Where a word actually gets used.
Every document below is a real text — folklore, news, radio, records. Open one to read it, or search across all of them for a word.
Сочиялда аскӀоб Ту-154 катастрофа
-
1
Самолёт гьабун букӀана 1983 соналъ «Авиакор» заводалда.
-
2
Гьелъул гьоркьохъеб куцалда моцӀида жаниб гьарурал рорженал рахунел рукӀана 27 сагӀаталде.
-
3
ЦӀех-рехалъул операция битӀа-бишун ккезабулеб буго ЦӀуниялъе нухмалъулеб миллияб централдасан ЦӀуниялъул Министр Сергей Шойгуца.
-
4
Россиялъул Федерациялъул цӀех-рехалъул комитеталъул Сочиялъул гарнизоналъул рагъулаб цӀех-рехалъул бутӀаялъ рагьана такъсиралъулаб иш, РФ Такъсиралъулаб Кодексалъул ялда рекъон .
-
5
Иш кьун буго ЦӀех-рехалъул комитеталъул Централияб аппараталде.
-
6
Гьеб гьаваялъул гамица аслиял рорденал гьарулел рукӀана 1,6 сагӀтица халат рахъунел гьоркьохъел манзилазде.
-
7
2018 соналъ иргадулаб ремонтги гьабун, цӀидасан пайда босизе биччазе ракӀалда букӀана гьеб самолет.
-
8
Брожиналда цебе самолеталъул киналниги иргадулал хӀалбихьиял гьарун рукӀана ва гьеб ярагьунеблъун букӀана.
-
9
Пассажирал ва экипаж Самолеталда рукӀана 85 пассажирги 8 экипажалъулавги.