ХъахӀабросо
Explore the content and search within this document
Document Information
Source:
Wikipedia
Author:
Unknown
Date:
Unknown
Genre:
Unknown
Language:
Avar
Tags:
None
Added:
Jul 21, 2025 12:59
POS-tagging Coverage:
94.3%
(Jun 13, 2026)
Search within this document
All Sentences (95)
95 sentences
2
ID: 91570
Жидерго росдада гьединаб цӀар лъеялъул хӀакъалъулъ хъахӀабросдерица бицала гьадинаб къиса.
6
ID: 91574
Хадуб гьениб гӀагардехун рукӀарал Щулалъул гохӀ абулеб росулъа гӀадамалги гочун, рачӀун гьез гьениб жидеего росу барабила.
8
ID: 91576
ТӀоцебе росу ккураб заманги гьелъие кьучӀ тӀамурал гӀадамалги лъазе кӀолеб гьечӀо.
9
ID: 91577
Амма росулъ ратулел археологиялъулал лъалкӀаз бицуна росу цӀакъго некӀсияб заманалда ккураб букӀин.
11
ID: 91579
Унго-унголъунги тӀаде кӀанцӀулездаса цӀунизе щулалъаби ругеб бакӀ букӀун буго гьеб, гьабсагӀаталдаги гьеб гьединаб буго.
12
ID: 91580
ТӀабигӀат берцинаб расалъиялда гӀумру гьабулезул цебегоялдаса нахъего аслияб магӀишат гӀи-боцӀухъанлъи ва хурухъанлъи букӀана.
13
ID: 91581
Доб заманаялда гьезул рукӀа-рахъин ва культура цӀакъго нахъе ккараб букӀун буго.
14
ID: 91582
Жиндир кутакал рагъал ккечӀониги ва бодулъ цӀар тӀибитӀарал гӀадамал жаниса рахъинчӀониги Кавказалъул рагъул соназда цо рахъалда хутӀичӀо ХъахӀабросуги.
15
ID: 91583
Дагъистаналъул цогидал росабазулго гӀадаб рагъулги кьалулги махӀ бахъараб букӀана гьеб росдалги къисмат.
16
ID: 91584
Амма доб заманалъул хъвай-хъвагӀаязда, гӀелмиял хӀалтӀабазулъ, ракӀалде щвеязулъ ХъахӀабросдалги цӀар батулеб букӀинчӀо.
22
ID: 91590
Амма ХъахӀабросдерил гӀадамаз гӀахьаллъи гьабуна 1914 соналда букӀараб ТӀоцебесеб дунялалъулаб рагъда.
23
ID: 91591
ГӀурус пачаяс армиялда хъулухъ гьабулезе цӀикӀкӀараб гӀарац кьолеб бугиланги рагӀун, гьенире Россия цӀунун рагъизе ун руго ГӀабдулвахӀид, ХӀанза, ИсхӀакъ абулел гӀадамал, гьезда цадахъго поэт МахӀмудги.
24
ID: 91592
Армиялда хъулухъ гьабулел соназда хъварал ругин абулеб бугелъулха МахӀмудица «Почтовой кагътиде керенги чучун», «Марям» гӀадал гӀатӀидго магӀарулазда гьоркьор машгьурал асарал.
25
ID: 91593
ХъахӀабросдерица бицуна пачаясул армиялда хъулухъ гьабунилан къавулъ батӀияб хис-бас ккечӀин гьезул абун.
26
ID: 91594
Совет власталъе гӀоло къеркьолел соназда ва къватӀисел улкабазул интервентазде данде рагъ гьабулеб заманалда хъахӀабросдерил гӀадамазги щулаго рахъ ккун букӀана большевиказул.
27
ID: 91595
Гьеб заманалда МахӀач Дахадаевасул отрядалда гьоркьор рагъулел рукӀана багӀарал партизанал ХӀасанханов Ражаб, ХӀажиев ГӀалихӀажи, ХӀусейнов ГӀабдула ва МахӀмудги.
29
ID: 91597
Гьев МахӀачил тӀадкъаял тӀуразарулаго цо нухалъ ХӀоцоса Нажмудинил бандаз ккунгицин вукӀана.
31
ID: 91599
ХъахӀабросдал тарихалда бакӀ ккола ва гьеб бечед гьабула магӀарулазул цӀар рагӀарав поэт МахӀмудил творчествоялъ.
32
ID: 91600
МахӀмудил кучӀдул лъала ва рокьула гӀицӀго магӀарулазе гуребги Дагъистаналъул цогидал миллатазеги.
33
ID: 91601
ГӀурусазул кӀудияв гӀалимчи профессор Жирковас гьадин хъвалеб буго МахӀмудил ХӀакъалъулъ: «ГӀурус поэзиялда жаниб Пушкиница кинаб бакӀ кколеб букӀараб батаниги, гьединаб бакӀ ккола Дагъистаналъул поэзиялда жаниб МахӀмудицаги», - абун.
