Where a word actually gets used.
Every document below is a real text — folklore, news, radio, records. Open one to read it, or search across all of them for a word.
Хъваршиса Загъалав
-
1
Гьенив цӀалулаго чӀужу ячине заман щвараб мехалъ гӀагарлъиялъ гьесда ригьин гьабизе инсул росулъе тӀадвуссаян абулеб букӀун буго, амма гьев разилъун гьечӀо.
-
2
Гьенисаго чӀужу ячараб къагӀида, гьесие кватӀичӀого гьавун вуго вас, гьесда цӀарги лъун буго Загъаян абун.
-
3
Хъварши росулъ вукӀун вуго жиндир ресги гӀадамазда гьоркьоб къимат-къадруги, бугев цо чи.
-
4
Гьесул йикӀун йиго росулъго цӀар арай цӀакъ берцинай яс.
-
5
Росдал ругел гӀолохъабазул рокьи ккун букӀун буго гьей ясалъухъ ва кьеян гьаризе гӀемер чагӀи рачӀунаанила гьелъул инсухъе.
-
6
Загъаласул инсуцаги ритӀун рукӀун руго гьей кьеян гьаризе гӀадамал.
-
7
Кьеян гьарун рачӀаразда гьес абун буго гуржиялъеги ун давлаги босун вачӀарасе кьелилан.
-
8
Загъаца чабхъен гьабун буго Гуржиялъе ва гьениса давла гуребги цо бечедав чиясул жеги балугълъичӀей ясги хъамун йиго.
-
9
Росулъе тӀадвуссарав Загъаца цоги нухалъ ритӀун руго гӀадамал дой яс гьаризе, гьелъул инсуца жиндирго рагӀи ккун буго.
-
10
ЧӀужу ячун хадуйги, Загьаца дой Гуржиялъа жинцаго хъамун ячӀарай яс рокъой хьихьулей йикӀун йиго.
-
11
Гьелъ жиндиего бокьун босула ислам.
-
12
Берцинаб гӀамалалъул, иман бугей яс йикӀун йиго гьей.
-
13
Цо заманалдаса гьелъул эбел-инсуда лъан буго гьей гьений йигеблъи.
-
14
Гьелъухъ гьез кьолеб букӀун буго кколеб мухь ва нахъе ячӀаян гьарун буго гьелда.
-
15
Амма яс разилъуларо, динги лъан гьей гьел гӀадамазда гьоркьой ругьунлъун йикӀуна.
-
16
Балугьлъараб мехалъ Загъаца жиидиего кӀиабилей чӀужулъул ячуна бусурманлъарай гуржияй.
-
17
Гьелъ гьесие гьавула вас ва гьесда лъола КъурбангӀалиян кӀудияв инсул цӀар.
-
18
Гуржияй эбелалъ какиги чурун гурони Загъаласда керен хахизабелеб букӀун гьечӀо.
-
19
Гьединай иман бугей гӀадан йикӀун йиго гьей.
-
20
Халкъалда гьоркьоса дагьал чагӀазда гурони лъалароан Загъаласул хӀакъикъияб цӀар КъурбангӀали бугеблъи.
-
21
Загъаласул йикӀун йиго кӀиго яцги, амма херал чагӀазда гьезул цӀарал ракӀалде щвечӀо.
-
22
Гьесие цӀализе цӀакъ захӀмалъулсб букӀун буго, хадуб гьес хӀукму гьабун буго цӀалиги рехун тун инсул рокъове вуссине.
-
23
Жиндирго гьалмагъзабазе къо-лъикӀги гьабун, кигӀан гьезие бокьичӀониги, гьес Хъварши росулъе сапар бухьун буго.
-
24
Рокъове вачӀунаго, кигӀан заман гьес нухда бахъарабали лъаларо, гьев щун вуго Сасикьдерил кьода гӀагарлъухъ бугеб "ЗакӀикь" абулеб нохъоде ва сордо базе гьенив рештӀун вуго.
-
25
Гьеб нохъода букӀун буго лъим тӀинкӀулеб бакӀ.
-
26
Загъалас гьениб гьитӀинабго гвенд гьабун буго.
-
27
Хадув, гӀодов кӀусун вукӀарав гьев кьижун ккун вуго ва ворчӀилалде доб гвенд лъадал цӀун батун буго.
-
28
Гьеб мехалъ гьесда ракӀаде ккун буго гьаб гьадигӀин дагьго тӀинкӀулеб лъадал къатӀраялъ гӀемер заман иналде гвенд цӀун бугин, щибаб къоялъ цо-цо рагӀи лъазабуни, ункънусгогӀанасеб рагӀи лъазехъин бугин жиндаги цо соналдасайин абун.
