Real Texts

Where a word actually gets used.

Every document below is a real text — folklore, news, radio, records. Open one to read it, or search across all of them for a word.

Сарир

Wikipedia · 104 lines · added 21 Jul
Author
Unknown
Genre
Unknown
Language
Avar
Tags
None
Grammar tags
95.1%
  1. 1
    Населена была аварами.» мугӀрузул Дагъистаналда букӀараб гьоркьохъел гӀасрабазул пачалихъ, VI - XI гӀасрабазда жиб букӀараб.
  2. 2
    Гьелъул тахшагьар букӀана Хунзахъ.
  3. 3
    Жиндир бищун цебе тӀураб заманалда Сариралде гъорлъе унаан Дагъистаналъул мугӀрузул рахъги гӀодолъиги, ва гьединго мадугьалъихъ ругел ракьалги .
  4. 4
    Сариралъул - Дербендалдаса хьундасебгун бакътӀерхьул рахъалда лъабго бахиналъ - букӀана 12000 росу.
  5. 5
    Сариралъул ханасда цӀар букӀана Пилан-шагь, ва гьев вукӀана христианияв.
  6. 6
    Цо-цо тарихчагӀаз абухъе, Сасанидазул наслуялъул ахирисев хан Ездигерд, гӀарабаз жив къезавидал, лъутун вуго Хорасаналде, ва амма жиндирго меседил тах ва гӀемераб бечелъи Бахрам-Чубин абулеб тухумалъул хӀакимгун Ездигердица нухарегӀун буго Кавказалъул мугӀрузде.
  7. 7
    Гьев Бахрам-Чубиназул хӀакимас, хадуб Саририн жинда цӀар лъураб ракь босун, гьеб тахги ва кинабниги ракьги, мулкги тун буго жиндирго наслабазе.
  8. 8
    Сариралъул ханас жиндирго кверщаликь ругел халкъазул бакьарав чи лъугьинавулев вукӀун вуго лагълъун, ва гьес чабхъенал гьарулел рукӀун руго хазаразул ракьалде.
  9. 9
    Сариралда аскӀоб букӀана Зирехгеран, гьабсагӀат бугеб Кубачи, жаниб гӀумру гьабун ругел - бусурбаби, христианал ва жугьутӀал.
  10. 10
    Сариралдаса хьундехун букӀана Гъумекиб, жиб Хайтакъалдаса бакътӀерхьудехун бугеб.
  11. 11
    Амма хадуб, Бакихановас рехсолеб буго: Гун абулеб рахъ бугин МугӀрузулаб Гъумекиб ва Авар, ва гьезул хан вугин Пилан-шагь, гьес ханлъи гьабулеб буги Гъумекибги, ГӀахъущаги, Аваралдаги.
  12. 12
    Гелбахъ - Сариралъул хьундасеб тахшагьарилан жинда абулеб букӀараб - Бакихановасда рекъон, букӀун буго Сариралъул цояб рахълъун, жинда жаниб Агран шагьар бугеб, жибги Сулахъалъул кваранаб рагӀалда букӀараб, Гъизил-Яралда букӀараб Сурхаб щулалъи, Кичимаджар хъала - Эндиреялдаса тӀадехун, Чумлуялда букӀараб, Улумажар хъала - гьабсагӀат ГьитӀинаб Кабардаялда бугеб михӀмар.
  13. 13
    Биценазда гьеб хурхинабун буго персазул ханзабазул тах мугӀруде бачӀиналда.
  14. 14
    Цо-цо баяназда рекъон, Сариралъе кьучӀ лъурав чилъун рикӀуна персазул рагъул цевехъан Бахрам Гур; цогиязда рекъон - бакӀалъул ханлъун чи танин персазул шагь Хасров Ануширваница.
  15. 15
    Сариралъул бутӀрузул букӀана меседил тах, ва гьеде гьабулеб букӀараб цӀар буго авараншагь.
  16. 16
    Гьел аваразул цо къокъа чӀана Дагъистаналда, гьез лъуна Сариралъе байбихьи ва гьелъул къуватаб пачалихъ лъугьинабуна, гьелдалъун гьес кьучӀги лъуна магӀарулазул миллаталъе.
  17. 17
    Гьеб теориялъул рахъ ккураллъун руго Й. Хан чӀавана, гьес витӀарав божарав чи вахчана мугӀрузулаб Дагъистаналда.
