Where a word actually gets used.
Every document below is a real text — folklore, news, radio, records. Open one to read it, or search across all of them for a word.
Хунзахъа КӀудияв ХӀажи
-
1
Хунзахъа Ражабил ГӀумарил вас Ражаб-хӀажи гьавуна гӀага-шагарго 1872 соналъ ГӀалимчулал абулеб тухумалда.
-
2
ГӀалимчулалин гьесул тухумалда абиялъе гӀилла ккола Абумуслим-шайих вачӀаравго, гьес бачӀараб гӀелмуги тӀахьалги цӀалун, гӀелму босарал гӀемерал гӀалимзаби гьесул тухумалъул рукӀин.
-
3
Эмен хун хутӀарав гьитӀинав ХӀажи, гӀелмуги умумуздасан бачӀараб рухӀияб бечелъиги щвечӀого хӀутӀилин хӀинкъун, эбел ГӀумарил ГӀаишатица гьитӀинго гӀелмуялъул нухде вуссинавун вуго.
-
4
Анлъго сон барав вас эбелалъ витӀула умумузул кьолбол гьобол ГӀумар абун кӀудияв гӀалимчиясухъе цӀализе БуцӀраве.
-
5
ХӀажи вукӀун вуго инсул рахъалъан 15-абилев гӀалимчи.
-
6
Гьесул эмен хехго хун вуго.
-
7
Гьесул рукӀана кӀиго васги кӀиго ясги: МухӀаммад, Гъайирбег, Хадижат, ПатӀимат.
-
8
Гьесул умумуздасан рачӀарал тӀахьазда хъвараб тарихалдасан буго гьадинаб хъвайхъвагӀай: «Дагъистаналде ислам бачӀинелде цебе, нижер кӀудияв эмен, жиндир зара бацӀцӀадав, кафураб заманалда гьезул гӀалим ватана.
-
9
Абумуслим вачӀана, ислам къабул гьабуна.
-
10
ТӀоцебе иманги лъун гьев жаниве вачана жиндиралда цун рукъзал кьуна, масжид бана.
-
11
Абумуслимида цадахъ йикӀарай гьесул яц жиндирго васасе чӀужулъун ячана.
-
12
Биги гьанги жубана Абумуслимил тайпаялъул, гьесул нухда хьвадулел умумул нижер лъугьана.
-
13
АнцӀила щуго гӀалим наслуялда вахъана, щунусиялде гӀагарун тӀахьал гьезул ратана.
-
14
Гьезул щибав гӀелмуялде гурони валагьичӀо, гӀелму тун хьвадаразул магӀишатги билълъинчӀо.
-
15
Мисриялде, Шамалде ун гӀелму тӀалаб гьабуна, гьениса тӀахьал росун тадрис гьабун цӀалана.