Real Texts

Where a word actually gets used.

Every document below is a real text — folklore, news, radio, records. Open one to read it, or search across all of them for a word.

Хадижа бинт Хувайлид

Wikipedia · 8 lines · added 21 Jul
Author
Unknown
Genre
Unknown
Language
Avar
Tags
None
Grammar tags
95.2%
  1. 1
    Гьей йикӀана бечедай къоролайлъун , борхатаб лагаялъул, гӀакъилай, хъахӀаб кьералъул, кутакалда берцинай, беркъай гьечӀей гӀадан.
  2. 2
    Авараггун дандечӀвазегӀан гьелъ тӀокӀав бихьинчи къабул гьавичӀо.
  3. 3
    Гьелъул букӀана мукъсанлъи гьечӀеб хасият.
  4. 4
    Абу Гьалада цеве гьелъул рослъун вукӀана ГӀатикъ ибн ГӀабид ва гьесиеги гьаруна васги ясги, ГӀабдуллагь ва Жария.
  5. 5
    Жиндаса Аллагь разилъаялъ кидаго квер чӀвалаан гӀагарлъиялда, кумек гьабулаан мискиназе, ва хъизан ячине ресалда гьечӀезе гьелъие квер бакъулаан.
  6. 6
    Гьей гьарун гӀемерал жодор къадру-къимат бугел, тӀубараб ГӀарабазул бащадабчӀинкӀиллъиялдаго цӀар тӀобитӀарал бечедал гӀадамал рачӀун рукӀана, амма гьелъ киназего инкар гьабуна.
  7. 7
    Гьей хваралдаса хадуб, аварагасул цонигияй лъадиялда кӀвечӀо гьелъ ккураб бакӀ аварагасул рекӀелъ кквезе.
  8. 8
    «Жиндир заманаялда гьаб дунялалда бищун цӀакъай гӀадан йикӀана ГӀимранил яс Марйам, гьаб умматалъул бищун цӀакъай гӀадан йиго Хадижа» Авараггун данде чӀвалалда цебесеб гӀумру Аварагасе лъадилъун иналда цее Хадижа йикӀана Бану Усайд тухумалдаса Абу Гьала ибну Маликил лъадилъун, гьесие гьавуна вас Гьинд ибну Абу Гьала ва яс Зайнаб бинт Абу Гьала.