  18. 18
    Сариралъул ханас жиндаго абизе лъугьана СахӀиб-ас-Сарир абун, ай меседил тахалъул хважаин, гьесул кверщаликь ругел гӀадамазде сарирал абун.
  19. 19
    Сариралъул ханасул букӀана бахъун бадарулареб къуватаб хъала, цӀарги ал-Ал бугеб, гьениб жаниб цӀунун букӀана кинабго гьесул хазина.
  20. 20
    Тахшагьарлъун букӀана Хумрадж .
  21. 21
    Улкаялда букӀана 12000 тухум, жалги батӀи-батӀиял жанияблъиязде риххарал, ва ханас жиндиего бокьарав чи лагълъун гьавулаан.
  22. 22
    Сариралъул ханасда абулаан „Авар" - илан.
  23. 23
    Гьев вукӀана насранияв, пачалихъалъул хутӀарал гӀадамал рукӀана хъанчие лагълъи гьабулел, гьез лагълъи гьабулаан „бакъвараб бетӀералъе".
  24. 24
    Сариралъул рукӀана батӀи-батӀиял халкъал.
  25. 25
    Сариралъул гӀоръи цураб букӀана хазаразулгун, ва гьелгун Сариралъе гӀемер рагъал гьарулаан».
  26. 26
    Сарир буго гӀаммаб цӀар.
  27. 27
    ГӀарабаз Сариралъул хӀакъалъулъ хъвалеб мехалда, Сариралда гъоркь букӀана Дагъистаналъул гӀемерал ракьал, ва гьенир рукӀана гӀемерал халкъал .
  28. 28
    ГӀарабазул ракьал Дагъистьан сверун кӀодолъидал, Сариралъул ракьал гьитӀинлъулел рукӀана.
  29. 29
    Гьелъул хӀасилалда Сариралъулхъ хутӀана цохӀо гьабсагӀат ругел магӀарулазул мухъазулги ва цо-цо гьезда мадугьалихъ ругел мухъазулги ракьал.
  30. 30
    Гьебго заманалда Сариралъул кколаан Эрети ва Тушети.
  31. 31
    Сариралъ къуватаб данде чӀей гьабуна; лъагӀалица тӀаде кӀанцӀаразде данде рагъ гьабуна.
  32. 32
    ГӀарабаз, сверун ккун, босана Гъумекиб бугеб хъала.
  33. 33
    Хадур гьел рачӀана Сариралъул тахшагьаралде.
  34. 34
    Ал-Куфиясда рекъон, Марваница битӀун лъагӀалица сверун ккуна Сариралъул ханасул хъала, ва гьелдаса хадуб Сариралъул ханасда тӀад лъуна магъало кьей.
  35. 35
    ГӀарабал ана мадугьалхъ бугеб Туманалде, Сарир лъугьана ГӀарабазул Халифаталда бараб пачалихълъун.
  36. 36
    ГӀарабалда бугеб «Абулмуслимил Тарихалда» гьединго рехсон вуго Абулмуслимги Хунзахъги.
  37. 37
    Гьелда рекъон, VIII гӀасруялъул машгьурав сиясатчи ГӀабдурахӀман Хорасани, тарихалда живги Абулмуслим цӀаралдалъун рагӀарав, вачӀун вукӀун вуго Бакъдасеб Дагъистаналде, ва гьениб гьес ислам тӀибитӀизабулеб букӀун буго.
  38. 38
    Гьесул хӀалтӀи цебе бачун буго гьесул лъималазги, лъималазул лъималазги.
  39. 39
    Мас­ламаца, гьеб иццалда рекъон, гьезда тӀад бергьенлъ босула, хвалчадалъун исламалде руссинарула, гьезул ракьазда мажгитал рала ва, гьенир къадиялги тун, живго Шамалде нахъвуссуна.
  40. 40
    Сариралъул ханас байбихьула тӀолго Кавказалда жиндирго рахъ кколе чагӀи ралагьизе.
  41. 41
    Гьебго заманалда Сариралде гъолъе уна Филан абураб вилаят, гьелъ «сахӀиб-ас-Сарирасе» щола «филаншагь» абураб титул.Ал-Белазури.
  42. 42
    Аварал, аланалгун къотӀиги хъван, гьелгун цадахъ тӀаде кӀанцӀула Ширваналде, гьужум гьабун бахъула гьелъул тахшагьар Шемаха.
