Real Texts

Where a word actually gets used.

Every document below is a real text — folklore, news, radio, records. Open one to read it, or search across all of them for a word.

Сочи

Wikipedia · 33 lines · added 21 Jul
Author
Unknown
Genre
Unknown
Language
Avar
Tags
None
Grammar tags
96.8%
  1. 1
    Гьениб олимпиада гьабиялда жал дандечӀарал ругилан лъазабуна, Кавказалъул рагъ лъугӀидал, гьаниса къватӀире гъурал бакӀалъул гӀадамазул ирсилаз .
  2. 2
    Гъоркьиса сентябралда къватӀибе бачӀараб «ХӀакъикъаталъул» кӀудияб газеталда, авар мацӀалде таржама гьабун, дица бахъун букӀана Борис Соболевасул «Гьужум хираго чӀезе буго…» абураб тӀехьалъул цо бутӀа.
  3. 3
    Гьебго асаралда Сочиялъул хӀакъалъулъ гьадин хъвалеб буго авторас: «Гьелдалъун Кавказалъул рагъ лъугӀичӀо.
  4. 4
    Шамил асирлъидал, Чачанлъиги Дагъистанги мутӀигӀ гьабидал, рагъулал тадбирал Бакъбаккул Кавказалдаса БакътӀерхьул рахъалде рехана.
  5. 5
    Гьенир гӀумру гьабун ругел къавмазде гӀамм гьабун черкесалилан абулаан гӀурусаз.
  6. 6
    Гьезул чанго бикь-бикьараб къавм мукӀур гьабизе хӀажалъана гӀицӀго щуго сон.
  7. 7
    Чачанлъиялдаго гӀадал къагӀидабаздаса пайда босана гьанибги.
  8. 8
    Амма букӀана цохӀо батӀалъи - мутӀигӀ гьарурал черкесаздаса тӀалаб гьабулеб букӀинчӀо пачаясул тӀалъиялъе мукӀурлъи, гьа бай.
  9. 9
    Гьезда тӀадаблъун гьабуна цохӀо жо - Россия жибго тун, мугъ берцин гьаби.
  10. 10
    Сочиялда аскӀоб буго БагӀараб Тала абураб бакӀ.
  11. 11
    Ункъо батӀияб рахъалъан бачӀун, БакътӀерхьул Кавказ кверде босараб гӀурусазул ункъо гучаб къокъа цолъана гьаниб.
  12. 12
    Гьеб дандчӀвай ккараб къо, 1864 соналъул 21 май, лъазабуна Кавказалъул рагъ лъугӀараб къолъун.
  13. 13
    Гьайгьай, гьеб дата букӀана гӀицӀго кагътида бугеблъун.
  14. 14
    ХӀакъикъаталдаги доб рагъул бергьенлъиялъул къо кӀиго буго.
  15. 15
    ТӀоцебесеб - Шамилги кверде вачӀун, Бакъбаккул Кавказ мутӀигӀ гьабураб къо.
  16. 16
    Улкаялъул президентлъун вукӀарав В. Путинги ун вукӀана Гватемалаялде, Сочиялъул тӀокӀлъаби реццун, бацӀцӀадаб паранг мацӀалда кӀалъана гьев.
  17. 17
    ГӀадатиял сочиялъулазда цӀехедал, гьезул гӀезегӀаназ абуна гьеб олимпиадаялъул жидее пайдаялдаса зиян цӀикӀкӀараб бугилан.
  18. 18
    Автовокзалалдаса санаториялде дун щвезавурав таксист (250 гъ.) гуржияв ватана.
  19. 19
    Гьес бицана: «Сочиялда жанир ралел руго гӀемертӀалаял, чӀахӀи-чӀахӀиял, гӀадамазе гӀумру гьабизе рихьизарурал минаби.
  20. 20
    ЦеретӀурал улкабазда гӀадин, чанго тӀала бугел нухалгӀаги гьаричӀони, цӀакъ квешаб хӀал буго шагьаралда.
  21. 21
    Амма хӀакимзабазе гьелъул ургъел гьечӀо.
  22. 22
    Киналго къватӀалги къан, занкӀан чӀезабула шагьар, гьел рачӀаралщинахъе.
  23. 23
    Сочиялъулазе кӀудияб квалквал гьабула гьелъ».
  24. 24
    Югалъулаб Кавказалда Россиялъ гьабулеб бугеб политикаялъул хабар ккедал, таксистас абуна: «Россиялъул рагъулал къуватаз цӀикӀкӀараб зарал ккезабуна гъоркьиса августалда Грузиялъе.
  25. 25
    Сочиялдаса югалдехун букӀиналъ, гьалдасаги тӀабигӀат берцинаб, гьайбатаб бакӀ буго Сухуми.
  26. 26
    Инсуцаги вацазги цадахъ лъугьун, гьениб бараб дир минаялъув гӀумру гьабун вуго абхазав 1992 соналдаса нахъе.
  27. 27
    Абхазиялде дун виччаларо.
  28. 28
    Гуржиявлъун гьавун вати дир гӀайибищ кколеб?» - ан.
  29. 29
    ЗахӀматаб, жуба-гъубараб, хасаб тема кколелъул, гьаб очеркалда рехсараб суалалда гъорлъегӀан къаларо.
  30. 30
    КӀиабилеб - бакӀалъулал халкъазул ахирисев чи Турциялдеги хъамун, БакътӀерхьул Кавказ кодобе босараб къо.
  31. 31
    Олимпиялъул шагьар 2007 соналъул 5 июлалда Гватемалаялда Халкъазда гьоркьосеб Олимпиялъул комитеталъ 2014 соналъул хасалил Олимпиялъул хӀаял тӀоритӀулеб бакӀлъун тӀаса бищана Сочи.
  32. 32
    Олимпиадаялъул росу балеб буго Сочиялдаса югалдехун бугеб Адлералда.
  33. 33
    «Пробкаби» сабаблъун, гӀемер заман гӀадада хола.
  34. 34
    Гьевго таксистас бицана, Султан абун цо дагъистаниявги вукӀанила жидеда цадахъ хӀалтӀулев, гьанже нахъе анилан.