Where a word actually gets used.
Every document below is a real text — folklore, news, radio, records. Open one to read it, or search across all of them for a word.
Хурасан-Резави
-
1
Шималалдаса ва шималгун-бакъбаккул рахъалдаса мадугьаллъуда буго Туркменистан, шималиябгун-бакътӀерхьул рахъалда Шималияб Хурасан, бакътӀерхьуда Семнан остан, жунубалъул рахъалдаса Жунубияб Хурасан ва бакъбаккул рахъалдаса гӀорхъи уна Афгъанистангун.
-
2
Машгьадалда буго «Мешхед Урбан Рейлвэй Корп» маххулнухлул оператор, «Табан Эйр» авиакомпания; чӀахӀиял предприятияздасан ккола - «Прома Хипермаркет», «Киан Сентр» и «Альмас-э-Шаргх» бича-хисиялъул марказал.
-
3
Хьвадул туризм цебетӀун буго.
-
4
Хурасаналъул лъаблго останалда буго 1179 тарихияб ва маданияб кӀвар бугеб бакӀ.
-
5
Нишапур шагьаралда руго ГӀатӀтӀарил ва Махрукил зияратал, ГӀумар Хайямил ва Камал-ул Мулкил хобал.
-
6
Административияб марказ - Машгьад - халкълъул къадар ва ракьалъул гӀеблъи малъун Ираналъул кӀиабилеб шагьар.
-
7
Хурасан-Резави остан буго Ираналъул шималгун-бакъбаккул рахъалда.
-
8
ЦӀцӀикӀарасел - парсал, гьединго руго туркменал, курдал, тюрк гочардулеб миллат афшарал, балучал, гӀарабал ва пуштӀунал.
-
9
Экономика Аслиял экономикаялъул отраслал - росдалаб магӀишат , кванил, къохьол, текстилияб, металлургияб, автомобилияб, электротехникияб, нартгун-химикияб промышленностал, энергетика, бича-хиси, транспорт, нарт ва газ бахъи.
-
10
Туризм Провинциялда руго гӀемер тарихиял ва тӀабигӀатиял бакӀал .