  43. 43
    Гьединго Сариралъул хазабаца бергьенлъиялъулал рагъул сапарал гьарулаан хазаразул ракьалдеги.
  44. 44
    Ал-МасгӀудияс хъвалеб буго: «Сариралъун ханас рагъал гьарула хазаралгун ва гьезда тӀад бергьенлъи босула, щайгурого гьел руго гӀодоблъиялда, гьев вуго мугӀрузда.
  45. 45
    Сариралъул ханзаби лъугьунаан Ширваналъулги Дербендалъулги ишазде гьоркьобе ва гӀахьаллъи гьабулаан рагъузулъ.
  46. 46
    Хазаразулги гӀарабазулги Каваказада къуват загӀиблъидал, Сарир лъугьуна цогиязда бачӀеб къуватлъун; X гӀасруялде ккола Сариралъул бищун къуватаб заман.
  47. 47
    Сариралъул ханасде гӀарабазул иццазда абулеб буго «хакан ал-джибал» яги мугӀрузул ханилан.
  48. 48
    Сарир букӀана мугӀруздаги гӀодоблъиялдаги бугеб пачалихъ.
  49. 49
    Аланиягун гьоркьолъаби, хазаразде данде чӀезе гьарурал, щулат гьарулаан ригьиназдалъунАл-Масуди.
  50. 50
    Якубияс хъвалеб буго, Арраналда 4000 росу бугин, ва гьезул гӀемерисел Сариралъул ханасул ругинЯкуби.
  51. 51
    Сариралъулги Аланиялъулги цоцада цурал гьоркьолъабазул бицуна гӀемерал иццаз.
  52. 52
    МасгӀудияслул баян кьеялда рекъон, Сариралъул ханас Аланиялъл хангун наслуяю бухьен гьабун буго, цоцазул яцалги рачун
  53. 53
    Аланиягун букӀараб бухьен бихьизе бегьула ономастикаялда, хасго аваразул бутӀрузул цӀаразда.
  54. 54
    Масала, кӀиго нухалъ данде чӀвалеб ХIII - XIV гӀасрабазул Авар нуцалзабазул цӀар - Сиртан гьединго даде чӀвала аланазул нартазул эпосалда Сырдон, Ширда хӀисабалда.
  55. 55
    Гьедин Урусманг абураб цӀар, жибги аваразул аристократазда гьоркьоб XV - XVI гӀасрабазда тӀибитӀун букӀараб
  56. 56
    Шамалъул тарихчи Абу-ль-Фидаца (1273 - 1331) баян кьолеб буго: «Матрахиялдаса бакъбаккудехун чвахулеб буго ал-Ганам гӀор, жибги ас-Сарир абураб улка къотӀун чвахулеб.
  57. 57
    Сулахъ лъарагӀлъиялде лъушьунеб бакӀалда букӀана Сариралъуд хьундасеб тахшагьар - некӀсияб Гелбахъ шагьар.
  58. 58
    Гьеб букӀана Сариралъул щулалъилъун, ва гьенисан Сариралъул хӀакимлъи тӀибитӀулаан хьундасеб гӀодоблъиялде, жибги гӀемерисеб Сариралъул гӀадамазул кулияз ккураб.
  59. 59
    Гьединго Гелбахъалда щолаан тущбабазул тӀоцебесеб кьабиги, масала, ХIII гӀасруялда гъазияз цин къезавула нуцаласул вац Кагьру, жиндир чӀей бугеб бакӀ Гелбахъ букӀараб, ва гьелдаса хадуб Хунзахъги босула
  60. 60
    Гелбахъ археологияб комплексалда гъорлъ букӀана некӀсияб шагьаралъулги, росабазулги, щулалъи цӀуниялъе рарал гӀуцӀабиги ва хобалги.
  61. 61
    ГьабсагӀат гьеб тӀерхьун буго Гелбахъ ГЭСалъул хӀорниб.
  62. 62
    Чирурталъул некӀсиял хабзал рукӀана Сулахъалъул кваранаб рагӀалда ва цебе заманалда Хьундасеб Дагъистаналъул авлахъазул рахъалдаса цӀунун букӀана къуватаб къедалдалъун.
  63. 63
    С.44 Сарир биххи Сариралъул хӀакъалъулъ ахирисеб рехсей ккола 1067 соналде.
