Where a word actually gets used.
Every document below is a real text — folklore, news, radio, records. Open one to read it, or search across all of them for a word.
Ункъо ахлатӀ
-
1
Гьез тӀабигӀаталъул ункъго батӀияб хӀал: гьава, лъим, цӀа ва ракь хал гьабун гьелда релълъинарула инсанасул чорхолъ рукӀунел тӀабигӀатал .
-
2
Аварагас абуна: Аллагьас инсанасул чорхолъ лъун буго ункъго жо: лъим, хӀарщ, цӀа ва гьури.
-
3
Биялъулаб хилтӀ - жубай релълъинабун буго гьаваялда ва гьелда рекъон гьелъул тӀабигӀат бухӀараб ва биччараб буго.
-
4
Лимфа - балгъам - слизь, риччел - релълъинабун буго лъеда ва лъел гӀадаб биччараб ва цӀорораб тӀабигӀат буго.
-
5
Гьеб релълъинабун буго цӀаялда ва цӀаялъулго гӀадин бухӀи ва бакъвай гьелъул тӀабигӀат буго.
-
6
Савдаъ - чӀегӀераб ццималъул жубай.
-
7
Гьеб релълъинабун буго ракьалда.
-
8
Ракьалъул гӀадинаб цӀорораб ва бакъвараб тӀабигӀат буго.
-
9
Гьеб чӀолеб бакӀги чорхолъ къерчӀ буго.
-
10
Гьал ункъалго ахлатӀал щивав чиясулъ батӀа-батӀаго рукӀуна, ай киналго цадахъ гурел, щивасулъ цо хилтӀ - жубай букӀуна.
-
11
Гьездалъун буго инсанасул чорхол унтиги, гьелда рекъон гьабула гьесие даруги.
-
12
Гьел ахлатӀазул кинаб чорхолъ цӀикӀкӀун батаниги, гьелда рекъон букӀуна инсанасул мизадж .
-
13
Инсанасулъ гьел тӀабигӀиял темпераментал ращадго ккун рукӀунаро, цоясулъ бухӀи цӀикӀкӀуна, цоясулъ цӀорой биччи ва бакъвайгун цадахъ цӀикӀкӀуна.
-
14
Бидулаб - дамавияб мизаж буго.
-
15
Гьелъул тӀабигӀат бухӀи ва биччи гӀемерлъарав чиясулъ букӀунеб хасият буго.
-
16
Гьесде абула сангвиник.
-
17
Лимфа реччелалъулаб тӀабигӀат буго.
-
18
Гьевги чорхолъ риччел гӀемерав, цӀорой бугев, бухӀиги бакъвайги дагьав вуго.
-
19
Гьесде абула флегматик .
-
20
Сафравияб мизаж - ццималъулаб мизаж буго.
-
21
Гьебги жиндилъ бухӀи ва бакъвай бугеб тӀабигӀат буго, гьесулъ биччи цӀоройги дагьаб букӀуна.
-
22
Гьесде абула холерик .
-
23
Савдавияб - чӀегӀераб ццим - ракьулаб тӀабигӀат - цӀорой ва бакъвай.
-
24
Гьеб тӀабигӀат бугев чиясде абула меланхолик .
-
25
Гьоркьохъеб мизаж буго - гьел ункъго тӀабигӀатал жиндир чорхолъ дагь-дагьаб къадаралъ бугев .
-
26
Гьесул гӀаламат: пагьму бугев, киналго амрабазулъ гьоркьохъеб хӀалалда вукӀунев, тӀабигӀат лъикӀав вукӀуна.
-
27
Гьелда рекъон гьабула унтарасе даруги.
-
28
Щибаб чӀахӀ-хералъул, кванил нигӀматазулги букӀуна жиндиего хасаб тӀабигӀат.
-
29
Гьеб тӀабигӀаталъул халги гьабун дару малъизе лъазе ккола тохтурасда.
-
30
Масала: чорхолъ бухӀи цӀикӀкӀарав чиясе кьезе ккола цӀорораб тӀабигӀат бугел дараби, гӀаксалда бегьуларо, гьелъ къаркъала дагьабги бухӀизабула ва унти цӀикӀкӀинабула, ай гӀаксалда гьабула.
-
31
Риччел ва цӀороялдалъун ккараб унтуе бухӀараб ва бакъвараб тӀабигӀат бугеб дару, чӀахӀ-хер ва пихъ кьола гьелда релълъун.
-
32
Гьелда релълъун инсанасул чорхолъги руго ункъго ахлатӀал жубаял.
-
33
Гьеб тӀабигӀаталъул гӀадамазе хасиятаб буго чӀагоял, гӀемер рагъа-рачаризе бокьулел, рохарал, цо жоялде жал руссарал, пагьму гьоркьохъев, черх гӀебав, макьу дагьав.
-
34
Гьел рукӀуна гӀодор риччарал, хӀинцал, черх гӀебал, тӀатӀи гӀемерал, чорхолъ риччел гӀемерал, макьу гӀемерал, кӀухӀалал, пагьму бакӀал, вагъа-вачари дагьал, кӀочон тей гӀемерал.
-
35
Гьев вукӀуна хехав, хехго ццим бахъунев, цӀа гӀадав, цевехъанлъи бокьулев, бахӀарчияв, пагьму лебалав, черх хӀалакъав, макьу дагьав.
-
36
Гьесул тӀабигӀатал: черх тӀеренхалатав, кьер тӀогьилав, макьу дагьав, хӀалтӀи гӀемерав, пашманав, ихтилат-разилъи дагьав вукӀуна.
-
37
Инсанасулъ гьеб чӀолеб бакӀги - тӀул буго.
-
38
Инсанасулъ гьеб чӀолеб бакӀги гьуърул руго.
-
39
Гьеб чӀолеб бакӀги инсанасулъ ццим буго.
-
40
Гьединлъидал гӀалимзабаца бихьизабулеб буго щуго батӀияб тӀабигӀат-хасият .