Where a word actually gets used.
Every document below is a real text — folklore, news, radio, records. Open one to read it, or search across all of them for a word.
ТаравихӀазул как
-
1
Гьеб бала рамазан моцӀалъ.
-
2
Гьелъул гӀуж щола боголил как бан хадуса, халат бахъула хъахӀлъи биччазегӀан.
-
3
Гьелъул тӀаса бищараб гӀуж байбихьула сардил ункъо бутӀа гьабун цо бутӀа аралдаса.
-
4
Хасго хирияб буго, кьижун хадув тӀадеги вахъун, бараб.
-
5
Амма киса-кибего гӀадат билълъун буго, боголил как бан лъугӀарабго, ратибатги бан таравихӀ базе байбихьулеб.
-
6
Нилъер Дагъистаналда таравихӀазул какил микьго ракагӀат бан тола, амма киналго тӀахьазда гьелъул базе бихьизабураб къадар къого ракагӀат буго.
-
7
Цогидал исламиял хӀукуматаздаги къого ракагӀат бала.
-
8
ЛъикӀ букӀинаан нилъер Дагъистаналдаги гьедин гьабунани.
-
9
Мажгиталда жамагӀаталъ гӀицӀго микьго ракагӀат бан толеб бугони, гьелгун микьго ракагӀат бала, хутӀараб анцӀила кӀиго ракагӀат рокъове щвараб мехалъ бала, хасго лъикӀаб буго кьижун хадуса радакь тӀадеги вахъун тӀубазабуни.
-
10
Ахиралде витруги ккезабила.
-
11
Витруги Рамазан моцӀалъ, жинца жиндиего баралдаса жамагӀатгун бараб хирияб буго, мажгиталда бани, гьеб дагьабги лъикӀаб буго.