  64. 64
    Батизе бугу, Хазария биххизабидал Сариралде лъутун рачӀарал жугьутӀал гьенирго чӀун руго, ва Сарир биххидал гьелъул бакътӀерхьул рахъ ккун буго.
  65. 65
    Ханасул кверщеллъи кьолаан ирсалъе.
  66. 66
    Сариралъул аскаразулъ рукӀана аза-азар чиАликберов А. ЖамгӀияб гӀуцӀиялъул аслияб бут8алъун букӀана гьитӀинаб хъизан.
  67. 67
    Халкъалъул тӀадегӀанал чагӀилъун рукӀана ханзаби, рагъул церехъаби ва цогидал нухмалъиялъул гӀадамал.
  68. 68
    Феодалаздаса гъоркьегӀан хӀокӀазда рукӀана рагъухъаби, гьезул церехъаби, росалабазул бутӀрул - раисал ва диналъул хъулухъчагӀи.
  69. 69
    Бусурбабазул пачалихъазда раис кколаан бакӀалъул халкъалъул бищун хӀурматиял хъизаназдаса рищарал чагӀи, жидеца администрациялдаги халкъалдаги гьоркьочилъи гьабулел рукӀарал: администрациялъул тӀадкъайял тӀуралел, шагьаралъул, росабазул гӀадамазул цӀаралдасаги хӀалтӀулел.
  70. 70
    "Сарир" абураб термин кколаро халкъалъул цӀарлъун, гьеб ккола цо-цо бакӀалда бетӀерасул титуллъун , цогидал бакӀазда пачалихъалъул цӀарлъун.
  71. 71
    "Авария в X-XV вв."
  72. 72
    Введение.
  73. 73
    Ракь Жакъа къоялде цӀунун ругел сипатазда рекъон, Сарир букӀана гӀемерал гӀадамалги ругел, гӀемерал хъулбуз щулат гьабураб хӀукуматлъун.
  74. 74
    ГӀарабазул Ибн Рустаца баян кьолеб буго, Сариралъул ханасда цӀар бугин «Авар» абун.
  75. 75
    VI гӀасруялда Хьундасеб Кавказалдасан Европаялде рачӀана аварал - гьоркьохъеб Азиялдаса гочарулеб халхъ , жидеца цебесеб заманалда «сино-кавказоязалъулал» халкъал ракӀарараб .
  76. 76
    X гӀасруялъул гӀарабазул тарихчи МасгӀудиясдасан бачӀана:«ГӀарабаз Иран бахъидал, ахир тӀаде гӀунӀана сасанидазде, сасанидазул хан Йездигерд гӀарабаздаса лъутана, жиндаго цеве гьес витӀана божарав чи Сариралде жиндирго бечелъигун ва меседил тахгун.
  77. 77
    Сарир абураб цӀар магӀарулазе чияраб кколаро, буртияз гьабсагӀатги абула магӀарулазда сулиял абун, гьебги Сарир абураб рагӀиялъул гӀагараб ккола.
  78. 78
    Сарир VII-XI гӀасрабазда В VII-VIII гӀасрабазда Сариралъ Хазар каганаталъул рахъ ккуна гьелъ гӀарабазде данде гьабулел рагъазулъ.
  79. 79
    ГӀарабаз мекъса рикӀкӀунаан Сарир, насранияб хӀукумат хӀисабалда, Византиялда бараб букӀанилан.
  80. 80
    737 соналъ гӀарабасул аскар Марван ибн МухӀамадил бетӀерлъиялда гъоркь Сариралде тӀаде кӀанцӀана.
  81. 81
    851 соналъ Ширваншагь тӀаде кӀанцӀула Сариралъул ханасде.
  82. 82
    912 соналъ Дербедалъул амирас Ширваншагьида цадахъ гьабула чабхъен Шанданалде, гьелъие кумек гьабуле букӀана сариралъул ханас.
  83. 83
    968 соналъ Ибрагьим бин Марзубаница кверде босула Ширван ва буюрухъ кьола Дербендалъул амир АхӀмадие мукӀурлъеян.
  84. 84
    Хадуб Дербенд лъугьуна Ширваналъул рахъ ккураблъун ва ал-Бабалъул халкъалъ гьенир ругел аварал гъурула.
