 % ва къватӀибе кьолеб экспорталъул 90 % ккола нартилпродуктаздаса.
-
84
2005 соналъул декабралда СагӀудиязул ГӀарабия лъугьана ТӀолгодунялалъул бича-хисиялъул гӀуцӀиялде.
-
85
КъватӀисеб бича-хиси КъватӀибехун бичи (2008 сон) - 310 млрд доллар: нарт ва нартилпродуктал.
-
86
Гьелдаса: КъвакӀараб хъалгун - 47 530 км.
-
87
КъвакӀараб хъал гьечӀого - 173 843 км.
-
88
Жакъайин абуни 30 сон базегӀан автомобил бачине бегьула чӀужугӀаданалъ цадахъ рос, эмен яги вац вугони.
-
89
Гьаваялъул транспорт СагӀудиязул ГӀарабиялъул гӀадамал раччулел авиакомпаниял: Al-Maha Airlines - жанисел гьавамухъал.
-
90
Nas Air - жанисел бюджеталъулал гьавамухъал.
-
91
Saudi Arabian Airlines -СагӀудиязул ГӀарабиялъул цебе тӀураб авиакомпания, жанисел ва къватӀисел гьавамухъал.
-
92
SaudiGulf Airlines - жанисел гьавамухъал.
-
93
Mid East Jet - чартералъулаб авиакомпания.