Where a word actually gets used.
Every document below is a real text — folklore, news, radio, records. Open one to read it, or search across all of them for a word.
ХӀамзатил Расул
-
1
Гьезул байбихьи уна хӀатта анцӀила лъабабилеб гӀасруялде щвезегӀан.
-
2
БатӀи-батӀияб къисмат букӀана гьезул: цин загӀиплъун, цинги камиллъун, амма, сундухъго балагьичӀого, гьел кидаго церетӀолел рукӀана.
-
3
Жакъа гьел бухьенал рахана цӀияб даражаялде, цӀилъана гьезул хӀасилги хасиятги ва гьениб кӀудияб, аслияб бутӀа лъугьана ХӀамзатил Расулил адабияб хӀаракатчилъиялъ.
-
4
Араб гӀасруялъул 50-абилел соназда байбихьана магӀарул шагӀирасул бухьенал Турциягун.
-
5
Гьел соназда Расул вукӀана Дагъистаналъул хъвадарухъабазда гьоркьоса Турциялде щварав тӀоцевесев шагӀир.
-
6
Хадуб гьев гӀемер ана гьеб улкаялде батӀи-батӀиял къокъабазда цадахъги живго хасаб сапаралъги.
-
7
Дагъистаналъул шагӀирас Турциялде гьарурал зияратаз квербакъулаан гьесул гьудуллъи-гьалмагълъи цӀикӀкӀиналъе, турказул жамгӀиябгун културияб дунялалда гьесул лъиданиги релълъенчӀеб гьунар гӀатӀидго тӀибитӀиялъе.
-
8
Хасаб рокьигун, чӀухӀигун ралагьулаан Расулил адабияб гьунаралъухъ Турциялда бугеб дагъистаниязул жамагӀаталъул вакилзаби - гьеб улкаялъул ватӀанчагӀи.
-
9
Турциялда Расулил рукӀарал гӀемерал гьудулзабазда, лъале-хъвалезда гьоркьоб хасаб бакӀ кколаан гьеб улкаялъул машгьурал хъвадарухъабаз: Назим ХӀикметица, ГӀазиз Несиница, Яшар Кемалица, Демирташ Жейхуница ва цогидазги.
-
10
Гьел ва гьел гурел цогидалги турк миллияб адабияталъулги култураялъулги вакилзабазда лъикӀ лъалаан Расул, ракӀ-ракӀалъ загьир гьабулаан гьесдехун букӀараб жидерго гьоркьоблъи, кӀудияб къимат кьолаан гьев машгьурав магӀаруласул напсалъеги гьесул хасаб гьунаралъеги.
-
11
Гьелъие мисаллъун гьанир рачине бегьула хъвадарухъан ва жамгӀияв хӀаракатчи, турк адабияталъул классик Яшар Кемалица Расулида абурал гьал хадусел рагӀаби: «Хирияв Расул, дие рокьула лъикӀал ва рохиялъ цӀурал гӀадамал, щай гурелъул гӀумру бокьулел гӀадамаз берцин гьабула ракь… Мун гӀадиналгун лъай-хъвай букӀин - гьеб ккола инсанасе хӀакъикъияб талихӀлъун.
-
12
Мун вуго ракӀ лъикӀав, гӀагарав чи, сверухъ гьурмал гвангъула, мун ваккараб мехалъ.
-
13
Дица цо чанго шигӀру цӀалана дур, гьебги турк мацӀалда, ва пикру гьабуна: хасго гьединал гӀадамазул лъугьуна кӀудиял шагӀирзаби, тӀубараб гӀумруялъ жидерго лъимерлъи цӀунизе кӀварал…»
-
14
Амма Расулги хутӀулароан налъулавллъун турк гьудулзабаздехун ругел жиндирго хинал ва гьудуллъиялъулал гьорькорлъаби загьир гьариялда цеве.
-
15
Гьев чӀухӀарав вукӀана турказул шагӀир Назим ХӀикметилгун букӀараб гьудуллъиялдаса, бетӀер къулулаан гьесул бахӀарчилъиялдаги къвакӀиялдаги цебе.
-
16
Расулица кӀудияб къимат кьолаан ракълие, халкъалда гьоркьоб гьудулъиялъе, жиндирго къо бихьараб ватӀаналдехун ва гьелъул язихъаб халкъалдехун бугеб рокьуе рецц гьабун ахӀараб гьесул пагьмуяб гьунаралъе.
-
17
Гьелдаго цадахъ гӀолохъанав Расулие рекӀее гӀолаан ХӀикметил поэзия, гьелъул гуманистияб хасият, философияб хӀасил, оригиналияб поэтика, гвангъараб ва такрарлъи гьечӀеб сипатлъи.
-
18
Гьес турк мацӀалде руссинаруна ва басмаялда рахъана «Дир Дагъистан» абураб тӀехьги (1984) кӀиго шигӀрияб мажмугӀги - «Лирика» (1986), «МагӀарул гӀор, гӀакълу гьечӀеб лъим» (1991).
-
19
ХӀамзатил Расулил асарал турк мацӀалда басмаялда рахъи хутӀулароан тӀахьал цӀалулез, адабият бокьулез, критиказ гьезда тӀасан жидерго пикру загьир гьабичӀого.
-
20
Гьезул рецензиябиги макъалабиги зама-заманалда раккулаан газетаздаги журналаздаги.
-
21
Хасго кӀудияб кӀвар кьуна турказул цӀалулез «Дир Дагъистан» тӀехьалъе.
-
22
Мукъадасав апостол Андрей ТӀоцевеахӀарасул орденалъул (2003) ва ункъго Ленинил орденалъул кавалер (1960, 1973, 1974, 1983).
-
23
КӀудияв гьалмагъасул шигӀрияб дунял, пикраби ва гьесул рекӀел хӀал лъикӀ ричӀчӀулаан магӀарул шагӀирасда, гьел тӀуранго данде кколаан гьесул жиндирго рекӀел асараздаги.
-
24
Щай гурелъул гьениб авторасул адабияб гьунар рагьиялда цадахъ турказда бихьизабуна Дагъистаналъул гӀажаибаб дунялги, гьелъул гӀадамалги, нексияб тарихги, бечедаб култураги ва гь.
-
25
М. Социалистикияб захӀматалъул гьерой (1974), Дагъистаналъул халкъияв шагӀир (1959), III даражаялъулаб Сталинилаб (1952), Ленинилаб (1963) премиязул лауреат, гьединго М Горькиясул цӀаралда бугеб премиялъул лауреат(1980).