  85. 85
    971 соналъ Сариралъул ханас чабхъен гьабула Дербендалъул имараталде.
  86. 86
    Дербендалда аскӀаб авараз дербендалъул амир щущахъ виххизавула, азаргоялдаса цӀикӀкӀун чиги чӀвала.
  87. 87
    1032 соналъ Тмутараканалъул Мистиславица гьабула чабхъен Ширваналде, ва гьев лъугьуна Сариралъул ханасул тушманлъун, щайгурого Мистилавгун вагъизе хӀадур вукӀуна Дербендалъул амир Мансур, живги Сариралъул хан Бухт-Йищо II дурцлъун вукӀарав.
  88. 88
    Аваразги аланазги 10 къоялъ тала гьабула, 10000-ялдаса цӀикӀкӀун чиги чӀван, бечедаб давлагун жидерго ракьалде нахъруссуна.
  89. 89
    1064 соналъ, Ширваналъ гьусун, Сариралъул хан Пиружа цӀидасанги тӀаде кӀанцӀула Дербендалде.
  90. 90
    Ас-Сариралъул батӀераб шагьар буго мугӀрузда, жибги мацӀазул мугӀрузда бугеб.
  91. 91
    ал-Ганам гӀор буго кӀудияб, хасало гьеб цӀорола, ва юк баччулел хӀайванал гьелдасан доррехун уна.
  92. 92
    Ал-Ганам гӀор гӀараб.
  93. 93
    - «Куйдул гӀор» В.Ф.Минорскияс Сулахъгун цогьабула
  94. 94
    Лъалеб жо буго: ХII гӀ. ва ХIII гӀ. байбихьуда Сариралъул гӀорхъабазда жаниб букӀана Дагъистаналъул ракьал, Сулахъ букӀана аваразул пачалихъалъул жанисеб лъел нухлъун.
  95. 95
    Сарир биххизе байбихьана пачалихъалда жанир рукӀарал насранияздаги, бусурбабаздаги, жугьутӀаздаги, хъанчи лагълъи гьабулездаги гьоркьор лъугьарал жанисел ва къватӀисел рагъал сабаблъун.
  96. 96
    XI гӀасруялда Сариралдаса ратаӀалъана бакътӀерхьуда ругел ракьал .
  97. 97
    Сариралъул ракьалда лъугьана аваразул боял, гьабсагӀат бугеб Хунзахъ мухъалда, Сариралъул ракӀлъун букӀараб, лъугьанаАвар нуцаллъи, жибги Сариралъул битӀараб ирсилаблъун кколеб.
  98. 98
    Пачалихъияб низам Сариралъул низам букӀана ханлъияб.
  99. 99
    Ханзабазул рукӀунаан мухьдахъ ккурал бодул къокъаби.
  100. 100
    ЖамгӀияб гӀуцӀи Жакъа къоялъ ругел иццазда рекъон, VI-X гӀасрабазда МугӀрузул Дагъистаналда байбихьана цебесеб феодалияб социум.Авария в X-XV вв.
  101. 101
    "Ширваналъул ва ал-Бабалъул тарихалда" бицен гьабун буго "нусго Сариралъул раисазул".
  102. 102
    Раисалин абулел чагӀазда бакӀалъул мацӀазда абулеб букӀараб цӀар лъалеб гьечӀо.
  103. 103
    С. Зама-заманалда жанисел рагъа-рачариялниги, къватӀисан Ширваналъул рахъалдасан хӀинкъи бугем мехалъги, Дербендазул амиразизе рахчизе бакӀ щолаан Сариралда.
  104. 104
    А. П. Новосельцевас хъвалеб буго: «бищун кӀудияв мугӀрузулаб Дагъистаналъул бетӀер вукӀана сахӀиб-ас-Сарир»Ибн ал-Факих.
  105. 105
    В. ХӀажиевасдаги В. Д. Данияловасда рекъон, Ширван ккола Сариралъул некӀсияб ракьлъун.
  106. 106
    Е. Шиллингил баяназда рекъон: ГӀандигӀоралъул квегӀаб рагӀалдаса добехун ругел ракьал кколеллъун рикӀкӀунаан ЖугьутӀ-ханасе, кваранидехун ругел ракьал рукӀана Суракъатил I.
  107. 107
    К. ТӀадегӀанал гӀадамазул рукӀана тӀарханал ва батрикал .