-
29
Гьеб пикруги ботӀролъе бачӀун Загъалас нигат гьабун буго нахъвуссине.
-
30
Гьениса эбел-инсухъеги щвечӀого цӀализе тӀадвуссун вуго.
-
31
Амма мухӀканго лъала гьев ГъазимухӀамадидаги Шамилидаги цадахъ ГьаракӀуниса машгьурав гӀалимчи ва мударис СагӀид-афандихъ "жамигӀул жавамигӀ" цӀалулев вукӀараблъи.
-
32
Гьелъул хӀакъалъулъ хъван буго Гьигьалъ росулъа Агъвалив вукъун вугев гӀалим ХӀусайнияв МухӀамадица.
-
33
ЦӀумадисезул херал чагӀаз бицуна ГьаракӀунир цадахъ цӀалулаго Загъаласулгун Шамилил тунка-гӀуси камулеб букӀун гьечӀилан.
-
34
Щайгурелъул Шамил вукӀун вуго сундулго рахъалъ жиндаса бергьине цониги мутагӀил виччаларев вас.
-
35
Загъалав гьесдаса гӀемер кӀудиявги вукӀун вуго.
-
36
Цо нухалъ Шамилица цадахъ цӀалулел мутагӀилзабазе кьун буго цо суал, нужеда лъараб мехалъ жиндие жаваб кьеянги абун.
-
37
Цояс гьебсагӀатго абун буго жинда лъалин абун ва битӀараб жаваб кьун буго.
-
38
Цадахъ цӀалулезул гьедигӀаи лъай гьечӀеблъиги гьалев Шамилида бичӀчӀун буго гьеб жаваб дов мутагӀиласда Загъалас бицараблъи.
-
39
Гьеб бицараб щайилан Загъаласе бадибчӀвай гьабун буго Шамилица ва гьесие рахӀат толеб букӀун гьечӀо.
-
40
Гьесул гъалмагъир чӀалгӀарав Загъалас хӀукму гьабула цӀалиги рехун тун, жиндирго гӀагараб росулъе вуссине.
-
41
Мадрасаялда жанире мутагӀилзаби руссараб мехалъ, Шамилида Загъалав гьенив вихьун гьечӀо.
-
42
Гьес гьикъун буго гьалмагъзабазда гьев кив вугевилан.
-
43
Гьез бицун буго гьев вихьичӀого гӀемер заман бугин абун.
-
44
Гьеб иш жиндирго мугӀалимасда лъалилан намуслъарав Шамилица хӀукму гьабула гьесда хадув вахъине.
-
45
Дида бицухъе, Шамил Загъаласда хадув гъун вуго "ТӀалукъоно" магӀарда.
-
46
Гьениб Шамилица абун буго щай мун лъутулеван?
-
47
Гьелдаса нахъе гьел цоцазе хиралъизеги хиралъанила.
-
48
ГьаракӀуниб Загъалас цогидал мутагӀилзабаздаса цебе лъугӀизабун буго цӀали.
-
49
Загъалавдибирасухъ ун лъикӀин абун буго СагӀид-афандица.
-
50
Гьес ячуна Узданай абулей яс.
-
51
ТӀалхӀат вукӀуна эменго гӀадинав гӀараб цӀаларав гӀалимги гӀадамазда гьоркьоб рагӀи билълъарав чиги.
-
52
Шамилил рагъазул ва гьелда хадуб лъугьараб восстаниялъул тарих хъварав, бергьарав гӀалимчи Ангъидаса Халил-афаядияс хӀежалдаса ТӀалхӀатихъе хъвараб зигараялъул кагътидасан нилъеда лъала гьев ГӀанди вилаяталда гӀурусаз наиблъун тун вукӀин.
-
53
ТӀалхӀатил вукӀана ичӀго вас.
-
54
Бищун кӀудияв ГерейханхӀажияв гӀемер заманаялъ Болъихъ дибирлъунги вукгӀун вуго.
-
55
Загъалав шайихасул кӀиабилей чӀужу йикӀана Гьаквариса.
-
56
Гьелъ гъесие гьаюла яс.
-
57
Гьеб мадрасалда гьесухъ цӀалулел рукӀун руго батӀи-батӀиял росабалъа 150 мутагӀил.
-
58
Гьесул гьелгощинал мутагӀилзабазда гьоркьоса бищун цӀар аравлъун лъугьана Гьигьалъа ИмаммухӀамад.