35
ID: 91604
МахӀмудил кучӀдул гӀурус мацӀалда руссинарун къватӀире риччана Э. МахӀмудил творчествоялда аслияб бакӀ ккола лирикаялъ, дол соназдаго гьес тӀадегӀанаб къимат кьун кӀодо гьаюлей йикӀана магӀарул чӀужугӀадан.
36
ID: 91607
БичӀчӀулеб жо, сверухъ кколел ругел лъугьа-бахъиназги поэтасе асар гьабичӀого толароан.
37
ID: 91608
Дагъистаналъул мугӀрузда гьес хъвана «Гьаб бурангун лъугьа, дунял лъухъазе» абураб кечӀ.
38
ID: 91609
Гьениб МахӀмудица магӀарулал ахӀулел рукӀана бечедазде данде жидерго талихӀаб ва эркенаб гӀумроялъе гӀоло къеркьезе.
40
ID: 91611
Росулъ гьесие лъун буго памятник, хабада абуни зонода къвалги бан, чӀарай магӀарулалъул образалда скульптор А. Сариджаца гьабураб зани, жидерго колхозалда лъун буго гьесул цӀар, зама-заманалда ХъахӀабросулъ тӀоритӀула МахӀмудил къоял.
42
ID: 91614
Гьенив тӀоцевесев учительлъун хӀалтӀулев вукӀана ХӀариколоса Сулейманов Наби.
44
ID: 91617
Абизе бегьула дол соназда гьезул букӀарабгӀанасеб бечелъи жакъа ХъахӀабросдерил щивасул азбаралда батулин.
45
ID: 91618
Амма дагь-дагьккун сонал анагӀан цебетӀей лъугьана колхозалда, киналго гьелда сверухъ гъункана ва гъеж гурун хӀалтӀана производство щула гьабизелъун.
48
ID: 91621
Масала: гьединавлъун вукӀана 1937 соналда ДАССралъул Верховный Советалде районалдасан тӀоцевесев депутатлъун вищун вукӀарав Зубаиров Муса, Ленинил орден босарай ва гӀемерал соназ гӀачиязе хъулухъ гьабун фермаялда хӀалтӀарай доярка Лабазанова Зугьра ва гӀемерал цогидалги.
49
ID: 91622
Жакъасеб гьаб захӀматияб ахӀвал-хӀалалдаги колхозчагӀаз жидерго коллективияб магӀишат цӀунун буго ва ракьалъеги гӀи-боцӀиялъеги хъулухъ гьабула киналго цадахъ рахъун.
51
ID: 91625
Гьесул бахӀарчиялъе нугӀлъи гьабулел чанго орденги ва медалги рукӀана гьесул.
52
ID: 91626
Тушманасда тӀад бергьенлъиги босун росулъе тӀад руссана Ражабов Лабазан, ГӀалиев ГӀумар, ГӀабдулаев ХӀасан гӀадал рагъухъаби.
53
ID: 91628
Гьез кьуна гӀарацги, хинаб ретӀел-хьитги, росдал магӀишаталъул продуктабиги, гьел ана оборонаялъул щулалъаби гьаризе республикаялъул батӀи-батӀиял бакӀазде хӀалтӀизе.
54
ID: 91629
Улкаялъ рагъуца лъурал ругънал сах гьарулел соназда хъахӀабросдерицаги хӀаракатаб хӀалтӀи гьабуна жидерго росу гӀуцӀиялъе, росдал гӀадамал кинабго рахъалъ хьараллъун рукӀинариялъе, рукӀарахъиналъул культура берцин гьабиялъе.
55
ID: 91630
Общественнияб производствоялъулаб гӀуцӀарухъанлъиялда хъахӀабросдерица церехун галаби тӀамуна.
56
ID: 91631
ГӀемерал соназ росдаеги ва росдал магӀишат цебетӀеялъеги бетӀерлъи гьабуна Дадаев ДарбишмухӀамад, Сулейманов МухӀамад, Лабазанов ГӀабдула гӀадал гӀуцӀарихъанлъиялъул ишалъе гьунарги махшелги бугел гьалмагъзабаз.
57
ID: 91632
Ункъоабилел соназда МахӀмудил цӀар лъураб колхоз республикаялъул церетӀурал магӀишатазул кьерда чӀезабун букӀана гьелъул председатель ХӀажиева Разиятица.
58
ID: 91634
Гьанже ХъахӀабросдерил жидерго руго гӀалимзабиги, республикаялъул батӀи-батӀиял бакӀазда хӀалтӀулел махщел бугел специалисталги.
59
ID: 91635
Дагъистаналъул медицинаялъул институталда кӀудияв преподовательлъун вуго гӀелмабазул кандидат ГӀалискандиев ГӀабдурахӀман.
61
ID: 91637
Амма магӀарулазда гьев лъала МахӀмудил творчествоялъул хӀасратав пропагандист хӀисабалда.
