Where a word actually gets used.
Every document below is a real text — folklore, news, radio, records. Open one to read it, or search across all of them for a word.
ТӀелекьа Этил ГӀали
-
1
ГьитӀинго дагьа-макъаб цӀалиги гьабун, балугълъуда гьесул вахъун вуго лъикӀав къадал устар.
-
2
Минаби разе росабалъе хьвадун, бетӀербахъи гьабулеб букӀун буго.
-
3
Гьесул букӀун буго цӀакь берцинаб, роцӀараб гьаракь-бакъан.
-
4
Жергъен кӀутӀун, кечӀ ахӀизе ГӀалилъе вахарав чи доб заманалъ магӀарухъ вукӀун гьечӀо.
-
5
Хадуб ГӀали машгьурлъун вуго пасихӀав поэт хӀисабалдаги.
-
6
Жеги шагӀирасул асаразул хасаб тӀехь бахъун гьечӀо.
-
7
Аваразул революциялда цебесеб адабияталда жаниб Этил ГӀалицаги хасаб бакӀ ккола.