-
59
Ахираб заманалда Аргъваниса Шамхалги гьевги тӀамун рукӀун руго Шамилил наибзабилъун.
-
60
Дагъистан гӀурусаз кверде босараб мехалъ гьев хӀалтӀула Болъихъ ва Бакълъухъ участкабазул наиблъун.
-
61
ИмаммухӀамадица данде гьабуна чанго тӀехьги.
-
62
Гьев унтараб мехалъ гьесде раккизе рачӀунел рукӀун руго гӀемерал гӀадамал.
-
63
ИмаммухӀамадица гӀумруялъ данде гьабураб цо тӀехь гьесул рокъоса бикъун ун буго гьесулго гӀагарав чияс.
-
64
Гьелдаса нахъе гьев гӀакълу хисун лъугьун вуго.
-
65
Гьигьалъа ХӀусайнияв МухӀамадица гьеб тӀехьалдаса къокъ гьабун бахъараб лъебергогӀанасеб гьумер буго дихъ.
-
66
Гьелда тӀад хъван буго гӀемер нилъеда лъалареб нилъер магӀарул ва чачан халкъалъул рагъазул тарих.
-
67
Гьелъул хӀакъалъулъ мухӀканго дица бицина цойги нухалъ.
-
68
Иргадулаб данделъи букӀуна Харахьиб кӀудияб мажгиталда.
-
69
Гьениб Шамилица гӀуцӀула Дагьистаналъул вакилзабазул мажлис ва гьездаса Шамилица тӀалаб гьабула жиндие тӀубараб къагӀидаялъ хӀукму къотӀеян.
-
70
Гьеб данделъиялда букӀараб халкъалъул пикру бикьула.
-
71
Цояз абула хункарасул изну гьечӀого имам вишизе бегьуларин, цогидаз абула къурайшияв тезе кколин имамлъунин.
-
72
Гьеб мехалъ Шамилица тӀадеги вахъун абуна: "Ле, кӀудиял гӀалимзаби, дида бихьулеб буго гьаб нужер данделъи, щибго хӀасил гьечӀого лъугӀизехъин букӀин.
-
73
Дида лъикӀаблъун бихьула, нужецаги къабул гьабуни, гьаб заманаялъул кӀудияв мужтагьид Хъваршиса Загъалав ахӀизе ва гьесде гьаб нилъер ишги тӀамун, гьес гьабураб хӀукмуялда нилъги разилъизе.
-
74
Шамилил рагӀиялада киналго тӀад рекъола.
-
75
Шамилица кагъатги хъван Загъаласда хадув чи витӀула Харахьиве вачӀаян гьарун.
-
76
Загъалав шайих вачӀине вугеблъи лъараб мехалъ, батӀи-батӀиял росабазул ва миллатазул гӀемераб халкъ бакӀарула Харахьибе.
-
77
КватӀичӀого вачӀарав Загъалав шайихас цевеги вахъун абула: "Ле, кӀудиял гӀалимзаби, гьеб масъалаялъул аслуялдасанго нуж мекъи ккун руго.
-
78
Нужер халиф ккун буго нужеца хункарасе къотӀи гьабулеб гӀадин.
-
79
Хункарасе гуро гури нужеца къотӀи гьабулеб бугеб.
-
80
Хункарасул кумек щолареб бусурбанаб халкъалъ жидерго тӀалаб гьабулев цо бетӀер вищизе ккола".
-
81
Загъалав шайихасул гӀадат букӀун буго гьакӀкӀан кӀалгун велъулеб.
-
82
Велъизеги велъун гьес нахъеги абула: "Аллагьас тӀадаб гьабун буго лъабго бусурбан чи нухда вугони цояв гьезул бетӀерлъун теян.
-
83
Гьединаб магӀнаялда аварагасул хӀадисги буго.
-
84
Нилъее киса щвелев къурайшияв имамлъун тезе?
-
85
Нилъ руго гьаб заманалда нилъедаго гьоркьоса имам тезе тӀадал чагӀи".
-
86
Умавиязул-зулму цӀикӀараб мехалъ гӀабасияздалъун гьезул зулму тӀаса ин.
-
87
Гьелда гьоркьор ккарал жал: ХӀажатилги ибн Зубаирилги лъугьарал жал, халифлъи къваригӀун васас эмен чӀваялъул, инсуца вас чӀваялъул, вазирас живго чӀваялъул.
-
88
Хадуб бицуна Багъдадалъул халифаталъул, татаразул Гьулагуханасул хӀакъалъулъ, къарамитӀазул пачалихъ лъугьунелъул гьабураб чӀвай-хъвеялъул.
