Where a word actually gets used.
Every document below is a real text — folklore, news, radio, records. Open one to read it, or search across all of them for a word.
Тарих
-
1
Дагьабги хас гьабураб магӀнаялда тарих ккола жинца кинабниги цебе букӀараб жоялъуд рицунел иццал лъазе гьабулеб, жибги лъугьа-бахъиналъул тартибги, тарихиял хӀужжабазул хӀакъикъатги чӀезабулеб ва лъугьа-бахъиназул гӀиллаялъул хӀакъалъулъ хӀасилалги гьарулеб гӀелму.
-
2
абураб рагӀи бачӀараб буго НекӀсияб грек мацӀалдаса , гьебги буго некӀсияб индоевропаялъул мацӀалъул wid-tor- рагӀудасан лъугьараб .
-
3
"История" абураб рагӀул цебесеб магӀна НекӀсияб Грециялда букӀана «лъазабизе, гьикъизе, лъай тӀалаб гьабизе, жо лъазабизе».
-
4
данде ккун хӀалтӀизабулаан хӀакъикъат лъазабигун, хӀужжаби чӀезе гьабигун.
-
5
НекӀсияб Рималъул тариххъваялда 'история' абураб рагӀиялъ магӀна кьезе лъугьана жо лъазе гьабияллъе гуреб, цебе букӀараб жоялъул лъугьабахъиналъул хӀакъалъулъ, хадуб цебе ккезабун, бициналъе.
-
6
Хадуб 'историяйилан абизе байбихьан бокьараб жиб хӀакъикъаталда лъугьараб яги ургъараб лъугьабахъиналъул хӀакъалъулъ хабралда,
-
7
Гьединго НекӀсияб Грециялда «история» рагӀиялъ магӀна кьолаан гӀелмияб цӀех-рехалдалъун щвараб бокьараб лъаялде, жакъасеб къоялъ бугеб тарихияб лъай гуребги.
-
8
Масала, Аристотелица гьеб рагӀи хӀалтӀизабун буго жиндирго «РухӀчӀаголъабазул историялда».
-
9
Гьединго гьеб рагӀи дандчӀвала Гомерил гимназулъ, Гераклитил адабияталъул асаразда ва Афиназул пачалихъалъе балеб гьаялда.
-
10
НекӀсияб грек мацӀалда букӀана гьединого historeîn «гӀелмияб цӀех-рех гьабизе»абураб рагӀи, жибги цин Иониялда хӀалтӀизабулеб букӀараб, цинги хадуб гьенисан тӀолго Грециялдеги ва ахиралда тӀолго греказул цивилизациялдеги тӀибитӀараб.
-
11
Добго некӀсияб грек мацӀалъул магӀнаялда «история» хӀалтӀизабулаан XVII гӀасруялда Френсис Бэконица гӀатӀидго хӀалтӀизабулеб «тӀабигӀияб история» терминалда.
-
12
Гьоркьохъел гӀасрабазул Англиялда «история» рагӀи гӀемерисеб хӀалтӀизабулаан хабаралъул магӀнаялда .
-
13
Хасаб термин история
-
14
Цебесел лъугьабахъиназул тартиб хӀисабалда хасаб термин история баккана Ингилис мацӀалда XV гӀасруялъул ахиралда; «историкияб» абураб рагӀи - XVII гӀасруялда.
-
15
Германиялдаги, Франсиялдаги Росиялдаги кӀиябго магӀнаялдаги хӀалтӀизабула цо «история» абураб рагӀи.
-
16
ТарихчагӀи цого заманалда лъугьабахъиназул хал ккун ругеллъунги гьезул гӀахьалчагӀилъунги кколелъул, гьезул тарихиял хӀалтӀаби хъварал рукӀуна гьезул заманалъул пикруялдалъун, ва политикияб рахъ кквей гуребги, гьел хӀалтӀабазулъ рукӀуна жиндирго заманалъул гъалтӀалгиХалип:Стиль фразы.
-
17
Италиязул гӀакъилчи Кроче Бенедеттол рагӀабазда рекъон, «тӀолго тарих ккола жакъасеб тарихлъун».
-
18
Тарихияб гӀелмуялъ чӀезабула тарихалъул иналъул хӀакъикъияб битӀун бицин, жиблги лъугьабахъиназул бициналдалъунги, гьезул ритӀухъаб анализалдалъунги.
-
19
Нилъер заманалда тарих чӀезабула гӀелмиял институтазул къуваталдалъун.
-
20
Киналго лъугьабахъиназ, жалги наслабазул ракӀалда батӀи-батӀиял куцазда чӀолел, гӀуцӀула тарихиял хроникабазул хӀасил.
-
21
Гьеб къваригӀуна цебе букӀараб жо бахъун чӀезабизе бищун кӀвар бугел иццал ралагьезе.
-
22
Щибаб тарихияб архивалъул гӀуцӀи браб букӀуна дагьабги жамгӀияб архивалда, жинда жаниб цоги-цогиял хъвайхъвагӀабиги документалги.
-
23
Архивиял иццаздалъун гуребги, тарихчаӀаз хӀалтӀизарула монументазда ругел суратал ва хъвайхъвагӀай, кӀалзул биценал ва цогидал иццал, масала, археологиял.
-
24
Тарихиязда рачӀел иццал рихьизарулаго, археологиялъул цӀакъго кӀудияб мукагӀалъи букӀуна тарихияб гӀелмияб цӀех-рехалъе.
-
25
Лъугьабахъиназул нугӀзаз бицараб жо ритӀухъ гьабизе яги нахъчӀвазе гуребги, гьелъ рес кьола жиндир заманалъул нугӀзазул жиндие нугӀиялъе жо течӀел заманалъул бутӀабазул хӀакъалъулъ информация батизе.
-
26
Цо-цо ауктораз тарих риккӀкӀуна гуманитарияб гӀелмулъун, цогияз - жамгӀияб гӀелмулъун, а может и рассматриваться как область между гуманитарными и общественными науками.