Where a word actually gets used.
Every document below is a real text — folklore, news, radio, records. Open one to read it, or search across all of them for a word.
Ункъракь
-
1
Ункъракь - гьанжесел Дагъистаналъул , Чачаналъул ва Гуржиялъул ракьазда букӀараб тарихиябгун-географияб регион, Сариралъул ва Авар нуцаллъиялъул тарихияб бутӀа, росабазул жамагӀат.
-
2
Районалъул цогидал росабазда данде ккун гьезул хаслъи буго - гьел киналго росаби болмацӀалда кӀалъалел, ай жидерго цоги мацӀ гьечӀел рукӀин.
-
3
Макъалаялъул авторас бихьизабухъе, гьел росабазул хӀакъалъулъ цӀакъго дагьаб гурони материал газет-журналазда хъваларо .
-
4
Кинниги гьел росабазул тарих цӀалдолезда, хасго гьел росабазул гӀадамазда лъай мурадалда, СайгидахӀмад АхӀмаднабиевас батӀи-батӀиял тӀахьаздаса, архивазда ругел хӀужабаздаса, гӀурусалдаса буссинабун хъван буго гьаб макъала.
-
5
ЦӀакъго рикӀкӀад, цӀакъго борхалъуда букӀиналъ Ункъракьалъул жамагӀат чияда бачӀеблъун ва жибго жинда чӀараблъун букӀана.
-
6
Борхалъуда Аллагьасда гӀагарда рукӀиналъ батилин гьез Ислам жидерго гӀумруялъул къанунлъун бищарабилан хъван буго добго журналалда.
-
7
ХӀакъикъаталдаги гьел росабазул гӀадамал церего рукӀана шаригӀатги тӀарикъатги лъикӀ лъалел, гьелъул тӀалабалги кколеб куцалъ тӀуралеллъун, гьанжеги руго.
-
8
Гьеб соналъ, Къедиги Гьакъоги рукӀарал нуцалзаби тӀагӀинаридал, танила гьенив Шамилица наиблъун Сасикьа Хатил МухӀамад.
-
9
Гьесул 150 рекӀаравги 320 лъелавги мурид вукӀанин хъван буго церегосел тӀахьазда.
-
10
Ункъракьалъул росабиги цоги бакӀалдаса рачӀун чӀарал магӀарулаздасан лъугьарал руго.
-
11
Гьезул гӀорхъаби: бакъбаккудасан хъвар щалгун ва тӀиндалгун, югалъул бакъбакку дасан гуржиялгун ва цӀунтӀалгун, югалдасан ва югалъул бакътӀерхьудасан гуржиялгун, севералдасан чачаналгун ва севералъул бакъ баккудасан чӀамалазулгун руго.
-
12
Гьездаго гъорлъ руго батӀияб миллаталъул лъугьарал тухумалги.
-
13
Масала: Цихалахъ росу Чачаналдаса бид виххун Цихалди росулъа вачӀарав чияс ккураб бугин абула.
-
14
Тахшагьар - Къеди.
-
15
Ункъракьалда гьоркьоре уна ЦӀумада мухъалъул Къеди, Силди, Гьакъоб, Гъоркьхъваршини, ТӀаса Хъваршини, Сасикь, Метрада, Цихалахъ ва Хушати росаби.
-
16
Гьенирги цо-цо цоцазде дандекколарел бакӀалги руго, рукӀаниги хӀакъикъат лъаялъе мунпагӀат букӀинин гьел рахъулел руго.
-
17
«Ункъракь - цӀакъ борхалъуда буго, гьелдасан тӀадегӀан Аллагь вуго» - ян хъван буго «Кавказ» журналалда 1849 сонадда.