-
89
Гьелда хадуб бицуна Египегалда черкессазул пачалихъ лъугьиналъул, гьезул хӀакимзаби Буркъакъидасан Туманбейиде щвезегӀан.
-
90
Цинги рехсола вагьабияталъул питна, фатишидазул пачалихъалъул лъугьарал жал.
-
91
Загъалав шайихас гьеб дугӀа гьабулаго Шамил гӀодула, имамасул гӀодиялъухъе тӀолго данделъараб халкъги гӀодула.
-
92
Гьедин Загъалав шайихас имамлъун тасдикъ гьавула Шамил.
-
93
КӀочон тун вукӀана гӀемераб мехалъ Шамилил бишун хириявлъун вукӀарав мужтагьид.
-
94
Гьеле гьелъие нугӀлъи гьабулел Игьалиса Чупаласул рагӀаби: Хвел Имам Шамилилги Загъалав шайихасулги хвалил хӀакъалъулъ гӀараб тӀахьазда хъван ругел мухъал: Загъаласул зияраталда жаниб бугеб зонодаги бихьизабун буго имам Шамил хвараб тарих.
-
95
Хъваршиб росдал хераз бицанихъе, Загъалав шайих хвараб къоялъул маркӀачӀул какда цебе къилбаялъул рахъалда бугеб магӀардасан баккун "Божи" кӀкӀалахъ гьесул хур бугеб бакӀалда нур речӀчӀун буго.
-
96
5 ноябралъ 2018 соналъ ЦӀияб Сасикь - Хъварши росулъа исламалъул гӀалимчи.
-
97
Имам Шамилил гьудул ва гьев имамлъиялда тасдикъ гьавурав шайих.
-
98
Загъаласул эбел-эмен Биценалда рекъон, гьесул кӀудияв эмен КъурбангӀали вачӀун вуго гьанжсеб ЛъаратӀа мухъалъул Гьиндиб росулъа Хъваршиве мутагӀиллъун.
-
99
Дир мугӀалим мунагьал чураяв ГьаракӀуниса НурмухӀамадил МухӀамадхӀажиясда лъалеб букӀун буго Загъаласул эбелалъул тухумалъул цӀар, гьес ракӀчӀей гьечӀого абуна Абашидзе батилин кколин.
-
100
ГӀелмуялде тӀоцересел галаби ТӀоцеве Загъалав лъида цеве цӀалулев вукӀаравали лъаларо.
-
101
АнцӀгогӀанасеб соналъги цӀалун росулъе вачӀараб мехалъ эбелалда лъан гьечӀо жиндирго вас ватӀа вахъизе.
-
102
Шамилилгун гьудуллъи ккей Загъалав цӀализавурал киналго гӀалимзабазул цӀарал нилъеда лъаларо.
-
103
Хадув Шамил цӀализе гьесухъе анин бицуна.
-
104
Ригьин гьаби Загъалас жиндирго росулъ гьабун буго ригьин.
-
105
Загъалас дибирлъи гьабула батӀи-батӀиял росабалъ: Хъваршиниб, ТӀиндиб, Гьигьалъ, КӀванкьада Санкьада дивирлъи гьабизе байбихьаралдаса гӀадамаз гьесда Загъалавдибирин абулаан.
-
106
Дибирлъи ва мугӀалимлъи ТӀиндив дибирлъун хӀалтӀулаго гьес гьениб рагьула мадрас.
-
107
Рехсон телин гьаниб гьезул цо-кӀигоялъул цӀар.
-
108
"Гъараибул гьимян" ва "Кашафул гъумум".
-
109
Жакьа къокъ гьабун бицина гьелда жаниб хъван бугеб Шамил Загъалав шайихас тасдикъ гьавиялъул хӀакъалъулъ бугеб бицен.
-
110
Загъалас имам тасдикъ гьави ЧӀиркъатӀа росулъ Шамил имамлъун вищула гьенир данделъарал гӀемерал гӀалимзабаз ва Дагьистаналъул церсхъабаз.
-
111
Цинги Загъалав шайихас тӀадеги вахъун, Шамилил кверги ккун, гьесдехунги вуссун абула: "Гьаб мажлисалда ругел вакилзабазул вакиллъиялдалъун дица мун имамлъун тезе хӀукму гьабулеб буго", - ян.
-
112
Имамасе насихӀат ДугӀа-алхӀамалдаса хадуб гьес абула: Цинги Загъалав шайихас Шамилие бицуна умавиязул халифлъилъул ва ГӀабасиязул халифлъиялъул.
-
113
Гьенив вукъула жамагӀаталъ кӀудияв шайих.