63
ID: 91639
Гьесул битӀахъегояб жигаралдалъун къватӀире риччана МахӀмудил кучӀдузул ва гьев лъалезул ракӀалде щвеязул тӀахьал, кибего рагӀизабун кӀодо гьабуна ХъахӀабросулъа МахӀмуд гьавуралдаса 120 сон тӀубай, росулъ цӀи гьабуна поэтасул музей.
64
ID: 91640
ХъахӀабросдерил бицунеб бугелъул, бицен гьабизе ккола гьелда цун аскӀобехун бугеб Бекьилъ росдалги.
67
ID: 91644
Зама-заманалда ХъахӀабросулъе - МахӀмудил ВатӀаналде щварал гьалбал щвезе уна Муил хабадеги.
68
ID: 91645
Лъабкъоабилел соназул ахиралда чӀаго вукӀана Муил гӀагарав чи Бекьилъа Албуриев ИсупхӀажияв.
69
ID: 91646
ГӀумруялъул ригь арав чи вукӀаниги ИсупхӀажияв вукӀана МахӀмудил творчествоги бокьулев, хӀал кӀун гӀадамазда гьоркьор гьесул кучӀдулги тӀоритӀизарулев ва гьел кучӀдул жиндицагоги ахӀулев чи.
71
ID: 91648
Гьес абулаан жиндир заманалда рукӀарал чагӀи МахӀмудги Муиги рукӀаралани, жинца гьей Муи къан ккун гъежгун МахӀмудие кьелаанилан.
72
ID: 91649
Цо нухалъ гьалбалгун цадахъ Бекьилъе щвараб мехалда ИсупхӀажияв вукӀана нижеда цадахъ бекьдерил хабалалъе Муил хоб бихьизабизе вилълъунев чи.
73
ID: 91652
ИсупхӀажияс абуна бекьдерие гьабсагӀаталдаги бокьуларила МахӀмутӀилги Муилги гьоркьоблъиялъул бицине абун.
75
ID: 91655
Дов поэтаста лъалеб гьечӀоан Бекьилъа МахӀмутӀил йокьулей ХӀасанова Муи 1917 соналда хварайлъи.
78
ID: 91658
Гьедин абиялъе гӀилла букӀун буго ХӀасан гьанжесеб Гъуниб районалъул Кудали росулъ гӀараб гӀелмуялъе цӀалулев вукӀин.
79
ID: 91659
ХъахӀабросулъ вуго гӀемерал соназ жив росдал культура-лъай кьеялъул учреждениябазда хӀалтӀарав, гьанже хӀалхьуда вугев, ГӀисаев МухӀамад.
80
ID: 91660
Гьес гӀемераб хӀалтӀи гьабуна росулъ ва районалда культура - лъай кьеялъул хӀалтӀи цебетӀезабиялъе.
85
ID: 180799
МахӀмудил хӀасраталда рокьи ккарай Муил ватӀанин аби гуреб, гьеб росдал хӀакъалъулъ нахъе цӀунараб тарих гьечӀо, жакъа гьениб цо чанго мина гуреб хутӀунги гьечӀо.
86
ID: 180800
гьеб росу цӀунун хутӀунгутӀиялъе аслияб гӀиллалъун ккола 1944 соналда бекь Чачаналде хӀалалъ гочинари.
87
ID: 180801
1956 соналда Чачаналдаса нахъе рачӀунаго гьел умумузул некӀсияб бакӀалдеги тӀад руссинчӀого Хасавюрт шагьаралда чӀана ва жакъаги гьентр руго.
88
ID: 180810
Нижеда цадахъ гьениве унилан бекьдерил руччабаз гьесде рикӀкӀунареб чӀегӀераб-хъахӀаб жо толеб букӀинчӀо.
89
ID: 180811
«Кин мун, яцалъул вас, нечоларев МахӀмутӀил чукъа-рахханги бачун Муил хабатӀе ине» абулеб букӀана гьез.
91
ID: 180813
«ХвезегӀан МахӀмутӀицаги течин, хабалалъ хӀалхьи нужецаги тоге гьелъие» абулеб букӀана бекьдерил руччабаз нижедеги семулаго.
92
ID: 180815
Нижгун цадахъ сапаралда вукӀарав магӀарулазул цо цевегосев поэтас ИсупхӀажиясда щибго ургъичӀого абуна МахӀмуд чӀвараб мехалда Муица гьабураб магӀуцин гьечӀодайин хутӀун абун.
93
ID: 180816
«Бекьилъ гӀадат гьечӀо чӀагояз хваразухъ гурони, хвараз чӀагоязухъ магӀу гьабулеб» - ян абуна ИсупхӀажияс.
94
ID: 180826
Дагъистаналъул культпросвет училище лъугӀарай яс Кавсарат хӀалтӀулей йиго росдал библиотекаялда, вас МухӀамадрасул абуни культураялъулгун рекӀелгъей гӀуцӀиялъул централда заведуюшийлъун.