Where a word actually gets used.
Every document below is a real text — folklore, news, radio, records. Open one to read it, or search across all of them for a word.
Хириясул ГӀалибек
-
1
Гьесул эмен Хириясулав ва кӀудияв эмен Чупан рукӀана КӀудияв ГӀумаханил ханлъиялъул заманалда Аваристаналъул аскаразул церехъабилъун.
-
2
Рагъ хӀалуцинегӀан ГӀалибег хӀалтӀулев вукӀана ГӀочӀло росдал къадилъун, хадув гьев тӀамуна Рихьуни росдал къадилъун.
-
3
ГӀалибек тун вукӀана Сурхайил си цӀуние.
-
4
Гьеб букӀана рагъулъ аслияб щулалъи, щай абуни гьеб букӀана бищун борхатаб бакӀалда.
-
5
МагӀарулаз гьезул кьаби нахъчӀвана, гӀурус боял нахъе къана ва байбихьана сиялде гӀарадабазул гулла базе.
-
6
Гьениб гуллица ГӀалибегил гъеж тӀезабуна, амма, гьелъухъ балагьичӀого, гьев вагъулев вукӀана.
-
7
ГӀалибек щварал ругънадасан хола 5 июлалъ, кӀиго къоялдасан бахъула Сурхайил си, гьеб цунун рукӀаралщинал топханадул гуллида гъоркь хун хадуб.
-
8
Гьеб щулалъи бахъиялъ тӀолго рагъалъул ахир баян гьабула, жеги лъабгогӀанасеб моцӀидасан АхӀулгохӀги бахъула .
-
9
Хириясул ГӀалибег - аваразул рагъул цевехъан, Имам Шамилил наиб ва гьесдаса цере рукӀарал кӀиявго имамасул цадахъчи, Аваристаналъул наиб.
-
10
Лъимерлъи ва гӀолохъанлъи ГӀалибек гьавуна 1805 соналъ рагъухъабазул хъизаналда, Аваристаналъул тахшагьаралда.
-
11
Гьелъ, АхӀулгохӀ цӀунулезда кӀолеб букӀана гӀурусазул аскарал ругелщинал бакӀазде тӀаде гулла базе.
-
12
29 июналъ, сагӀат ичӀгоялда, Апшерон ва Кураялъул полказул батальонал лъабабго рахъалъ тӀаде къана ва байбихьана си бахъизе.