Real Texts

Where a word actually gets used.

Every document below is a real text — folklore, news, radio, records. Open one to read it, or search across all of them for a word.

Халкъалдагьоркьосеб аэропорт Ататюрк

Wikipedia · 12 lines · added 21 Jul
Author
Unknown
Genre
Unknown
Language
Avar
Tags
None
Grammar tags
93.8%
  1. 1
    Аэропорталда буго кӀиго терминал: халкъалдагьоркьосеб ва жанисеб рейсазул.
  2. 2
    Халкаъалдагьоркьосел рейсазул терминал бана 2001 соналъ, жанисел рейсазулаб бана 1970-ел сс.
  3. 3
    Халкъалдагьоркьосеб ва жанисеб рейсазул терминалал цоцада хурхинарун руго ракьуда гъоркьан гьарурал нухаз.
  4. 4
    Гьелдаса батӀиябги, аэропорталдаса 5-мильалъул радиусалда руго дунялалдаго рикӀкӀунел гостиницабазул сеталъул гостиницаби - Radisson SAS, Marriott International, Holiday Inn, Four Seasons ва Sheraton.
  5. 5
    Гьеб уна шагьаралъул европаялъул бутӀаялъул цо чанго чӀахӀи-чахӀиял районаздасан; шагьараздагьоркьосеб автобусазул вокзалги гъорлъе бачун.
  6. 6
    Гьеб буго Истамбулалъул Европаялъул рахъалда.
  7. 7
    2012 соналъ гьенисан яги гьенире роржаразул къадар бахана 45 млн чиясде (Европалда 6 бакӀ ва дунялалдаго 20 бакӀ).
  8. 8
    СултӀанахӀмет абураб тарихияб байданалдаса 24 км.
  9. 9
    рикӀкӀад ккола, Мармар ралъдал рагӀалда.
  10. 10
    1980 соналдасан байбихьун аэропорталъе кьуна МустӀафа Кемаль Ататюркил цӀар - ГӀусманияб халифат биххизабизе квер бакъарав ва гьеб биххун хадуб Европалъул пачалихъаз гӀуцӀцӀараб, гӀилманияб Турция республикалъул тӀоцевесв президент.
  11. 11
    Аэропорталъул территориялда буго Turkish Airlines авиакомпаниялъул бетӀераб офис.
  12. 12
    Транспорталъул хурхен Аэропорт рекӀинабун буго Аксарай районгун метроялъ.